Олимпиада армиялъги цΙунизе буго

«Известия» газетаялъул лъазабиялда рекъон, Сочиялъул хасалил Олимпиял ХΙаязул заманалда къуватиял идарабаз Абхазиялъулги Гъабардагун Балкариялъулги гΙорхъабазда гΙуцΙизе буго, рагъулаз абухъего, спортивияб тадбир цΙуниялъул периметр. Къануналде данде кколарел яргъид гΙуцΙарал къокъабазул тΙадекΙанцΙиял риччангутΙиялъул мурадалда гьединаб къагΙида хΙалтΙизабиялъул буюри кьун буго улка цΙуниялъул министр Сергей Шойгуца 20Ι2 соналъул ахиралда гΙуцΙараб хасаб оперативияб группаялъе.
«Рищараздаса рищарал къокъаби гъорлъе унеб «Сочи» абун цΙар кьураб оперативияб группа гΙуцΙи ва гьелъул дислокация хурхараб буго Олимпиадаялъе Шималияб Кавказалъул республикабазда ругел къануналде данде кколарел яргъид гΙуцΙарал къокъабаздаса бугеб хΙинкъиялда. Армиялъул спецназалъ цΙунизе руго Сочиялъул машрикъалъул рахъалда ругел мугΙрузул мухъал.» - ян лъазабуна улка цΙуниялъул министр Сергей Шойгуца журналистазе. Гьесулго рагΙабазда бащдабгΙанаб соналда жаниб оперативияб группа буссана кΙудияб ва махшел цΙикΙкΙараб кΙуватияб структураялде.

Гьеб группаялъул спецназалъул патрулаз котролалде гъоркье росизе ругΙула, мугΙрузул нухал, сухъмахъал, гΙадамал рахчизе рес бугел бакΙал, гьаризе руго гъоркьчΙелал ва бакΙазул щвалде щварал хал-шал. ЦΙияб хасаб группаялъ гьединго цΙунизе рагΙула туризмалъул мухъалги, мисалалъе Архыз, Теберда, Эльбрусалъул сверухълъи.

Регионалда гΙумру гьабун ругел цо-цо политологазул пикруялда, гьеб кколеб буго битΙараб гали. Яргъид гΙуцΙарал «рохьилазул» къокъабазул рахъалдаса бокьараб галиялде хΙадурал рукΙине ккола гΙемер халкъ гΙахьаллъулел тадбираздаян ва лъил кумекалдалъун гьеб гьабулеб бугебали, кΙвар кΙудияб жо кколирин, риккунеб буго гьез. Амма Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетΙерасда цебе гΙуцΙараб жамгΙиябгун консультациязул мажлисалъул коррупциялде данде къеркьеялъул комитеталъул бетΙер Ягъанов Ибрагьимица нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго, жинда гьеб олимпиада байбихьудасаго баракат гьечΙеблъун бихьулеб бугин.

Ягъанов Ибрагьим: «Гьаб Олимпиада байбихьудасаго мекъаб нухде ккана. Цо босани, цебе букΙараб цогΙаги Олимпиадаялъе хвезабичΙо гьедигΙан гΙемер гΙарац. Дида кколеб буго, гьаб Олимпиада гΙуцΙаразул хΙаракатчилъи аслияб къагΙидаялда хурхараб букΙанин жидееего пайда бахъиялдайин.

Цогидаб рахъалдасан балагьани, Олимпиада букΙине ккола халкъал цолъизарулеб, халкъал ракълиде руссинарулеб тадбир. Амма байбихьудасаго кавказалъул халкъал, хасго гьел бакΙазда гΙумру гьабун рукΙарал черкессал, дорегΙан чΙезарун руго гьеб тадбиралдаса.

Лъабабизе босаниги, кибниги Олимпиял ХΙаял тΙоритΙун ратиларо цΙуниялъе рагъул къваталги гΙахьаллъизарун. Гьеб битΙараб жо гуро. Дир пикруялда, тΙадекΙанцΙиязул, терактазул хΙинкъиял ругел, гΙемер рагъул къуватал ругел, гΙемер гΙадамаз разигьечΙолъи загьир гьабулел бакΙазда Олимпиадаби тΙоритΙизе бегьуларо. Гьединал тадбирал тΙоритΙизе ккола парахалъиги гΙадамазул разилъиги бугеб бакΙазда, гьеб цолъиялъул ва ракълил байрамлъун букΙине къваригΙун батани.

Нилъер гьанибин абуни, щиб кколеб бугеб? ГΙадамал рази гьечΙо Сочиялда бугеб берцинал тΙабигΙиял букΙнал хвезариялда. Гьениб букΙана Россиялда бищунго хинаб, цΙакъ берцинаб бакΙ. Гьезин абуни, гьеб цо параялдаго хвезабуна. Халкъ рази гьечΙо. Дидани кколеб буго гьанже «рази гьечΙин» жибго тΙабигΙатцин. Гьелде данде бугин ккола гьел бакΙазда бугеб атмосфераги, гъутΙбиги, ганчΙалгийин.»

Улкаялъул нухмалъиялъул гьединал галабазда нахъ Ягъановасда бихьулеб буго жидерго логика. Гьесул щаклъи буго, Олимпиял ХΙаязда сверун ургъарал цΙиял галаби, загьирлъизе бегьулел проблемабазул гΙайибал экстремистиял къокъабазде лъеялда хурхарал рукΙиналъул.

Ягъанов Ибрагьим: «Гьанже гьез гьенире рагъул къваталги щвезарулел руго, гьениб хΙинкъи букΙин бихьизабизелъун. Дида кколеб буго, гьез гьабулеб бугин кΙудияб резонанс букΙунеб такъсирин ва гьеб Олимпиада хисиялъе багьаналъун букΙине бегьулин.

Дида кколеб буго гьел хΙадурулел ругин Олимпиадаялдаса инкар гьабизейин, гьениб захΙматаб криминогенияб ахΙвал-хΙал ва Шималияб Кавказалъул республикабаздаса хΙинкъи букΙин багьанадеги босунин. Цогидал рагΙабаз абуни, дида кколеб буго, гьез жидеего нахъе ине нух хΙадурулеб бугин, нагагьлъун Олимпиял хΙаял тΙоритΙизе бажаричΙони, гьелъул гΙайиб пуланал такъсириял къокъабаздеги рехунин.»

«Сочи» абураб оперативияб группаялде гъорлъе унеб буго Жанубияб Рагъулаб округалъул хасал къварагΙелал тΙуразарулеб кΙиго бригада. Гьел руго Ростов областалдасаги Краснодар краялдасаги. Рагъулазул рагΙабазда, гьезие хΙалбихьи щун буго Афгъанистаналда , Бакуялда, чачаналъ ва дагъистаналъул Первомайское росулъ тΙоритΙарал операциязда.