КIиго гражданлъи - чанго ургъел

КIиго гражданлъи букIиналъул балъголъи гьабиялъе гIоло тамихI гьабиялда хурхараб Россиялъул цIияб къануналъ раккизарулел руго гIемер суалал ва хIинкъиял. КъватIисел улкабазда гIумру гьабун ругел Россиялъул гражданазда гьеб къанун хъвалеб гьечIин абулеб буго цояз. Гьелда абизегIанго божулел гьечIо цогидал.

4 июналда президент Владимир Путиница гъулбасараб къануналъ Россиялда гIумру гьабун ругел Россиялъул гражданазда тIадаблъун гьабулеб буго къватIисел пачалихъазул гражданлъи яги гьеб босиялда цебесеб статус букIиналъул хIакъалъулъ нухмалъиялда лъазаби. Гьеб тIалаб хъвалеб рагIуларо къватIисел улкабазда гIумру гьабун ругел россиялъулазда.

Гьедин букIаниги, цоязул пикруялда, къватIисел пачалихъазда гIумру гьабун ругел аза-азар россиялъулал ккезе бегьула жидерго статусалда бан лъазабиялъул яги Россиялда гIумру гьабун гьечIеблъи бихьизабиялъул мурадалда регистрациялдаса инкар гьабиялъул диллемаялде цере. Ахирисеб гIемерисезе бокьизе гьечIо, гьелъ рукъуре унеб мехалда бюрократиял тIокIлъаби рижизаризе бегьиялда банин, рикIкIунеб буго гьединаз.

ТIалаб тIубазабичIолъиялъе гIоло гIакIаби лъеялъул яги жамгIиял хIалтIаби гьаризе тIамиялъул тамихIалде гъоркье ккеялъул хIинкъи букIиналда бан, къватIисел улкабазда гIумру гьабун ругез гIамал гьабулеб буго Россиялъул вакиллъиязда яги Интернеталда жаваб батизе, къануналда сверун раккулел суалазе.

КъватIисеб пачалихъалъул гражданлъи букIин лъазабизе кколеб буго Россиялъул миграциялъул хъулухъалда. Гьеб къанун хIалтIизе байбихьулеб буго 5 августалда ва кIиабилеб гражданлъиялъул хIакъалъулъ лъазабизе кколеб буго 60 къоялда жаниб. Амма къануналда цадахъго бахъун гьечIо гьелъул магIна мухIкан гьабулеб документ.

«ГIурус Вашингтон» абураб гIурус мацIалда кIалъалел мигрантазул гIуцIиялъул президент Елена Старосельскаялъ бицунхъе, «цIияб къануналда хурхун гьанжеги паника гьечIо, амма консультацияби гьарулезул къадар кIудияб буго». Гьелъ абулеб буго Вашингтоналда бугеб Россиялъул вакиллъиялъ киналгIаги комментариял гьарулел гьечIин, амма рагIи колеб бугин «Москваялъ кьуралго, мухIканлъиял заманалда къватIир чIвазаризеян».

Гьелдаго цадахъ консуласулгун букIараб гара-чIвариялда жиндаго лъаралда сверун пикру гьабун гьелъ гIадамазе цо-цо малъиял гьарулел руго.

Елена Старосельская: «ХIакъикъаталдаги гIадамазул ургъел ккун буго. Амма, гьеб къанун дидаги хурхараб бугелъул, дица рикIкIуна щибниги цIияб жо гьениб баккун гьечIин.»

Гьелъ абулеб буго гьеб къанун киналго гражданазда хурхараб гьечIин.

Елена Старосельская: "Россиялда прописка, регистрация гьечIел гIадамазе, гьеб къануналъул кинабгIаги кIвар гьечIо!"

Къанун къабул гьаби данде ккана Москваялъулги Магърибалъулги гьоркьорлъаби хIалуцараб мехалде. Кремлалъул критиказда гьелда нахъ бихьулеб буго Россиялъул нухмалъиялда «жиб сверун ккун бугин» абураб пикру щулалъулеб букIин, хасго гьеб къануналъул рахъ кколез «щуаубилеб колоннаялъ» магърибалъул улкабазул мурадал тIуразарулаго, Россия жанисан талхизабизе гIамал гьабулеб бугин, лъазабулеб букIиналде балагьун.

«Баянаб жо ккола, кIиго гражданлъи букIиналъ Россиялъул гражданлъиялъул ва жиндирго ватIаналъул бугеб бербалагьиялъул къадру хвезабулеб букIин» - ян лъазабуна къануналъул проекталъул автор Андрей Луговояс. Александр Литвиненкое загьру кьеялъул гIайиб гIунтIизабун гьев валагьиялде лъазавуна Британиялъ 2006 соналда.

Чикагоялда гIумру гьабун йигей Москва областалда гьаюрай Ксенияца жиндирго фамилия бицичIого лъазабуна, жий данде гьечIин Америкаялъул гражданлъи букIиналъул хIакъалъулъ лъазабизе. Гьелъ рикIкIунеб буго къанун Россиялда гIумру гьабун ругел оппозициялъулаздеги бизнесменаздеги данде бахъараб бугин ва жиндие гьелъ, гIицIго гIададагосеб екерахъди баккизаби гурони, тIокIаб квал-квал гьабизе гьечIин.

Амма гIемерисезда гьеб къануналдаса кIудияб хIинкъи бихьулеб буго.

Нью-Йоркалда гIумру гьабун йигей Evans Property Services абураб мина-карталъул агентлъиялъул вакил Анна Левитовалъул буго Цолъарал Штатазул «гIурччинаб карта». Гьелъ абулеб буго, гьеб къанун хурхараб гьечIин гIицIго информация баянлъизабиялдайин.

Анна Левитова: «КъватIисел улкабазде ине рес кьолеб паспорт босулеб мехалъ Россиялъул гражданаз гьедингоги бихьизабула къватIисеб улкаялъул гражданлъи букIин яги букIунгутIи. Гьеб гуребги, гIорхъаби цIуниялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаздаги гьадингоги бихьула къватIисеб пачалихъалде виза гьечIого унел гIадамазул гражданлъи яги гражданлъи босиялда цебесеб статус букIин. Гьеб къанун хурхараб буго потенциалиял хиянатчагIазул сияхI гIуцIиялда. Гьез нилъ гьединаллъун рукIкIунелги руго.»

Россиялъул къанунал рахъулезул хIисабалда, 2010 соналда къватIисеб улкаялда гIумру гьабун букIана цо миллионгун 600 азарго россиялъулас, гьезул бащдабгIанаб къадар – Евроцолъиялъул улкабазда, Израилалда ва Цолъарал Штатазда.

Цолъарал Штатазул жанисеб хIинкъигьечIолъиялъул департаменталъул ахирисеб статистикаялда рекъон, 2003 соналдаса 2012 соналде щвезагIан 83 азарго россиялъуласе щвана Америкаялъул гражданлъи. 2000 соналдаса 2012 соналде щвезагIан Цолъарал Штатазул «гIурччинаб карта» щвана 193 азарго россиялъуласе. Амма гьезул гIемерисез гIумру гьабун букIараб бакIалда хутIулеб буго киналго россиялъулазулго гIадаб регистрация.

ЦIияб къануналдаса кIудияб асар букIине бегьула магъалабазул рахъалдаса. Соналда жаниб Россия тун къватIиб I83 сордо-къо бахъулел гIадамаз къануналда рекъон, Россиялда жаниб щолеб пайдаялдаса пачалихъалъе кьезе ккезе буго 30 проценталъул магъало.

Левитовалъ абулеб буго, Россиялда регистрация хвезабун, къватIисеб пачалихъалда гIумру гьабун букIиналъул регистрация гьабуни, гьелъ рачине руго магъалабазул 30 процент кьеялде. «Регистрация Россиялда хутIулеб бугони ва къватIисеб улкаялъул паспорт букIиналъул яги цогидаб гражданлъиялъиялда цебесеб статус букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуни, чиясул цIар гъорлъе кколеб буго дагьалъ цIикIкIун магъалаби кьезе кквеялда сверун хал гьабулел гIадамазул сияхIалде гъорлъе» - ян абулеб буго Левитовалъ.