Россиялъул Централияб Банкалъ лъазабуна, гъурщил курс цIуниялъул мурадалда щибаб къойил гьабизе бугин 350 миллион долларалъул интервенцияйин. Эспертаз абулеб буго гьеб мурадалъ цебе гьелдасаги цIикIкIун гIарац биччалеб букIанин.
Банкалъул официалияб пресс-релизалда абулеб буго, нагагьлъун финансазул божилъиялъе хIинкъиял раккулел ругони, Россиялъул Банк хIадураб бугин валютаялъул жанисеб базаралде цIикIкIун рехизейин.
Гъурщиде негативияб асар гьабиялъул фактор хIисабалда экспертаз рехсолеб буго нартил багьа гIодобе ккей ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда тIоритIарал рищиял. Россиялъ гьел рищиял къабул гьарулел рукIиналъ лъазаризе бегьула цIиял санкцияби.
Щиб кколеб россиялъул халкъалъе ва экономикаялъе гъурщил къимат хвей, гьелъул девальвация? Нижер программаялъул гьединаб суалалъе жаваб кьуна машгьурав экономист, Россиялъул гIелмабазул академиялъул базаралъул проблемабазул институталъул вакиль Михаил Чернышовас.
Михаил Чернышов: «Гьанже нилъер экономика беццизе бегьулеб хIалалда гьечIо. Меседильгун валютаялъул резервазул къадар гьитIинаб буго нилъер налъабазул къадаралдаса. ЦIиял кредитал нилъее кьолел гьечIо гьанже. Халкъазда гьоркьосел санкцияз нилъее нух къалеб буго къватIисел гIарцазухъе. Кампаниязе жакъа захIматго буго гIураб къадаралда инвестициял щвезе.
Гьединал шартIазда девальвация, дир пикруялда, ккола кIудияб хIинкъи бугеб гали. Россиялъул халкъалъул цIидаса божилъи хвезе бегьула нилъерго гъурщиде. Гьединлъидал дида Централияб Банкалъ билъанхъизабулеб жакъасаеб политикаялда нахъ дида абизегIанабго магIна бихьулеб гьечIо, гьеб галиялъул авторазда берцинго перспектива бихьулеб гьечIин ккола дида.
Валютаялъул базаралда жакъасел хIаяз улка ккезабизе бегьула финансазул кризисалде.
ГIадатияб къагIидаялда гьеб кризисалъул хIасилалъ бищунго кIудияб кьаби щвезабизе буго тIоцебего халкъалде ва импорталъул операциязде хурхен бугел гьоркьосебгун гьитIинаб бизнесазелде.
ЧIахIиял пачалихъиял компаниябини хвасар гьаризе руго жибго пачалихъалъ. Гьанжеялдего руго Сбербанкалъе, Россельхозбанкалъе ва цогидал гIуцIиязе камураб капитал бецIизабиялъул хIукмуял. Абухъего, пачалихъалъ жидералго рехун тезе гьечIо.
Девальвациялъул галиялде иналда цебе ургъизе кколел рукIана, щиб гьединал шартIазда гьабизе кколеб бизнесалъин, суалги лъун.
Магъалаби цIикIкIинарулел руго, валютаялъул курс тIаде ун гъоркье ун буго, цере гьарурал контрактал хисизаризе ккезе руго. Миллияб валютаялъул курс къого проценталъ гъоркье ккей буго цIакъ хехаб хиса-баси. Россиялда экономика импорталда хурхараб буго, гьеб ккола гьелъ унгоги бизнесалдаги халкъалдаги кьаби кьаби щвезабизе бугин абураб жо. ГIадамал цIидаса махIрумлъизе бегьула банказда лъурал гIарцаздаса.
Гъурщаздалъун жидерго бечелъи цIунун рукIарал гIадамаз абизе батила гьанже, жал гьеб гъурщида тIокIал божиларин, жидеца гIамал гьабилин гьеб цIуниялъе цогидал къагIидаби ралагьизейин. Гьебин абуни ккола, гъурщил имиджалда щвезабулеб кIудияб кьаби.
Щай гъурщилъ ккун букIараб гIадамаз жидерго бечелъи? Щай гурелъул гьел божизарун рукIиндал гъурущ хIинкъи гьечIеб валюта букIиналда. Гьанже халкъалда бичIине буго, гьеб иргадулаб нухалда гукIкIун букIин. Божилъи къурбанлъун гьабиялъ Централияб банкалъ кIудияб кьаби щвезабулеб буго гъурщил букIинеселда.»
Гьанже баккараб информациялда рекъон, Пачалихъияб Думаялъухъе кьун буго россиялъулазе доллар хIалтIизабизе гьукъиялъул къануналъул проект. Хвасар гьабулищ Россиялъул экономика гьединаб галиялъ? Чернышовасул пикруялда, гьеб гIантаб гали ккола. Доллар гьукъиялда унел депутатал ине бегьула евро ва цогидаб валюта гьукъиялдеги. Саннкцияби Цолъарал Штатаз гуребги цогидал улкабазги ругелъул лъазарун Россиялъейин, абулеб буго экономистас.
Михаил Чернышов: «Советияб заманалда нилъ рарал рукIана импорталда, амма гьелъул даража букIинчIо гьедигIанго кIудияб. Гьанжейин абуни, нилъ цIакъго рарал руго кванил нигIматазулалдаса, ретIел-тIехалдаса байбихьун автомобилазулалде щун импорталда.
Гьанже халкъаздагьоркьосел санкцияби лъазаруралго, нилъеда бихьулеб буго тукабазда къайиялъул ассортимент мискIинлъулеб букIин. Цо-цо къайи тIагIана гьанжеялдего. Цо-цо-къайиялъул багьа ана тIаде, квен-техалъул цо-цо тайпабини хиралъун руго чанго нухалъ.
Валютаялъул базаралде эркенаб нух нужеца къалеб бугони, гьеб ккола нужеца импортеразе нух къалеб бугин абураб. Валюта босизе дур ихтияр батичIони, дур рес букIунаро къватIисеб базаралдаса къайи, продукция босизе.
Баккизе бегьула къватIисел дармил операциязда хурхараб пачалихъияб монополия. Гьелъ рачуна продукциялъул дефициаталде. КIиабизеги гьелъ хIалуцинабизе бегьула коррупцияги. Гьеб кIиябго сценариялъ нилъ ккезарула букIинилъе».