Россиялда дагьалъ цере тIоритIарал батIи-батIиял даражаялъул рищияз цIакъ баянго бихьизабуна жалго жидецаго «креативияб класслъун» рикIкIунезул лексикон хIалтIизабун «ахIмакъаб» халкъ жиндие гьединаб тIокIцIар кьолездаса гIакъилаб букIин. Гьеб бихьизабуна халкъ рищиязда гIахьаллъиялъул даража цIакъ гьитIинаб букIиналъин хъвалеб буго жиндирго макъалаялда тарихиял гIелмабазул доктор ва публицист Ирина Павловалъ. Мисал хIисабалда авторалъ росулел руго Москваялъул мэр вищиялъул гьаркьал кьей.
ГIалимчIужуялъ хъвахъе, иргадулаб нухалда шагьаралъул бетIерлъун хутIарав мэрасул хъулухъалде кандидатураялъул альетанатива букIараб Москваялда, цо-цоял политиказ абухъего, жибго шагьаралъул гуреб, тIолабго улкаялъул къисматалде хурхен бугел рищиязда гIемерисел гIадамал инчIо. Гьелде кIвар буссинабуна оппозициялъулазги, политологазги, журналистазги. Щаян, суал лъолеб буго публицист ва политолог Ирина Павловалъ. Суалалъе жиндирго жаваб кьолаго, гьелъ абулеб буго, гьеб кколин россиялъулазда интуитивияб къагIидаялда кин улкаялъул талъи гIуцIун бугебали бичIчIун букIинин. Кремлалъул эркенлъиялъул политика гьезда бихьулеб гьечIин ва гIагарисеб заманалда гьелде хьулалги хутIулел гьечIин. Бугин гIицIго имитация. Гьебги щиб гьеб имитациялъул къагIида щибаб соналдаса, щиял рищияздаса гIемерлъулел ругин.
Ирина Павлова: «ХIакъикъаталдайин абуни, халкъ хутIулеб буго тIадегIанаб нухмалъиялъ гъоркьлъалие восарав чи гIадин, гъоркьлъалие восарав гIорцIарав чи гIадин. Гьединлъидал гIемерисел гIадамаз гьаркьал кьолел бакIазул бакIалда бищана диван яги цIияб къайиялъухъ балагьизе тукабазде сапар.»
Павловалъул рагIабазда «эркенал, ракΙ бацIадал ва баянал рищиял» тIоритIиялъул имитация гьабизе Кремлалъул рагIабазда бажарана кIудияб икъбалгун. Амма когIаб хIакъикат кколин россиялда гьединал рищиял рукIине рес гьечIеблъиян, халат бахъинабулеб буго гьелъ жиндирго пикру. Павловалъ рикIкIунеб буго оппозициялъулалин рикIкIунел цо-цо кандидатал, гьединаллъун рикIкIине бегьулин шартΙ хIисабалдайин. Хасго Москваялъул рищиязда ахIи-хIур бахъинабурав машгьурав блогер Алексей Навальный. Гьелъ гьев рикIкIунев вуго «Кремлалъул проектлъун».
Ирина Павлова: «Навальный эркенав политик вукIаравани ва гьев абухъего «гIодосан» вукIаравани, гьев вукIиналъул хIакъалъулъ лъиданиги лъазецин букIинчIо. Лъицаниги ва киданиги батIи-батIиял информалатазда гьесие рес кьезе букIинчIо гьединаб къуватаб пиар гьабизе. Лъицаниги ва киданиги гьев эркен гьавизе вукIинчIо диваналъ гьесие хIукму къотIун хадусеб къоялъго. Лъицаниги ва киданиги толароан гьесие Мосваялъул мэрасул хъулухъалде кандидатура лъезе. Лъицаниги ва киданиги спонсорлъи гьабулароан гьесул гьединаб багьаяб рищиязул кампаниялъе. Гьеб ккола азбукIалъул хIакъикъат, амма гьеб гьесул рахъ кколез къабул гьабизе инкар гьабулеб буго.»
Гьединаб къагIидаялда Павлова ячIуней йиго, иргадулаб нухалда прогрессивияб жамгIияталъ жиндагоги лъачIого нухмалъиялъе кумек гьабулеб бугин, абураб пикруялде. Гьединал пикрабазе дагьалъги щулияб кьучΙ гIуцIулаго гьелъ бачунеб буго «Коммерсант» газеталъул архивалда бугеб 2000 соналъул документ. Гьелда рихьизарун руго президентасул администрациялда жаниб букIине кколеб «президентасул болжалалда жаниб улкаялда парахалъи, низам цIуниялъул политикиял технологиял ургъулеб политикияб структура». Гьеб документалда рекъон, гьеб идараялда бажаризе кколеб букIун буго прогнозал гьаризе гурелги, «къваригIунел политикиял ситацияби Россиялда гIуцIизе», Россиялдаги, гIагарисел улкабаздаги хIакъикъаталдаги политикиялгун жамгIиял процессазул нухмалъи гьабизе». Гьенибго бихьиазабун буго, гьединал мурадазде щвеялъе къваригIунел къагIидабиги.
Гьелдаго цадахъ гьелъ абулеб буго Сталинил талъиялъ балъго гIадин билъанхъизабулеб букIараб политика жакъасеб нухмалъиялъ билъанхъизабулеб бугин рагьунгойин.
8 сентябралда гьаркьал кьезе рачIаразул къадар Москваялда цIакъ гьитIинаб букIин жиндирго къагIидаялда бихьулеб буго Россиялъул президентасул администрациялъул бетIер Сергей Ивановасда. Гьес информалатазе гьарурал комментарияздаса.
Сергей Иванов: «ГIадамал гьаркьал кьезе жигарго хьвадула гIицIго гьел сунданиги рази гьечIони. Гьел рази ругони, щайха гьез жидерго гIодоркъо гьелъие хвезаби кколеб?»
Гьединаб къагIидаялда Ивановасул пикруялда 8 сентябралда гьаркал кьеялдаса гIемерисез инкар гьаби кколеб буго «жамгIияталъул сахлъи бихьизабулеб ишара.»
Павловалъул пикраби рикьулел политологаз рикIкIунеб буго тIадтараз гьал соназ жалго хъулухъазда хутIиялъе хIалтIизарулел технологиязул эффект бигьагьабун хвезе бугин ва гIадамал рищиязде хьвадунгутIиги гьелъул байбихьул ишара кколин. Аммаян абулеб буго гьез улкаялда жакъасеб ахIвал-хIал халат бахъунеб бугони, гьаркьал кьолезул къадар цIикIкIинеги бегьулин бюллетеназда «киназдего данде» абураб графа бакканиян. Левада-централъул гьакъа-бакъияз бихьизабулеб буго гьеб графа ракΙ чIун нахъе буссинабизе бокьун букIин россиялъулазул 42 проценталъе, цогиги 35 проценталъ абулеб буго «гьеб нахъе буссинабуни» лъикΙ букIине батилин.