Гьанжеялдаса хадуб халкъиял информалатаз такъсирчиясул хIакъалъулъ хъвалеб баяналда гьесул миллат бихьизабизе гьукъулеб къанун хIадур гьабизе ккеялъул хал гьабизе буго кватIичIого Россиялъул парламенталъ. Москва шагьаралъул мажлисалъул депутат Платонов Владимирида ракIалда буго гьеб суал Пачалихъияб Думаялъул депутатазда цебе лъезе.
Депутатасул рагIабазда рекъон информ.алатазада данде, гьединго кинаб бугониги миллаталда дандечIараб къанун гуро гьеб, рехсараб къануналъулаб проекталъул мухIканго халгьабизе ккей бугин кIвар цIикIкIараб хIужаян абурал гьесул рагIаби къватIире кьолел руго «Московский Комсомолец» газеталъул сайталъ.
Эркенлъи радиоялъухъе щварал баяназда рекъон рехсараб къануналъулаб проекталъул халгьаби Пачалихъияб Думаялъ тIобитIун букIана 2007 соналъги. Амма добмехалъ Парламенталда бищунго цIикIкIун гьаркьал ругеб «Цогояб Россия» партиялъ инкар гьабуна гьеб къабул гьабизе, гьединго гьелдаса инкар гьабун букIана ЖамгIияб Палатаялдаги. Щуго соналдасан Москваялъул депутат Платоновас нахъойги къасд гьабуна гьеб суал цIигьабизе, ва гьаб нухалъ гьес бачIинахъего гьелъул хIакъалъулъ бицен гьабуна къанунал хIадур гьарулеб шураялъулгун дагьаб цебегIан букIараб дандчIваялда Владимир Путинилгун. Президентас рахъккун буго гьелъул.
ХIакъикъаталдаги гьеб къануналъул кIварбуголъи, хасгьабун Дагъистаналъе кIвар бугеб пайдаяб ишлъун кколилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор хисулев Гереев Русланица. Гьединго Шималияб Кавказалда сверухъ ругел суалазул рахъалъ экспертги ккола гьев. ЦеретIурал Европаялъул пачалихъазда цебегоялдаса нахъе хIалтIизабулеб бугин гьеб. ГIицIго Россия бугин гьеб рахъалъ нахъеккун.
Дагъистаналдаса чиясдехун миллатчиялъиялъул мисалал хIалтIизариялъул бицунаго хасго гьаниб ракIалде щвезабизе бегьила дагъистанияв Расул Мирзаевасда хурхун букIараб диваналъул процессалда сверухъ тIубараб лъагIалица букIараб ахIи-хIуралъул. Россиялда къо гьоркьоб бахъун гIадин кколел чияс чиясда жо кьабиялъул мисалал кIварго кьечIого толеб мехалъ, гьаб нухалъ Кавказалдаса чи вукIиналъ ургъунго цIадабе нарт тIолеб букIана гьеб хIужаялде россиялъул миллатчагIазги гьединго цо-цо иформациялъул алатазги. Кин бугониги Агафонов Иван хвеялъе гьесул кIудияб гIайиб букIинчIолъиги чIезабун Москваялъул диванханаялъ къотIараб хIукмуялда рекъон Расул дагьав цевегIан къватIиве виччана.
Гьесул ункъгIал МуртазагIалиева ГIайшатица бицана «Эркенлъи» радиоялъе Расул гьабсагIаталда Москваялда вугин жиндирго спорталде тIадвуссинеги ракIалда бугин гьесда, тренировкабаздеги хьвадулин. Миллатчилъиялда хурхун къабул гьабулеб, тIадехун рехсараб къануналда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго гьелъ абуна Россиялъул миллатчагIазе гьеб къанун букIунилан гьелъ асар гьабилилан кколарин жинда:
МуртазагIалиева ГIайшат: «Къануналъухъ балагьулел чагIи гуро гьел Россиялъул миллатчагIи. Нилъеца кинаб къанун къабул гьабуниги щиб, гьез жидерго хъубал пишаби рагIалде рахъинаричIого толарелъул. Дагьаб цебегIан букIараб митингалдаги бицине ракIалда букIана дида. Дида мадугьалихъ гIумру гьабун йигей гIадамалъул цохIо вугев вас вачIана Москваялдаса чIвазеги чIван. Скинхедазул нусго чи вукIанин гьесде тIаделъунилан бицунеб букIана. Гьединазе щайха кьварараб тамихIги ритIухъаб диванги букIунареб. Расулица лъачIого кьабураб заралъул тIубараб лъагIалица букIана хъуй бахъинабулеб. Дида гIемераб жо ракIалда букIана митингалда бицине. Амма ракIалда бугебщинаб бицине гьукъун букIана нижее гьениб».
Халкъиял информалатазда такъсирчиясул миллат бихьизабизе гъукъулеб къанун хIадур гьабиялдалъун щибниги хисизе гьечIилан рикIкIунелги руго гIадамал. Мисалалъе Новгород мухъалдаса инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ вакил Матвеева Галинаца рикIкIунеб буго такъсирчиясул миллат кинаб кколебали бахчаниги щибин, гьесул цIаралъухъ балагьунго бичIчIизе бугин щиб миллаталъул чи гьев кколевали. Пачалихъияб Думаялда миллиял суалазул рахъалъ комитеталъул нухмалъулев, дагъистанияв СафаргIалиев ХIажиметица информ.алатзе кьурал баяназда рекъон Парламенталда рехсараб къануналъул халгьаби жеги букIун гьечIо, амма гьев ракIчIарав вуго тIолалго пишацояз гьеб къанун къабиялъул рахъкквезе букIиналда.