Гъоркьиса Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб къануналда рекъон, цо-цо коммерциялъулал гурел, пачалихъиял гурел гΙуцΙаби рикΙкΙине бегьула щаялиго "къватΙисел улкабазул агенталлъун." Гьединаллъун кватΙичΙого лъазаризе бегьула низам цΙунулел идарабаз чанго инсанасул ихтиярал цΙунулел гΙуцΙаби.
Россиялъул Генералияб прокуратураялъ нахъ чΙвалел руго коммерциялъулалгурел гΙуцΙиязул хал-шал гьабиялъ къанунал хвезарулел ругин абурал инсанасул ихтиярал цΙунулезул гΙайибал, гьел тадбирал гьарулел ругин планалда рекъонинги абун.
АрбагΙ къоялда низам цΙунулел идарабазул хΙалтΙухъаби щвана Human Rights Watch ва Transparency International абурал халкъазда гьоркьосел гΙуцΙиязул москваялъул офисазде ва «Гражданское содействие» гΙуцΙиялде. Казаналда прокуратураялъ хал-шал гьабулеб рагΙула «Агора» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб гΙуцΙиялъул.
АрбагΙ къоялдаго Москваялъул прокуратураялде ахΙун вуго «За права человека» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб багъа-башариялъул лидер Лев Пономарев. Гьесул рагΙабазда прокуратураялъул хиял буго диваналде хитΙаб гьабунм гьес нухмалъулеб гΙуцΙи къазабизе. Низам цΙунулел идарабазул вакильзабаз лъазабулеб буго, жидер тадбирал хурхарал ругин, цебесеб соналъул хаслихълъиялда къабул гьарурал НКОязда хурахарал къануназул тΙалабал тΙуразариялдайин.
Такрарлъизе бегьулищ гьединал хΙужжаби Дагъистаналда? Кинаб бугеб бербалагьи низам цΙунулел идарабазул галабазде? Нижер гьединал суалазе жавабал кьуна инсанасул ихтиярал цΙуниялъул хΙаракатчи, Шоферзабазул лъиданиги рачΙел профсоюзазул бетΙер Набиев ГΙисалмахΙамадица.

Your browser doesn’t support HTML5