Шималияб кавказалдаса гIадамазул гIарзал руго Москваялда рукъзал рахъулаго дискриминациялда данд чIвалел рукIиналда бан. Лъазабиял чIвалел бакIазде балагьани рихьула Гьадин хъварал тIамчал.
«Рукъ кьела. Гьоркьохъеб Азиялъул ва Кавказалъул гIадамал кIалъаге…»-абурал.
«Рукъ кьела. Славяназулзул миллаталъул гIадамазе.»-ян абуралги.
Кавказалдаса гIадамаз гьел лъазабиял тасдикъ гьарулел руго. Нижеца гарачIвари гьабуна Дагъистаналдаса гIолилазулгун. Гьел рачIун руго Москваялде хIалтIи балагьизе. ХIалтIи щвезеги бигьаяб гьечIин нилъер гIадамазе, хIалтIиялдасаги цIакъ жанир чIезе рукъ бахъизеги бигьаяб гьечIин я Москваялда ,я Санкт-Петербургалда ян бицунеб буго дагъистаналдаса МахIач ХIосеновас.
«Дагъистаналдаса вугин абурабго яги рукъ кьоларин абула, яги кIалъайчIого трубка гIодобе рехула. Лъазабияздаги киса кибего гьедин хъвалеб буго.»-ян бицана МахIачица. Гьединал лъазабиял жалго гIадамаз шагьаразда чIварал лъазабиязда гурелги чанго соназ хIалтIулел ругел рукъзабазул агенствоязул сайтаздаги хъван руго . «Дида бичIула, нилъер цо-цо гIадамаз гъалмагъирал гьарунги ратила, амма цо хасал гIадамаз гьарурал, цо кIиго ишалдалъун тIубараб халкъалда цIар чIвазе бегьилищха»- ян абулеб буго МахIачица.
МахIачил рагIабазда рекъон Москваялдеги цогидал чIахIиял щагьараздеги Дагъистаналдаса гIадамал цIикIакIараб къадаралда хIалтIизе рачIиналъе гIилла буго Дагъистаналда хIалтIизе бакIал гьечIолъиги,киса кибего ришватал росулел рукIинги.
Цо-цо дагъистаниязул пикрабазда рекъон Дагъистаналдехун рокьукъаб бербалагьи загьир гьабиялъе квербакъи гьабулеб буго россиялъул информация тIибитIизабулел алатазги. Мисалалъе чачаназулги, ингушазулги дагъистаниязулги бицунеб бугониги бихизабула иргадулаб хасаб операция,яги чIвай хъваялъул сюжетал. Кинабго негативияб информация букIуна кьолеб. Чачаналъ гьабсагIаталда гIодобе биччараб ахIвал хIал букIаниги гьездаги хутIун буго тIанкI, церего рукIарал рагъазул. ЦIикIкIа –цIикIкарал риэлторазул кампаниязул сайтазда хасаб мохъ бихьула къвартира кьолезул тIалабал хъварал. Кампанияз гьеб бичIизабулеб буго гьез клиентазул мурадал тIуразе колел рукIиналдалъун.
Цо-цо экспертазул рагIабазда рекъон Москваялда цебетIун бачIунеб буго гIурусазул национализм. Гьелъие гIиллаги цохIо экономикияб гуреб политикиябги буго. Щибал рищиязда цебе жидеего халкъалъул рахъкквей щвезелъун политиказ багъаризабулеб буго мигрантазул тема. Кавказалъул халкъазул ГIуцIулеб буго тушманасул сипат.
Москваялдеги рачIун гьаниб жидерго гIамалги гIадаталги рилъанхъизаризе хIаракат бахъулеб халкъалдехун гIадаб. Москваялъул халкъалъул пикруялъухъ гIенеккани гьезул пикраби кIийиде рикьулел руго. ГIемерисезе ургъел гьечIо рукъзабазда жанир рукIине ругезул миллаталъул. Гьез гIицго цIодорлъи гьабулеб буго. Жидер рукъзабахъ божизе бегьулел гIадамал рукIине бокьун буго халкъалъе.
ЦIех рехалда гIахьаллъараз кIвар буссинабуна гьадинабги пикруялде. Цониги лъикI лъалев чияс рекомендациял кьуни дагъистанияв ,таджикав,яги цогидал миллаталъул гIадамал рукIиналъухъ балагьизе рукIинчIин рукъзал кьолаго абураб. Хасаб гIилла буго гIадамазул. ХIинкъизе карал мисалал гIемерал рукIин. Хасго гьел мисалал Шималияб кавказалъул гIадамазда сверухъ рукIинги.
Москваялъул гIумру гьабулей 35 сон барай Ленал 5 сон буго жиндирго рукъ гIадамазухъе кьун бугелдаса. Риэлторалъ жиндир тIалабазда рекъон ралагьанин рокъор тезе чагIиян бицана гьелъ. ТIалабазда гьоркьоб букIанин гIурус миллаталул чагIи ралагьеян абурабги, ян мукIурлъана гьей нижее. Жиндирго пикру Ленаца якъин гьабулеб буго гьадин.
Лена Смирнова. 35 сон: «Хас гьавун чи лъикI лъалев вугони, гьев зарал гьечIев чи вукIинги лъалев вугони гьесие рукъ кьезе букIун батила. Гьаниб кавказалдасайин цогидалин миллат батIа гьабицин батиларо, дир хIисабалда, гIадамаз жидеего цIодорлъи буго гьабулеб. Мисалалъе цониги дагъистаналдаса чIужугIаданалъ рукъ бахъулеб буго.Гьелъухъе вац вачIанунев вуго кьвагьулеб алатги босун.Гьеле гьединал жалаздаса руго гIадамал хIинкъулел».
Цониги гIурусазул хъизамалъе рукъ кьолеб бугони ракI гIодобе биччан букIинехъин бугин рикIкIунеб буго москваялъул гIумру гьабулез.
Лена Смирнова. 35 сон: «Мисалалъе босани Воронежалдаса Москваялде хIалтIизе рачIаразе рукъ кьуни ракI гIодобе биччан букIинехъин буго.Воронежалдасан Москваялде гъалмагъиразе гурел гIицIго хIалтIизе къваригIун рачIун ратилин гIадамалин рикIкIуна дица».
ГIурусаз гIурус миллаталъул чагIи рокъор тезе хIаракат бахъи цоги гьадинаб рахъалдасанги бихьулеб буго Ленада.
Лена: «Мун дида тIад рекъа.Нужер гIадамазе нужерго гIадамалги ,нужерго гIадаталги нижераздаса цересел рукIуна.Нижееги гьединго букIинарищха. Хас гьавун чи лъалев вукIарав ани гьесие лъицаниги инкар гьабизе букIун батиларо. Гуржиял рукIа дагъистаниял рукIа гьел гIурусаздаса I0 нухалъ лъикIал ратизеги бегьула, амма лъикIал рукIин гьезда гурони лъалеб гьечIелъул».
Цогидаб пикруялъухъ гIенкканиги Москваялда гIумру гьабун вугев 40 сон барав Александрица рикIкIунеб буго, чиясухъ балагьунги бегьулин лъазе лъикIавищ гьев квешавищали. ЛъикIав чиясе рукъги кьезехъин букIун буго Сашаца.
Александр Новиков. 40 сон: «Киналго гIадамал батIи-батIиял руго. Щибаб миллаталъул руго лъикIалги квешалги. Гьел кинал ругелали надалда хъван букIунарелъул. Дагъистаналдаса рукIа,гIурусал рукIа ,щибаб миллаталъул руго лъикIалги квешалги. Амма цо хъирис бараб чахъдаца тIубан рехъен хвезабулин Абилелъул, цо чиясул баракат гьечIолъиялъ тIубан миллаталдаго тIанкI лъолеб буго.
Дида лъикI лъалел чагIазе гьел дагъистаналдасайищ кисаяли цIехечIого рукъ кьелаан дица. Риэлторазул кумекалдалъун рукъ кьолеб букIараб аниги гIурусалин абураб тIалаб дица лъелароан.Гьев чи вихьизе тIалаб гьабилаан.Вихьун кIалъан хадусанги лъалелъул кинав чи вугевали».
Москваялъул гIумру гьабулей Валентинацаги рикIкIунеб буго миллат цIехезе букIинчIин цониги лъалев чияс рекомендация кьуни,амма риэлторазул кампаниялдеги кIалъан кьолеб букIараб ани миллат цIехезе букIиналдаса Валентинаца инкар гьабичIо.
Валентина Копылова 50 сон: «ЦIодорлъи бокьарав чияс гьабиларищха. Лъаларев чиясдаса киназдасаго цIодорлъи гьабула. Цониги чияс гъосул жаваб кьолеб бугони ракI гIодобе биччан кьела гьесие рукъ.»
Риэлторазул кампаниялдасан рукъ кьолеб букIараб ани дуца лъезе букIанищ суал гIицIго гIурусазул миллаталъе кьелин абун ян гьикъана нижеца Валентинада. Гьеб жаваб кьезе захIматаб суал бугин жиндие абун ургъизе лъугьана Валентина. Москваялъул гIумру гьабулейКондратова Галинаца якъинго абулеб буго гьелъ дагъистаниязе рукъ кьезе букIинчIин.
Галина Кондратова. 50 сон: «Дида ккола рукъ цIехон дагъистаниял кIалъаниги таджикал кIалъаниги киназего цо жаваб букIинин.Баталъи щиб? Дир мисалалъухъ балагье.Дица кьечIо рукъ гIурусазе гурони. Казахстаналдаса рачIаразе кьуна.Гьел гIурусал рукIун.Гьез гIурус мацI бицуна.Таджиказ гIурус мац бицунаро».
Амма щай кьезе букIинчIеб рукъ дагъистаниязеяли гIилла абизе Галинада кIвечIо. БитIараб бицани лъаларо щаяли. Буссур гьабазул улка букIиналъги батизе бегьула. Риэлторалде кIалъалаго дица цере лъурал тIалабал рукIана гIурусал ралагьеян абураб».
Москваялъул гIумру гьабулезда якъин гьабун абизе кIолеб букIинчIо щай гьез хас гьабун дагъистаниязе рукъ кьезе букIинчIебали. Амма гIурусал тIоцебесеб бакIалда рукIин киназго бахчулебги букIинчIо.