Дир гIагараб улка гIатIидаб буго, регионалги гьелъул гIемерал руго...

Федерациялъул Мажлисалъул бетIер Валентина Матвиенкоца рикIкIунеб буго, заман щун бугин федерациялъул субъектал кIодолъизаризе. Кин гьеб гьабизе бегьулеб ва щиб гьединаб галиялда нахъ букIине бегьулеб?

Your browser doesn’t support HTML5

Дир гIагараб улка гIатIидаб буго, регионалги гьелъул гIемерал руго...

НТВ телекомпаниялъул «Поздняков» абураб программаялъе интервью кьолаго, Федерациялъул Мажлисалъул спикералъ рехсечIо цониги регион ва цониги субъект. Аммайин лъазубана гьелъ, цо-цо субъектал кIодолъизаруни, ресал раккизе ругин захIматал ва шартIал квешал бакIазда гIадамазул гIумру лъикIлъизабизе.

Валентина Матвиенко: «Ресукъаб ва цебетIеялъул рахъалъан перспективаби дагьаб яги цогидаб бечедаб регионалда гIадамазул гIумру букIине кколаро захIматаб».

2003-са 2009 соналде щвезегIан Россиялъул регионазул къадар дагьлъана 89-ялдаса 83 щвезегIан. Анлъго автономияб округ, гьездаго гъорлъан лъабго (Коми-Пермяказул, Коряказул ва Агин-Бурятазул» кьуна Пермалъул, Камчаткаялъул ва Читаялъул областазде гъорлъе.

Усть-Ордаялъул Бурятазул округ цолъизабуна Иркутск областгун, Красноярскаялъул краялде гъорлъе кьуна Таймыралъул ва Эвенкиязул автономиял округал.

Жакъа Крымги рикIкIун Россиялъул федерациялда гъорлъ буго 85 регион.

Матвиенкол инициативаялъул рахъ ккуна палатаялъул гIахьалчагIаз. Федерациялъул Мажлисалъул эконмикияб политикаялъул комитеталъул вакил Сергей Калашниковас рехсана, гьесул пикруялда, нахъе тIамичIого кIодолъизаризе кколел регионал.

Сенаторас рикIкIунеб буго цолъизабизе кколин Смоленск, Брянск, Калуга, Орлов областал ва Липецк, Рязань, Воронеж областал.

Гьесго абулеб буго, Централияб Россиялъул регионазул магIишатазул схема цоцада релъараб бугин. Цогидаб рахъалдаса балагьани, цолъизарулел мехалда цоял субъектазда камун рукIарал ресал, цогидаз щвезаризе бегьула, мисалалъе хIалтIул сурсатазул бицен гьабулеб мехалда. Цолъизарураб экономикияб хIаракаталъул асарги гIемерго цIикIкIунин.

Калашниковасул пикруялда, цолъизаризе ккола гьединго Волгаялъул миллиял субъектазул цоялги. Мисалалъе, Чувашия, Мордва ва Мари Эл. Цолъизарурал экономикиял конгломератал лъугьине бегьула Пермь крайги Свердлов областги журазаруни, Хабаровскалъул край, Амур ва ЖугьутIазул автономияб областал цолъизаруни.

Сенаторас кIвар буссинабулеб буго, гьениб миллияб къадру хвезабиялъул бицен гьабулеб гьечIолъиялде. Экономикияб интеграция кризисалъул шартIазда дагьалъги кIвар кIудияб жо бугин, жубалеб буго Калашниковас.

Матвиенкол инициативаялъул рахъ кколеб букIиналъул хIакъалъулъ гьанжеялдего лъазабуна чанго губернаторасги. Мисалалъе, Вологодск областалъул бетIер Олег Кувшинниковас. Амма, гьесие ракIалъе гIолеб гьечIо жиндирго субъект цогидаб регионалде гъорлъе кьезе бегьиялъул пикру.

Гьеб галиялъе лъикIаб къимат кьолеб буго Хабаровск краялъул бетIер Вячеслав Шпортица. Карелиялдаса сенатор Сергей Катанандовас рикIкIунеб буго, субъектал кIодолъизариялъ загIипал регионазе цIияб рухI щвезе бегьулин.

Матвиенкол пикру ракIалъе гIун буго гьединго Пачалихъияб Думаялъул миллияб политикаялъул комитеталъул бетIер ХIажимет Сафаралиевасеги.

ЭР. – Кин дуда кколеб, бицен гьабулеб инициативаялъул пикруялда рекъон, кколищ цолъизаризе Шималияб Кавказалъул республикаби?

Сафаралиев ХIажимет: «Шималия Кавказалъул федералияб округалда хурхун кинал гIаги галаби гьаризе бегьула, гьеб инициативаялда рекъон. Щайгурелъул гьеб ккола гIемер миллатазул, гIемер конфессиязул регион.

Гьаб рахъалда хурхун дагьалъ батIияб къагIида хIалтIизабизе ккола. Цолъизаризе бегьула унгоги РикIкIадисеб Машрикъалъул, Сибиралъул, Уралалъул, Волгаялъул регионазул субъектал ва гьединаб къагIидаялда цIикIкIинабизе бегьула гьезул потенциал.

Миллиял республикабазда хурхун лъакIаланго ургъизе ккола. ГIуцIизе ккола хасаб, батIа чIараб программа. Гьелги цолъизаризе бегьулел ратила, амма цогидаб кьучIалда».

Чувашиялъул талъиялъе бокьун гьечIо щалгун рукIаниги, цолъизариялъул пикру аскIобе биччазе. Гьелда бан республикаялъул бетIер Михаил Игнатьевас абулеб буго, «гьеб суал гьоркьобни лъезе бегьулин, амма регионалъул къисматалда хурхун, ратIа чIарал хъулухъчагIаз гуреб, жибго халкъалъ хIукму гьабизе кколин».

Бищунго ццим бахъараб реакция букIана Ростов областалдаса депутат Михаил Емельяновасул. Гьес рикIкIунеб буго Матвиенкол идеялдаса пачалихъалъе хIинкъи бугин. Гьес абулеб буго, гьеб пикру цIияб гурин, гьеб къватIисан бачIараб бугин. Цоязе Россия бих-биххун ине бокьун бугин. Гьединлъидал гьединал идеязда хурхун цIодорго рукIине кколин.

Цо-цо экспертазги абулеб буго, субъектал кIодолъизариялдаса цо-цо нухалда пайда букIунин, амма гьелдасан цо-цо хIинкъиялги рукIунин, хасго экономикияб кризисазул заманазда, гьелъ гIадамазул стрессал рижинарулин. Ругин цогиги батIи-батIиял проблемабигиян.