Украиналъул пилот Россиялъул СИЗОялда

МИ-24 тирелоялъул пилот Надежда Савченко

Луганск областалда асир гьаюрай ва хадуй Киевалъ рикIкIунхъе, Россиялде щвезаюрай Украиналъул пилот Надежда Савченко Воронежалъул изоляторалда хутIизе рагIула 30 августалде щвезегIан. Гьелде гIайиб гIунтIизабулеб буго ВГТРКялъул журналист Игорь Корнелюк ва Анатолий Волошин чIваялъе квербакъи гьабиялъул.

Украиналъ ва халкъазда гьоркьосел инсанасул ихтиярал цIунулез гIуцIабаз нахъ чIвалел руго Савченкоде гIунтIизарулел гIайибал ва тIалаб гьабулеб буго гьей эркен гьайи. Гьез абулеб буго, Россиялъул территориялде Савченко щвезаюнин къанунияб гуреб къагIидаялдайин, гьелда хурхараб хIакъикъат релъараб букIанин йикъиялдайин.

Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул версиялда Украиналда асир гьаюрай Савченко Воронежалде ячIун йиго жийго жидерго бакIаздаса лъитизе ккарай хIисабалда.

Украиналъул рахъалъ абулеб буго, асир гьаюн хадуй пилот Луганскалъул сепаратистаз кьунин Россиялъул низам цIунулезухъеян.

33 сон барай МИ-24 тирелоялъул штурман-оператор цее халкъазда гьоркьосеб рекъел чIезабиялъул къуватазда Украиналъул контингенталда гъорлъ йикIана ГIиракъалда. Счастье абураб шагьаралда аскIоб сепаратистазухъе ккараб мехалда гьей йикIун йиго «Айдар» абураб жидеего бокьун рагъулезул хасаб батальоналъул офицер.

Араб рузман къоялда жив Савченкол адвокат кколин, Твиттералда лъазабуна машгьурав юрист, Pussy Riot абураб музыкалияб къокъаялъул ишалда гIахьаллъарав жигараб гражданияб позиция бугев Марк Фейгиница.

Марк Фейгин: «Воронежалъул СИЗОялда гьейгун щвалде щун кIалъазе рес щвечIониги, загьирлъулелде балагьун, бокьарав гIаклу бугев чиясда бихьула гьей цояз цогидазухъе кьун йикIин. Луганскалъул республикаялъул вакильзабаз россиялъул низам цIунулел идарабазухъе кьун йикIин. Дида цебе чIезабизецин кIоларо, гьелъ жиндиего бокьун Россиялъул гIорхъи бахиналъул ва гьенир гIорхъаби цIунулезул пункталда кквеялъул версия. Гьеб фантастикаялда релъараб жо ккола.»

Савченкол хIужжаялда хурхун такъсирияб иш рагьизе бегьулин, гIадамал рикъиялъул статьяги хIалтIизабунин жубалеб буго Фейгиница.

Савченкоца гIорхъи бахиналда хурхун дагьалъ цIикIкIун лъазе рес букIанин, амма гьанжеги гьейгун дандчIвазе жиндие рес кьечIин абулеб буго гьес. Гьелдаго цадахъ Савченко цIуниялъул мурадалда вихьизавун вуго тIадеги кIиго адвокат. Гьел кколел руго Николай Полозовги Илья Новиковги. Гьелги рикIкIунел руго Россиялда гIуралъ махшел кIудиял ва машгьурал юристаллъун.

Москваялда Украиналъул консул Геннадий Брускаленкое I6 июлалъ гурони изну кьун гьечIо Савченкохъе щвезе. Гьанже гьев къваригIунел документал хадурулев рагIула.

Фейгиница абулеб буго, Савченко жиндир клинет гьанеж кколин абураб лъазаби Твитералда бахъарабго, гьенир ракканин гIемер комментариялин. Гьезул цоялда хъван букIанин: «Гьелъие анцIго сон кьезе буго. Дур ургъел ккун гьечIищ, дур репутациялъ гьелъие дагьал сонал рихьизариялъул рес къотIизабизе бегьулиялда бан?» абун Гьеб букIанин жинда Pussy Riot-алдаса Алехина ва Толоконникова цIунизе бажаричIолъи ракIалде щвезабун жинди тункизабураб хъвай-хъвагIайин, абулеб буго Фейгиница. Цогидаздайин, жубалеб буго гьес, Савченко цIунизе дун разилъиялда нахъ бихьанин диего рекламаялъул, пиар-акцияйин.

Марк Фейгин: «Надеждал хьвада-чIвадиялдаса гIадамал тамашалъун руго. Видеоялъухъ балагьана дун. Гьей чIвазе хIинкъиял кьолел гIадамазде бадиеги балагьараб кьварараб хьвда-чIвади букIана гьелъул. Гьелъ бихьизабуна, жинцаго кьураб гьаялъе хияналъе гьаблареблъи. Жанубиябгун машрикъалъул рагъ унеб фоналда гьелъул хьвада-чIвадиялъ украиналъулазулъ бижинабилеб батила рокIол къвакIлъи. Диеги бокьун буго гьел божизаризе, хьулал тагIун гьечIеблъиялда. Гьей доя Луганскалда чIвазе рес букIана. Гьанжейин абуни, гIемер жо бараб букIине буго гьей цIуниялдаги, аслияб къагIидаялда батичIониги. Гьединлъидал дица хIаракат бахъулеб буго моралияб рахъалдаса гьелъие квербакъи гьабизе.»

Савченкохъе риччан руго Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулел. «ГIазаб кьолареб Россия» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Анатолий Малаховас абулеб буго жив щванин Воронежалъул СИЗОялде ва жиндир рес букIанин Савченкое чIезарурал шартIал рихьизеян.

Анатолий Малахов: «Дун щвана гьелъухъе. Гьелде квешаб бербалагьи букIарабни, гьелъ гIарзал гьариларианха. Гьелъул гIуралъ эркенаб хьвда-чIвади бугоан. КIалъана гIурусалъ. Физикияб асар гьабунищ дуде абун лъураб суалалъе жаваб кьолаго гьелъ, абуна гьединаб жо букIинчIин».