"Матвеевскиялъул" иш яги лъие къваригIун бугеб базар?

Москваялъул «Матвеевский» базаралда полициялъуласул бетIер бекиялда щаклъи бугев Дагъистаналдаса МухIамад Расулов туснахъ гьавун вуго исана 26 сентябралде щвезегIан. Гьединаб хIукму гьабуна 31 июлалда Москваялъул Дорогомиловский диваналъ. 30 июлалда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ официалияб куцалда гIайиб гIунтIизабуна рос-лъади МухIамад ва ХIалимат Расуловазде.
Москваялдаса 15 сон барай яс инжит гьавиялда щаклъи букIун, полициялъ кколев вукIун вуго гьезул гIагарав вас МухIамад МухIамадов. Гьезда цадахъ гьев виччаларин лъугьун руго рос-лъади. Гьеб мехалда тункун гIодов ккарав цо полициялъуласул бетIер бекун буго.

Москваялъул «Матвеевский» базаралда полициялъул хIалтIухъаби рухиялда щаклъи бугев Расулов МухIамадица лъазабулеб буго жинда лъалароанин гьел чагIи низам цIунулел рукIин. Щайин абуни гьез жидерго документал рихьичIин. Гьединго Расуловасул рагIабазда рекъон, тунчулги рарал чагIи ругин жидехъе рачIунилан, гьесухъе ахIун бачIун буго лъадуца. Цинги гьев тIаде щун вуго гьениве.

Амма Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница рикIкIунеб буго Расуловасда лъалеб букIанин жинца полицияв вухулев вукIин.

Владимир Маркин: «Къварилъи ккарасда лъураб ругънадасан бихьулеб буго дов чияс гьев полициялъул хIалтIухъан вукIинги лъалаго ургъунго кьабулев вукIараблъи. ГьабсагIаталда цIех-рехчагIаз кIвар кьун хал гьабулеб буго гьеб кинабго бахъараб видеоялъул. Жинда тIадаб хъулухъ тIубазабулев полициялъул хIалтIухъанасде квер борхарав чиясе тамихI гьабизе букIиналда щаклъи ккезе бегьуларо лъилниги. Гьеб тамихIги гьабула щивасе, гьесул социалияб даражаялда, миллияб хаслъиялда, машгьурлъиялда яги гьесул политикияб бербалагьиялъухъ балагьичIого».

ПалхIасил, гьеб такъсиралъухъ Расулов гIумруялъго туснахъ гьавизе рес бугин, дагIба ккаралъуве гьевги ахIун, росасда цадахъ полициялъулав вухизе жуярай Расуловасул лъади абуни щуго соналъ туснахъ гьайизе бегьулин лъазабуна цевехун рехсарав Владимир Маркиница.
ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго полициялъуласда кьабулеб мехалда Расуловас квералда кастет ххун букIанилан. Амма гьес жинцаго гьелдаса инкар гьабулеб буго. Гьединго МухIамад Расуловас рикIкIунеб буго полициялъуласул бетIер жинца кьабунин бекичIила, гIодов ккедал бекун букIине рес бугила, щайгурелъул жал кIиялго цоцалъ тенколел рукIанила.

Жеги цIех-рех рагIалде бахъинегIанги чIечIого, Расулов МухIамад гIумруялъго туснахъ гьавизе кколин абурал лъазабиял гьаризе бегьулищин пачалихъалъул вакилзабазилан суал лъолеб буго Расуловасул эмен Муртайица.

Муртай Расулов: «Бандит вугинги абун кьабуна дос полициялъуласда, чIужуялде вагъулевги ватун. ГIумруялъго туснахъ гьавулев вугин абулеб буго хIукуматалъул чагIаз. Гьединал жал абизе бегьилищ? МагIарул, Дагъистаналъул чагIи къваригIунел руго Россиялъе къо ккараб мехалъ. Цинги Россиялъ эхеде бетIер борхараб мехалда магIарулал, Кавказ мерхьунеб буго. Путинги Медведевги руго Россиялъул чагIи. Нилъги доз абу-абурабги гьабун рукIуна. БестIаллъимал гIадин нилъ ратIа гьаризе кколаро доз».

Муртай Расуловас ЭР-ялъе гьединго бицана инсуца вас веццизе рекъон букIунарин, амма 1999 соналда Дагъистаналда рагъ ккараб мехалда хъарпузазул чамалиго тоннаги Москваялда рехун тун, пачалихъ хIисабалда Россия цIунизе вачIун вукIанин жиндир вас.

Муртай Расулов: «Тун дора хъарпузалгун, хIукуматалде, Россиялде къварилъи рещтIун бугилан хабар бачIиндал, Дагъистаналде тIадвуссана МухIамад. Шапакъат кьолеб мехалда, гьебги босичIо гьес, жив шапакъаталъе гIоло вагъулев вукIинчIилан. Зилоса бокьарав чиясда гьикъе МухIамад кинав чи вугевин. Киналго къварилъахъдулел руго гьанир, гьесие гьединаб жо ккунилан. Москваялда как балеб рукъгицин бан букIана гьес…».
Расулов МухIамад ккун вуго Дагъистаналде тIадвуссине автобусалда рекIараб заманалда. Дой Москваялдаса 15 сон барай ясалда хъварай МухIамадов МухIамадил ункъгIалалъул рос кколев вуго гьев Расулов МухIамад.

Сурав босулелъул гьев МухIамадицаги гIагарлъиялъги абулеб буго гьес дой яс инжит гьайичIин, инжит гьайизе хIалбихьун гурони. ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго гьаюнилан. МухIамадов МухIамадги гьесул гIагарлъиги Москваялъул «Матвеевский» базаралда хъарпузал ричулел рукIун руго. Гьей яс инжит гьайиялъул хабар баккидал, рачIун базаралдегун полициялъ микроавтобусалдаги рекIинавун вачун унев вукIун вуго МухIамадов МухIамад.

Гьеб мехалда тIадги речIчIун, гьев виччаларин лъугьарал гIагарлъиялдаги полициялдаги гьоркьоб ккун буго рагъ. Гьеб хIужаялдаса хадуб «Матвеевский» базаралдаса щунусиде гIагарун дагъистаниял рачун анин абурал баяналги руго.
Москваялдаса щварал баяназда рекъон, «Матвеевский» базар къазе бугин лъазабуна Москваялъул нухмалъиялъ. Абулеб буго гьениб хIухьбахъиялъул комплекс базе къваригIун рагIулин тахшагьаралъул мэрасе.

Полициялъулалгун рагъулел видеоялде яхъарай ХIалимат ккола Дагъистаналъул ЦIумада мухъалъул Акнадаса. Гьелъул рос МухIамад Расулов – Болъихъ мухъалъул Зилоса. 15 сон барай яс инжит гьаюнин абулев МухIамад рагIула ботIролъан сакъатлъи бугев, унтарав вас.

Дагъистанияз полициялъулал руханин интернеталде рехараб видео монтаж бугин, хIакъикъаталда гьениб ишги батIайисан букIанин хъвалеб «Русская планета» абулеб сайталъ «Матвеевский» базаралда ккараб тунка-гIусиялъул хIакъалъулъ. Масала, базаралда йичарулей Алияца бицунеб буго полициялъ малалги ран, бид вецIцIизегIан вуханила МухIамад МухIамадов. Гьеб бихьанила ХIалиматидаги гьелъул рос МухIамад Расуловасдаги. Гьединго цо бичIчIулареб къагIидаялда чIун рукIанила жалго полициялъулалги - дагъистанияз вухулев жидерго гьалмагъасе кумекгицин гьабичIого.

Цойги йичарухъан – Азимаца – абулеб буго гьелде щвезегIанги букIанин гьел дагъистаниязулги полициялъулазулги дандеккунгутIаби. Базаралда ричаризе риччаралъухъ гIарац тIалаб гьабулеб букIун, дагъистанияз инкар гьабун бугин гьезие.