«Справедливая Россия» партиялдаса Геннадий Гудков заман щвелелдего депутатасул мандаталдаса махΙрум гьави гьарулеб буго Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкаца Пачалихъияб Думаялде гьабураб хитΙабалда. Гьелъие гΙилла загьир гьабулаго прокурорас рехсолеб буго Гудковасул хъаравуллъиялъул фирмаялъул хΙалтΙуда гΙунгутΙаби рати. Живго Гудковас абулеб буго, гьеб кколин моцΙалъул ахиралда тΙоритΙизе ракΙалде ругел оппозициялъул тадбирал ракΙалдеги росун, Кремлалъ жиндирго оппонентазде данде гьабулеб тΙадецуялъул цокъагΙидайин. Гьедин бицунеб буго жидерго макъалаялда ЭР-лъул мухбирал Данила Гальперовичица ва Роберт Колсоница.
2011 соналъул декабралда парламенталъул 2012 соналъул марталда президентасул рищиязда «Единая Россия» партиялъеги Владимир Путиниеги пайдагун макру-хΙилла гьабунин абураб пикру загьир гьабун хадуб, Гудковасе Кремлалъ ва гьелъул сверухълъиялъ кьолеб кΙвар бихьулеб къагΙидаялда цΙиккана. Гьелъул хΙасил хΙисабалда бихьулеб буго цоязда Гудковасул коммерциялъулаб хΙаракатчилъиялда мекъал хΙужжаби загьирлъулел ругин абун, гьев депутатасул мандаталдасан махΙрум гьави гьарулеб Генералияб прокуратураялъ 3 сентябралда Пачалихъияб Думаялде битΙараб хитΙабги.
Россиялъул цΙехх-реххалъул комитеталъул вакиль Владмимр Маркин: "Россиялъул цΙехх-реххалъул комитеталъ Пачалихъияб Думаялде битΙана букΙаралде тΙадеги материал. Гьеб документалда, мисалалъе, лъазабулеб буго гьесул контролалда гъоркь ругел коммерциялъулал гΙуцΙияздассахун "Пантан" абураб хΙинкъигьечΙолъиялъул агентлъиялъул хъаравуллъиялъул фирмаялда гьев депутат гΙахьаллъулев вукΙиналъул хΙакъалъулъ."
Амма ЭР-лъул программаялда гΙахьаллъулаго, Гудковас нахъ чΙвана жиндаго гΙунтΙизарулел гΙайибал, компаниялъул акцияби жиндихъ ругила, амма жив гьелъул нухмалъи гьабиялда гΙахьаллъуларинги абун.
Гудковас абулеб буго жинде данде гьабулеб гьужум хурхараб бугила Ι5 сентябралда Москваялда тΙобитΙизе планалда бугеб «Миллионазул маршалда» депутат хΙисабалда гьеб акциялъул гΙахьалчагΙазда цеве жив цеве вахъине рес тагΙинабиялъул мурадалда Кремлалъ битΙахъего кьураб буюралдайила. Гудков ккола гьеб акция гΙуцΙулезул цояв.
Гудковасул рагΙабазда гьесда лъала мухΙканго щиб къваригΙун бугеб гьесде данде чΙаразе Ι2 сентябралда тΙобитΙизесеб депутатазул данделъиялда.
Геннадий Гудков: «Дир ракΙ чΙараб буго, Ι2 сентябрь нилъер "кΙалгΙаялъулазул" логикаялда рекъон, цΙакъ данде кколеб дата букΙиналда. Гьезул пикруялда, Гудков ва гьевгΙадал вухьинеги вухьун жаниве рехизе ккола. Абулеб буго гьезул лексика хΙалтΙизабун. Депутат Гудковасул мандаталъ квал-квал гьабулеб буго гьезие. Гьединлъидал гьез бокьараб къагΙидаялда, багьанаби ургъун, берал къан чΙегΙераб хъахΙаблъун, хъахΙаб чΙегΙераблъун бихьизабун, Ι2 сентябралда гьез гΙамал гьабизе буго Гудковасухъа мандат бахъизе. Гьедингурони, кинха гьез цере рахъунел оппозициялъул лидерал сценаялдасан рачун аресталде гъоркье росизе кколел!"
Гудковас абулеб буго, гьаркьал кьеялъул хΙассилалда бан жиндир кинабгΙаги оптимизм гьечΙилан.
Геннадий Гудков: "Гьеб ахΙи-хΙуралъул политикияб кьучΙ жинда гъоркь бугеб хΙассил букΙиналде дун вас-васдуларо. Щайгурелъул дида мухΙканго лъала Кремлалдаса бачΙараб буюр букΙин, бокьараб къагΙидаялда Гудков мандаталдасан махΙрум гьавиялъул."
Гьедин букΙаниги, Гудковас кверал гΙодоре риччалел гьечΙо. Гьес «Единая Россия» партиялдаса дагьалъгΙаги жиндирго божилъи бугев 50-гΙанав депутатасухъе битΙун рагΙула кагъат, кремлалъ гΙуцΙараб политикияб экзекуциялъе гьаракь кьунгутΙиялде ахΙун. Депутат Александр Хинштейница лъазабун буго, жинца гьединаб хΙукму къабул гьабиялъе гьаракь кьезе гьечΙин.
ЦΙехх-рехалъ цΙиял документал Думаялде кьуралго 3 сентябралда «Единая Россиялъул» лидераз нахъ тΙамичΙого гьужум гьабизе байбихьана. Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Сергей Неверовас журналистазда лъазабуна, Гудковасул бизнесалъул интересал кколин конфликталъул багьаналъунин.
Сергей Невееров: "Нилъеца хΙукму нилъеего гьабизе ккола - нилъеца яги бизнес гьабизе ккола жигараб къагΙидаялда яги нилъ Пачалихъияб Думаялде рищулел ратани, гьел ишаздасан инкар гьабизе ккола."
Гьебго къоялда гьебго «Единая Россия» партиялдасан депутатасул цогидаб лъазаби...
Андрей Воробьев: "Нилъер улкаялда лъиениги ихтияр гьечΙо нухмалъиялда рукΙаго бизнес гьабизе."
Федерациялъул мажлисалъул бетΙерлъун вукΙарав, «Справедливая Россия» партия гΙуцΙаразул цояв Сергей Мироновас лъазабулеб буго, партия кьеркьезе бугин Миронасул рахъ ккунин. Телевидениялъе интревью кьолаго, Мироновас лъазабун буго «Единая Россиялъул» кинабгΙаги ихтияр гьечΙин депутатасухъа мандат бахъизеян. Гьесги ГудковасгогΙадин абулеб буго, прокуратураялъги нухмалъуда бугеб партиялъги Кремлалъул буюралда рекъон галаби гьарулел рукΙиналда жиндир ракΙ чΙараб бугила.
Сергей Миронов: «Нилъеда цΙакъ лъикΙ лъала, «Единая Россиялъулаз» тΙаса буюр гьечΙого щибниги гьабeлареблъи.»