Миллатал ва МиллатчагIи

Россия - ГIурусазул миллатчагIазул бутIрул, Раменское,15Maр1998.

Аслияб къагIидаялда гIурус миллатчилъи хъатIула Шималияб Кавказалда ва гьелъул вакилзабаз­да. МиллатчагIаз кавказиялъулазе кьола батIи-батIиял тIокIцIарал, гьа­рула рокъукъал лъазабиял. Масала, «Кавказ ва кавказиялъулал хьихьа­рал гIелин», «чIегIерал, яре цере­са», «Россия – гIурусазе» ян абу­рал ва гьезда релълъарал цогидал. Гьеб гуребги, скинхедаз чIечIого чIвалел руго славян миллатазул гу­рел гIадамал, Кавказалда гIурусал чIвалел ругин абураб чIобогояб ахIи-хIурги багъаризабулаго. ЖамгIиял хIаракатчагIаз абулеб буго гIурусазул цIикIкIараб бутIаялъ кавказиялъулал чияр гIадамаллъун рикIкIунилан. Кавказалъул вакилзаби жидерго тушбабилъун рикIкIунезул къадар­ги дагьаб гьечIин абулеб буго ихти­ярал цIунулез. Гьединаб баяналъе гIезегIанго далилал ратизе бегьула «Сова» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Централъул интернет-сай­талда.

Дагьалъ цебе «Военное обозре­ние» абулеб интернет-сайталда бахъун букIана пуланав Самсоновасул макъала. Авторас абулеб буго Россия кидаго букIанин импери­ялъун, гьеб империялъул кьалбал­лъунги гIурус халкъ кколин. Амма, цогидал миллатчагIазде данде ккун, Шималияб Кавказ Россиялдаса батIа гьабиялде ахIи балеб гьечIо гьев Самсоновас. ГIаксалда, гьес абулеб буго цогояб, бикьулареб Россия цIунизе кколин. Кинха ва кинаб къагIидаялда империяйилан абулеб гьеб пачалихъ гIуцIизе кко­леб?

Гьале рехсараб макъалаялъул авторас кьолеб рецепт: ГIурус империялда гъорлъ жура­рал гIисинал миллатазе хасаб статус кьей кутакалда квеш кканин абулеб буго авторас. Гьединго тIаде жуба­леб буго гьединаб республикаялъ­ул статус кьун букIанин къватIисел улкабазда ругел Россиялъул туш­бабаз – интернационалистаз ва троцкистаз. Гьелдалъун «ГIурус Дуниял» биххизабиялъул мурадги букIанин гьезул. Гьединлъидал гьеб хасаб статус нахъе босизе кколин рикIкIунеб буго авторас.

Россиялда рукIине кколарила миллиял респу­бликаби, пачаясул заманалдаго гIадин гьел рукIине кколила обла­сталлъун. Гьебго заманалда цогидаз абу­леб буго Россиялъул миллиял икъ­лимазе республикайилан абураб цIар кьун бугониги, гьенир гIумру гьабулел гIадамазул ихтиярал тIалъиялъ соналдаса соналде хве­зарулел ругин жалго рижараб ра­кьалдаги Россиялдаги. Мисалалъе босани, гьел республикабазда яшав гьабулел гIадамазухъа бахъун буго жидерго бутIрул рищизе цебе букIараб ихтияр. Москваялде ялъу­ни Россиялъул цогидал шагьаразде кавказиялъулал рачIараб мехалда гьезда тIадаб буго регистрация гьа­бизе. Гъозие хIинкъаби кьола по­лициялъулаз гурелги, радикалиял гIурус миллатчагIазги. Гьединал ба­янал загьир гьарула инсанасул ихти­ярал цIунулез.

ГIурус миллатчилъиялъул гъва­ридал кьалбал руго. «Великорусский шовинизм» абулеб рагIи жиндир за­маналда гIатIидго хIалтIизабулаан большевиказул цевехъан Лениница. 1917 соналда большевикал бергьун хадуб цIияб низам къабул гьабичIел ва гьеб низам хIехьезе кIоларел гIемерал цIар арал гIадамал гочун ана къватIирехун.

БатIи-батIиял ул­кабазда Россиялъул батIи-батIиял миллатазул вакилзабаз гIамал гьа­булеб букIана большевиказул низа­малде дандечIезе. Цо рахъалъ, гьел кколаан ишцояллъунги пикруцоял­лъунги. Амма эмиграциялдаги гьел кIудияб бахIсалде ккун рукIана.

Гьале нижеда гьал къоязда ар­хивалда батараб цо тарихияб доку­мент. Дунялалъул кIиабилеб рагъда­са хадуб Цолъарал Штатазда гIуцIун букIана большевизмалдаса хвасар гьабиялъул Америкалъул комитет. Гьелъул бетIерлъун вукIана адми­рал Стивенсон. Гьеб комитеталде жидерго халкъазул тарих къокъ гьа­бун хъван битIун букIана цебесеб Россиялъул империялде гъорлъе унел рукIарал миллатазул вакилза­баца. 1953 соналъул 20 августалда Россиялъул миллиял гIуцIабазул БетIераб Нухмалъи абулеб гIурус эмигрантазул информационияб бюллетеналда хъващтIан загьир гьабун букIана гьеб хитIаб. Гьелда гъоркь гъулбасараз къасд гьабуна гIурус гурел миллатазул тарих мекъ­са бихьизабизе.

Гуржистаналдаги, Азербайжаналдаги, Эрмениялдаги, Украинаялдаги, Белоруссиялдаги, Шималияб Кавказалдаги жал­го жидедаго чIарал пачалихъал кидаго рукIинчIин ва гьезул хал­къазда лъалароанин пачалихъияб хIалбихьи. Россия гьечIого гьезда кIвеларин гIумру гьабизе. Гьале гьеб хитIабалъул аслияб магIна. Добго «Цогояб ва бикьулареб Россияйин» абураб магIнаха. Жакъа рагIулел ахIияздаги лъазабияздаги релълъун бихьулеб гьечIищ гьеб?