10 соналъ халат рахъарал бахIсазда, скандалазда ва хиса-басияздаса хадуб Санкт-Петербурагалъул гIадамазда жиндирго цIияб сцена бихьизабуна машгьураб Мариинский театралъ. Цере рукІинчIел ресал гьениб буго анлъго сцена, анлъго репетициялъул зал ва цогидаб бихьун гьелда цоял разилъана. Амма цогиязул гьелде букIана жидеде тIаде цIорораб лъим тIурабгIадаб реакция. ЦIорол гьумер бугеб цIвак-цIвакараб минаялъ аслияб кагIидаялда гІадамал гIагализарунин абизе бегьула. Гьез абулеб буго минаялъ шагьаралъул уникалияб архитектура хвезабулеб бугин.
ГІемерисел шагьаралъул гІадамал гьеб минаялъ гІажаиблъизаруна. КІудиял гордалги ругеб цІвак-цІвакараб мина гьеб букІаниги, гІемерисез абулеб буго гьеб сурукъго бихьулеб бугин.
«Diamond Schmitt» абураб канадаялъул фирмаялъ бараб театралъул оригиналияб мина рагьизе ракІалда буго І маялда . Гьеб галиялда жал рази гьечІолъи загьир гьабулеб буго шагьаралъул архитектура цІунулезул къокъаялъ.
«ЧІагояб шагьар» абураб гІуцІиялъул координатор Юлия Минутиналъ абулеб буго, жал хасго данде ругин цебе букІараб базаралъул фасад гьеб проекталда хІалтІизабун букІиналда банин.
Юлия Минутина: «Гьанже нилъеда цебе буго сверухъ бугелде данде кколареб ва батІа босаниги жиндир къимат гьитІинаб мина. Гьениб хІалтІизабураб Литваялъул базаралъул къедалъул фрагмент минаялъул рагІаллъуда седезабурабгІадин бихьулеб буго буго. Гьеб хасго сурукъго буго бихьулеб.»
ЦІияб Мариинка жиндир хаслъи гьечІеблъун ва сурукъаблъун бихьулез театр дандбалеб буго универмаггун яги офисгун. Гьез аза-азар гъулбас бакІарун буго интернеталъул кумекалдалъун гьеб театр биххизабиялъул ахІиялда гъоркь.
Гьедин букІаниги, цІакъ ракІалъе гІолеб буго театр гьелъул нухмалъулев ва бетІерияв дирижер Валерий Гергиевасе. Гьев гьелдаса цІакъ воххун вуго.
ТІоцебе 100 миллион доллар хвезабизе планалда букІун буго гьеб объект баялъе. Амма хвезабун буго пачалихъалъул 629 миллион доллар. Гьеб хІакъикъаталъги борхизабулеб буго жамгІияталъул дандечІеялъул градус.
Гьеб минаялъул критиказул мухъазде гъорлъ гьаб моцІалда вихьулев вуго гьединго Пачалихъияб Эрмитажалъул директор Михаил Пиотровскийги. Бакалъулаб телеканалалъе комментариял гьарулаго, гьес лъазабуна, гьеб кколин архитектурияб гъалатІин.
Михаил Пиотровский: «ГІемерисезе гьеб ракІалъе гІолеб гьечІо гьеб мина. Дир пикруялдаги, тІоцебесеб бербалагьиялда гьечІо гьеб гьабин абизе бегьулеб жо. Амма кІвар кІудияблъун ккола жаниб бугеб жо. Балагьилин щиб гьениб жаниб бугебали. Дица абила, басрияб Мариинский театрги букІинчІин дунялалъул архитектураялъул шедеврин. Амма гьеб гуро кІвар кІудияб жо. Бицен гьабулеб буго «дарсазул».
Пиотровскияс жубалеб буго, «Мариинка-2» проекталъул жюриялде гъорлъе живги унев вукІанин ва жинца гьаракь кьунин франциялъул архитектор Доминик Пьеррол проекталъейин. Гьелда рекъон, гьеб букІунаанин чІегІераб мармаралъул, тІад меседгун цІер хІалтІизабураб къуба бугеб футуристияб минаян.
2003 соналда гьесул проект бигьаго бергьун букІана конкурсалда. Амма хадуб баянлъун буго гьелда архитетураялъул нормаби хвезарун рукІин, ай ракІалде босичІого хутІун буго регьараб бакІалъулаб климат.
2007 соналда гьеб проекталдаса инкар гьабун буго, амма гьеб заманалде гІемер миллионал хвезарун рукІун руго гьеб проект гІумруялде бахъинабизе байбихьулаго.
ХІалтІи халат бахъинабиялъе бищун буго Diamond Schmitt абураб канадаялъул архитектурияб бюро. Гьеб фирмаялъул захІмалъаби хурхарал рукІун руго цебесеб фирмаялъ лъураб кьучΙ хІалтІизабиялда.
ЦІияб Мариинкаялъул проекталъул автор Джек Даймондица абулеб буго жамгІият гІедегІизе кколарин минаялъе къимат кьезейин, тІубанго интерьерал рихьичІогоян.
Джек Даймонд: «ГІадамазе бокьуларо хиса-басиял, гьезие диегогІадин бокьула некІсияб Санкт-Петербург. Амма дица лъикІаб къимат кьолеб буго бадиб речІчІулареб операялъул залалъул къватІисеб гьумералъе. Дир хьул буго гьеб дунялалъул бищунго лъикІал залазул мухъазде ккезе букІиналъул.»
Операялъул театралда жаниб руго рагьарал кІудиял гІатІилъиял. Гьениб чІабаралдаса байбихьун мокърокье щвезегІан, гордабаздаса болъабазде щвезегІан хІалтІизабун буго гьоцІоялъул кьералъул италиялъул оникс.
Куц-мухъ какулеб букІиналде жиндирго кІвар буссинабулеб мехалда, Даймондица гьеб махсароялде буссинабулеб буго.
Джек Даймонд: «Гьединабго реакция букІана нижеца Торонтоялда операялъул театр бан хадубги. ГІадамазе бокьун букІана бихьизе къатІипа ва месед. Гьел данде рукІана жакъа къоялъул хІакъикъаталде. Амма гьеб рагьун хадуб, гьезул пикру хисана. Дида киналго разилъуледухъ гьабизе кІоларо. Амма нуж божа, театр рагьун хадуб, гьелда разиял гІадамазул къадар рази гьечІезулалдаса кІудияб букІине буго.»

Клер Бигг (ЭР)