Россиялъул Пачалихъияб Дума хIадурулеб буго журналистазе тамихI гьабулеб къанун бахъизе. Гьеб ккола Россиялъул политикаялда дандечIарал макъалабазе гIоло тамихI гьабулеб къанун. Гьелъие гIиллалъун ккун буго гьабсагIаталда Украинаялда бугеб ахIвал-хIал. Гьединаб къанун 20 соналъго цебего бахъизе кколанин рикIкIунеб буго цо-цояз Дагъистаналда, амма гьединал гьукъа-къаяз хIасил кьоларин рикIкIунеб буго цогидаз.
Гьеб бачине буго «Пачалихъалда данде гьарурал такъсирал» абураб къануналда гъорлъе. Гьеб къануналда гъорлъ руго жасуслъиялъул, пачалихъалъе хиянатлъи гьабиялъул, рагъулаб тIадекIанцIи гьабиялъул, гьединго пуланав чиясдехун рокьукълъи бижизабиялда хурхарал статьяял.
Бицен гьабулеб къануналъул проект ургъизе кколин Пачалихъияб Думаялъе гIакълу кьолеб буго «Единая Россия» партиялъул вакил Евгений Федоровас. Гьединаб къанун бахъизе кколин абураб пикру гьесулъ бижун буго ахираб заманалда Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназд аса хадуб. Депутатасе данде кколеб гьечIо гьениб пачалихъияб гIуцIи хисизабун хадуб Россиялъул цо-цо информалатаздасан улкаялъул политикаялъе мекъаб къимат кьоелб букIин. Гьеб мекъаб бугилан кколеб буго гьесда.
Россиялъул политикаялда данде макъалабаздаса хадуб, тамихI гьабизе кколин гьел хъварал чагIазе гуребги, гьел къватIире риччарал информалатазул нухмалъулезегиян рикIкIунеб буго депутат Федоровас. Амма Россиялда машгьурав журналист ва жамгIияв хIаракатчи Николай Сванидзе рази гьечIо гьеб къануналда. Щайин абуни иргадулаб нухалда журналистазулги парламентариязулги кIалалда хъатчIвай гIадаб жо кколеб бугила гьеб. Гьелдалъун къойидаса къойиде загIиплъизехъин бугила рагIуе эркенлъи букIин бихьизабураб Россиялъул конституциялъул 29 статья.
«Единая Россия» партиялъул вакил Евгений Федоровасулго гIадаб пикру буго ЛДПРалъул депутат Вадим Деньгинилги. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб къануналъул хIинкъи букIине бегьула къватIиса пачалихъаздаса бачIунеб гIарцуде рахъулел газетазул, информалатазул нухмалъулезе.
Гьалдаго релълъараб магIнаялъул къануналъул проект Думаялда цебе лъурав чи ккола Евгений Федоров. Гьеб ккола къватIиса пачалихъаздаса бачIунеб гIарцухъ Россиялда рагьарал жамгIиял гIуцIаби гьел пачалихъазул жасусал кколин абураб къануналъул проект. 20I2 соналда къабул гьабуна Думаялъ гьеб.
Россиялъул политикаялда дандечIарал макъалабазе гIоло тамихI гьабулеб къануналъул проект гьанжеялдаса 20 соналъ цебего хIадуризе кколаанин рикIкIунеб буго МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъан Зайнаб ГIалимирзаевалъ.
Зайнаб ГIалимирзаева: «1992 соналда нилъер Конституцияги хисана, гьедин изну кьолеб буго бокьарав чиясе бокьараб жо бицине. РагIуе эркенлъи кьун буго. Гьеб эркенлъи цIунизе, битIун гьеб хIалтIизабизе лъалел чагIи дагьал гуроги гьечIо. Щайгурелъул нилъеца гIумру гьабулеб бугеб пачалихъ какизе кканани, гIемер гIакълу къваригIунаро. Гъоб нилъеца каканщинаб жо рахъ-рахъалад ругещинал пачалихъаз гIочIодаги чIван, чIумаздаги ххун, кьун гIарцалгун тIаде-тIадеги хъвазеги гьабун, пачалихъ биххиялъе гурони, данде бачIиналъе хIалтIи гьабулеб гьечIо. Жанир тIамизегицин бегьула гьел Россиялъул политикаялда дандечIарал макъалаби хъванинги абун. Гьеб демократия абулеб жо нилъер гIадамазе гIемерго данде кколеб гьечIолъи бихьулеб буго, щайин абуни гьез гьелъул магIна хвезабулеб буго».
Амма МахIачхъалаялдаса журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурахIман Юнусовасда гьеб къануналъулъ кинабгIаги лъикIлъи бихьулеб гьечIо.
ГIабдурахIман Юнусов: «Эркенго жиндирго пикру загьир гьабизе гьукъулеб бокьараб къанун ккола нахъехун тIамулеб гали. Гьеб Единая Россиялъул депутатас ургъизехъин бугеб къанунги ккола гьединабго жо – рагIуе эркенлъи бугеб гьукъи. Гьелда гъорлъе бачине бегьула бокьараб жо. ЛъикIалъе гьабураб бокьараб критикаялъулги, абураб бокьараб рагIулги магIна гьабизе бегьула пачалихъалда дандечIараб каламин абун. Гьеб прессаялъе тIубанго данде кколеб жоги гуро. Щайин абуни прессаялъ квербакъулелъул жамгIияталда лъугьарал гIунгутIаби, гIузраби тIагIиналъе, цогидазулги гьезде кIвар буссинабизе, гьеб квеш бугин абизе. Дида гьедин ккола».
Россиялъул политикаялда данде чIарал макъалаби хъвалел журналистал экстремистаздагун террористазда релълъинарулел руго дов «Единая Россиялъул» депутат Евгений Федоровас. Амма жинца цебе лъолеб проекталъулъ «Россиялда дандечIараб»жолъун щиб бихьизабилебали жеги лъалеб гьечIо гьесда.
Бицен гьабулеб къануналъул проект ургъизе кколин Пачалихъияб Думаялъе гIакълу кьолеб буго «Единая Россия» партиялъул вакил Евгений Федоровас. Гьединаб къанун бахъизе кколин абураб пикру гьесулъ бижун буго ахираб заманалда Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназд