Санкциязул "балалда" тIасан оптимистиял галабигун

Цолъарал Штатаздасаги Евроцолъиялъул улкабаздасаги импорт гьоркьоб къотIизабиялъ Россиялда цо-цоязул иргадулаб нухалда бижинабуна эйфория, цогидазда гьелъ ракIалде щвезаруна чIорогосел тукаби. Кинаб букIине бегьулеб Кремлалъ магърибалде данде гьабулеб экономикияб галиялъул переспектива? Бажаризе бугищ жибго Россиялда камураб продукциялъул бакIалда жиндирго квен-тIех, кванил нигIматал чIезаризе?

Перспективаялде балагьун кIибикьараб жамгIияталъул цояб рахъалъ рикIкIунеб буго Пачалихъалъул гьединаб галиялъ лъикIал ресал рагьизе ругин россиялъул росдал магIишат, фермеразул бизнес цебетIезабиялъейин. Гьелда божуларезул аргументал хурхарал руго къватIисан бачIунеб букIараб продукциялъул бакIалде къваригIараб къадар жанисеб экономикаялда чIезабизе бажаризе гьечIин абураб пикруялда. Гьез рикIкIунеб буго «дефицит» рагIи цIидаса машгьурлъизе бегьулин.

Ахирисезул пикруялда разилъулев рагIуларо, мисалалъе, Россиялъул Дармильгун промышленносталъул палатаялъул нухмалъулев хисулев Георгий Петров. Гьес, гьесдаго цадахъ Экономикияб цебетIеялъул министерлъиялъул ЖамгIияб мажлисалъул нухмалъулезул цояв Иосиф Дискиницаги Стратегиял планал ва прогнозал гIуцIиялъул институталъул директор Алексей Гусевасги «Вестник Кавказа» сайталъе комментариял гьарулаго лъазабун буго, жидер ракI чIараб бугин, Кавказалдаги Машрикъалдаги кванил нигIматазул импорталъул суалалда Магърибалъул бакI тIубанго кквезе бажаризе букIиналдайин. Гьезулго пикруялда, гьеб проблема рагIалде бахъинабиялъул ишалда Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул росдал магIишаталъ жиндего тIаде босизе ккола кIудияб бутIа.

Бажаризе бугищ регионалда рагьулеб шансалдаса пайда босизе?

Дагъистаналъул мисал бачун, гьединаб ракIчIараб оптимизм загьир гьабулеб гьечIо машгьурав экономист Маир Пашаевас. Гьесул рагIабазда, гIицIго минералияб лъел гурони къваригIараб къадар чIезабизе рес гьечIо республикаялда.

Маир Пашаев: «У, нилъелъ жакъа буго кIудияб оптимизм, пачалихъалда чIухIиялъул оптимизм батила гьеб. Амма кинаб бугеб масъала? Масъала буго гьеб оптимизм бижинарурал планал, лъазабиял пайдаялде руссинариялда хурхараб. Амма гьелда хурхун буго дир цо щаклъи, хасго планал сон босун гIуцIулел рукIиналда бан. Гьединаб оптимизм хехго буссине бегьула пессимизмалде, тукабигун базаразда букIине кколеб продукция камизе байбихьани.

Maир Пашаев, экономист

Балагьеха, Дагъистаналъул тукабигун базаразда кванил нигIматазул 70-80 процент буго къватIисан бачIунеб. Мисалалъе, 80-95 процент соказул, консервазул продукция къватIисан бачIуна. ЦинтIаго гьезул бакIалда жанисеб продукция баккиялъул кинабгIаги перспектива дидани бихьуларо. Гьеле цого-го минералияб лъел къадар дагьалъ цикIкIун буго республикаялда - 50 гIанаб процент. Гьеле гьеб лъин босун, абизе бегьула, бажаризе бегьулин къварагIараб къадар чIезабизе. Гьеб сфера буго нилъер конкуренция хIехьезе бажарулебги».

Дагъистаналъул фермеразул ассоциациялъул вице-президент ГIабурикIов ГIабдурахIманил ракI чIараб буго жакъасеб ситуациялда жиндирго сфераялъул продукциялъул къваригIараб къадар чIезабизе бажаризе букIиналда.

ГIабурикIов ГIабдурахIман, Дагъистаналъул фермеразул ва росдал магIишаталъул кооперaтивазул Ассоциациялъул вице-президент

Your browser doesn’t support HTML5

ГIабдурахIман ГIабурикIов


Маир Пашаев: «Маркетингалъул рахъалдаса специалист хIисабалда дица абила, сонида жаниб гьабин абизе жо гьабизе бажаруларо, хасго Шималияб Кавказалъул, букIине те Дагъистаналъул экономикияб системаялда маркетинг халтIизабулеб гьечIолъиялде балагьун. Регионалъул экономикаялъул элементлъун маркетинг букIарабани, дун божизе вукIана соналда жанибцин цо-цо жо хисизабизе бажаризе бегьиялда, гьаб заманалъ загьирлъараб ситуациялда ракIчIараб икъбал щвезе бегьиялда.Пашаевас абулеб буго, Россиялъул цо-цо хъулухъчIагIаз ва информалатаз, абухъего, кIалдибе лъин бачIун загьир гьарулел ракI боххизабулел перспективазда живги божизе вукIанин, Россиялъул, хасго жанубиял регионазул экономикаялда, хасго росдал магIишаталда гIемер гIунгутIиял рукIинчIеланийин. Аслияб къагIидаялда гьел хурхаралги ругин гьеб сфера цебетIезабиялъул ишалда щвалде щвараб система гьечIолъиялдайин.

Маркетингалъе кIвар кьолеб гьечIолъиялда бан, дица абила, нилъ гьелдени щиб, базаралъул бокьарал цогидал хиса-басиязе реакция загьир гьабизе хIадурал гьечIин. КиналгIаги кооперативал, холдингал, букIараб бакIалдаго ургъарал МУПал, ГУПал, Дагъситаналъул жагъалаб, виртуалиябин абизе бегьулеб экономика хIадурал гьечIо жакъа загьирлъулеб хIакъикъаталъе жаваб кьезе. Нилъеца бицен гьабулеб буго пайда кьолареб, нахъ хутIараб, депрессивияб экономикаялъул. Гьеб кинабго гIадахъ босун, дида ккола Шималияб Кавказалъул, Дагъистаналъул росдал магIишаталъул сфера хIадураб гьечIин импорт гьоркьоб къотIизабун чIобоголъолеб гIатIилъи жиндирго продукциялъ цIебабизе».

Пашаев разилъулев вуго жакъасеб ахIвал-хIалалъ цо-цо магIишатазе, фермеразе цозаманалъулаб икъбалалъе шансал раккизарулел рукIиналда. Амма гьес абулеб буго бицен цо соналъул гьабулеб букIиналда бан, гьеб кколин баккулеб оптимизм пессимизмазде гуреб, халатаб депрессиялде буссинабизе бегьулеб факторин.

Маир Пашаев: «Импорт гьоркьоб къотIизабун камураб продукциялъул бакI кквей. Кванил нигIматал риччалезе цо рахъалъан гьеб ккола роххиялъе багьана – цинтIаго ричардиялъул базар гIатIилъулеб буго, цогидаб рахъалдаса - ракI хвезабулеб фактор. Щай? Биччан тела, кIвар кьун нилъ хIадурлъана гьоркьоб къотIараб импорталъул бакI кквезе. Гьарун рукIине те къваригIарал хиса-басиял системаялдаги. Россиялъул санкциязул лъагIелалъул болжал лъугIарабго нилъер базаралде нахъ буссунеб буго къватIисел улкабазул продукция. Щиб гьез гьабизе кколеб?! Гьеб мехалда букIинаха шок. Гьеб мехалда букIуна унго-унгояб шок».

Дагъистаналъул фермеразул вакил гьеб ситуациялъ шокалде ккезавулев гьечIо.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIабдурахIман ГIабурикIов