Щвалде щвечlел къануназул пайда лъие бугеб?

Россия --Гьоркьохъеб Азиялдаса мигрантал Москваялъул Казанский вокзалалда, 17Ноя2012

Россиялъул миграционияб политикаялда хурхун бахъараб къанун буго дандеккунгутIиязул цIураб. Цо рахъалдасан Кремлалъе бокьун буго къватIисел улкабаздаса иллегалиял хIалтIухъабазе рагьун, къануналда рекъон хIалтIизе ресги кьун гьезие щолеб харжалда магъало лъезе, амма цоги рахъалдасан иммигрантазде данде бугеб щулияб позициялъ рес кьолеб гьечIо иш гьедин гIуцIизе.
ТIагьиров Бекида цIакъ лъикI лъала мигрантазда дандчIвалел проблемабазул.
38 сон барав этникияв узбекав гьев Россиялде вачIун вуго 2004 соналда ва иллегалияб куцалда хIалтIулев вукIун вуго алкоголиял гьекъолел жалал цIунулеб бакIалда. КIиго сон цебе гьесие щун буго Россиялъул гражданлъи ва гьанже гьев хIалтIулев вуго Санкт-Петербургалда къоялъ талмач хIисабалда ва къаси бакIал цIунулеб идаралда.
Гьес гьединго кумек гьабулеб буго жиндир ракьцоял цIи рачIарал мигрантазе къойидаса-къойиде хIалтIи батизе захIмалъулеб бугеб Россиялда хIалтIи балагьизеги.

ТIагьиров Бек: «Соналдаса соналде захIмалъулеб буго хIалтIи балагьизе. Цебе хехго ва бигьаго батулаан хIалтIи. Цере къваригIунел рукIинчIо кинал рукIаниги документал ва цоги кагътал. Гьанже киналго документал кьуниги, киналго кагъьал цIезаруниги гуккулел руго, харжги кьечIого къватIире реххулел руго. Киса-кибего рекIкI гьабулеб буго».

Бекица бицунеб рекIкI гьабиялде гъорлъе харж кьунгутIи гуребги хIалтIизе изну щвезелъун кьезе кколеб рищватги, полициялъ жидеего бокьухъе ккун рачун инги буго.
Гьебги хурхараб буго цебе Совет Союзалде гъорлъе унел рукIарал аслияб къагIидаялда Гьоркьохъеб Азиялъул республикабаздаса Россиялда вугев 10-12 миллион мигрантасул кIиго миллионгIан чи гурони легалияб куцалда хIалтIулев гьечIолъиялда. ХутIарал руго рагIдукь бугебин абулеб экономикаялда хIалтIулел.

Россиялъул миграционияб политикаялда хурхун бахъараб къанун буго дандеккунгутIиязул цIураб. Гьедин рикIкIуна экспертаз. Гьезулго пикруялда, цо рахъалдасан Кремлалъе бокьун буго къватIисел улкабаздаса иллегалиял хIалтIухъабазе рагьун, къануналда рекъон хIалтIизе ресги кьун гьезие щолеб харжалда магъало лъезе, гьелде тIадеги Россиялъе мигрантал къваригIун руго халкъ херлъулеб букIиналда банги.

Амма иммигрантаздехун бугеб рокьукълъиялъ, ругелги къанунал цIунулел гьечIолъиялъ ва мигрантазул хIалтIудаса хайир босулеб рагIдукь бугеб экономика улкаялда букIиналъ квал-квал гьабулеб буго мигрантазул хIалтIи къануналъул гIурхъабалъе бачине.

«21 ГIасруялда Миграция» абулеб Москваялда бугеб централдаса Василий Кравцовасул пикруялда мигрантазе шартIал квешлъун гурони лъикIлъулел гьечIо.
Василий Кравцов: «Гьабулебщинаб жо гьабулеб буго къануналда рекъон хIалтIизе, гьанире гочине ва гражданлъи босизе бокьарал гIадамазде данде- хасго ахирисеб кIиго соналда жаниб».

Кравцов вукIана араб соналъул июналда Кремлалъ мигрантазда сверун гIуцIараб цIияб поликаялда сверун документалъул авторлъун. Гьеб документалда абулеб букIана Россиялъул экономикаялда мигрантал рукIин лъикIаб фактор бугин, гьезие къануналда рекъон хIалтIуде лъугьине ругел квал-квалал дагьлъизаризе кколин ва мигрантазе россиялъул жамгIияталде интеграция гьабизе тадбирал тIоритIизе кколин.

Кремлалъ официалияб куцалда рахъ кколеб буго 2025 соналде щвезегIан рагIалде бахъинабизе бицунеб гьеб концепциялъул.

Амма хIакъикъаталдаги гьеб рахъалъ кинал рукIаниги хиса-басиял кколел гьечIин бицана Кравцовас.

Василий Кравцов: «ГIамм гьабун абуни, гьеб гьаб заманалъулаб ва кIвар бугеб документлъун лъугьун букIана. Гьеб къабул гьабунин абун щибха хисараб? Щибго хисичIо. Гьеб концепция къабул гьабунин абун легалиял мигранталищ цIикIкIарал, гочун рачIаразе гражданлъи щвезейищ бигьалъараб? БигьалъичIо. Щибизеха цинги гьеб концепция?

Президентасул рищиязда цебесеб кампаниялъул заманалда Владимир Путиница рагIи кьун букIана мигрантазе регистрация гьабиялъул шартIал кьваризаризе. Гьединго мигрантазда тIадаблъун гьабулеб букIана х1алтIизе изну щвелалде цебе гIурус мацIалъул ва улкаялъул тарихгун культураялъул экзамен кьейги. Гьелдаса нахъе гьел тIалабал къануналдеги сверун руго.

Ноябралда Москваялъ хвезабуна Хъиргъизстангун 1996 соналда гьабун букIараб ва гьеб улкаялъул гражданазе Россиялъул гражданлъи кьеялъулъ бигьалъаби рихьизарулеб къотIиги.

Мигрантазе бигьалъаби гьариялдехун улкаялда щиб букIаниги хисизе бугин ракIалде кколеб гьечIо ТIагьировасдаги.

ТIагьиров Бек: «Къануналда рекъон хIалтIизе рес гьаниб гьечIо. Бук1инеги гьечIо. Бигьалъабийин абун бицунеб-гьеб кинабго буго телевидениялдасан рихьдае бицунеб жо. Гьаниб бигьаяб гьечIо. Мигрантазул буго лагъзазулгIадаб хIалтIи. Амма гьелъухъ щолеб 500-600 долларалдасаги гьел разиял рукIана. Гьез гьеб гIарац рокъобе битIула. Узбекасе яги таджикасе гьеб кIудияб гIарац буго».

Том Балмфорт