Россиялда раккизе бегьула исламиял банкал

Дубай. Исламияб банк.

Россиялъул банказул ассоциациялъ загьир гьабулеб буго Россиялъул кредитазул гIуцIиязул хIалтIи низамалде бачиналъул мурадалда «Исламиял финансазул хIакъалъулъ» абураб хасаб федералияб къанун къабул гьабиялда хурхараб инициатива. Щиб гьеб кколеб Исламияб банк ва кинаб гьелдаса пайда букIине бегьулеб улкаялъеги халкъалъеги?

Ассоциациялъул пикруялда, исламияб банкинг букIине буго гIадатияб банкалъул системаялъул хIаракатчилъиялъе альтернативалъун.

Щиб жо кколеб исламияб банк?

Исламиял пачалихъзда гуребги Магърибалъул улкабаздацин ругел гьединал банказда гьукъараб буго босараб гIарац хIалтIизабиялъухъ процент бахъи, ай рибачилъи. Банказе гьукъараб буго болъонал хьихьун, гьелъул гьанал продукция биччан, алкоголь, ярагъ, гьелда релъараб хIарамаб продукция бичун пайда босиялъе гIарац хIалтIизабизе. Гьукъараб буго гьединго гIарац хъахIбалъиялъул, порноялъул ва гъира багъаризабулел хIаязул индустриялда хIалтIизабизе.

Гьединаб инициативалъул авторазул пикруялда, нагагьлъун Россиялда гьединаб къанун къабул гьабуни, исламиял банказул финансазул операцияби диниял принципазде дандеккеялъул контроль букIиналъул мурадалда «Россиялъул Банкалда» гIуцIизе ккола гьединго Централияб шаргIияб мажлисги. Россиялъул банказул ассоциациялъ гьединаб къварагIел бихьизабун буго гьединго Центробанкалде битIараб кагътидаги.

Жакъасеб Россиялда исламиял банкал хIалтIиялъе гьечIин киналгIаги ресалин абулеб буго нижер программаялъе комментариял гьарурай дагьалъ цебе къараб «Экспресс» банкалъул пресс-секретарь, журналист ХIуризада Камаловалъ. Гьелъул рагIабазда, исламиял банказдаса бугеб пайда Россиялъул банказул ассоциациялдасаги цебе бихьун букIана гьей хIалтIулей йикIараб банкалъул бутIрузда. Гьез хIалбихьун букIун буго исламияб банкалъул къагIидаби хIалтIизаризе. Рагьун букIана гьединал банказул къагIидаби хIалтIизарулеб хасаб бутIа. Гьелъул рагIабазда гьениб хIалтIизабулеб букIун буго исламиял банказ хIалтIул кьучIое босараб «Мадарабаялъул принцип».

ХIуризада Камалова, журналист

ХIуризада Камалова: «Гьеб ккола «мудараба» абураб, гIараб мацIалда «божилъи» кколеб рагIиялдаса бижараб принцип. Мудараба гьеб ккола жиндир гIарац бугеб рахъалдаги гьеб гIарац пайдагун хIалтIизабизе бажарулеб, хIалбихьи бугеб рахъалдаги гьоркьоб гьабулеб хIукму, къотIи-къай. Гьеб гьабулаго кIиябго рахъалъ жидедего тIаде босулел буго раккизе бегьулел хIинкъиязул жавабчилъиги».

Жакъа «исламияб банк» абураб терминалъул магIнаялде данде кколел банкал Россиялда раккизе ресал гьечIолъи бихьизабулаго, гьелъ кIвар буссинабулеб буго чIван къотIараб къанун гьечIолъиялде. Жакъасеб гIадатияб банкалъул системаялъул принципазда рекъон, банказул бокьараб хъулухъалъухъ процент бихьизаби тIадаб бугин жубалеб буго гьелъ.

ЭР. - Гьедин батани, кин хIалтIулеб букIараб «Экспресс» банкалъул хасаб бутIа?

ХIуризада Камалова: «У, ратIа чIарал элементал хIалтIизаризе хIалбихьун букIана МахIачхъалаялда "Экспресс". Рагьун букIана хасаб бутIа "Мудариб" абураб. Гьелда цебе, 2009 соналъул сентябралда биччан букIана банкалъул "исламияб" карта. Гьединаблъун гьеб рикIкIунеб букIун батила, гьелъул дизайналде балагьун: гьеб букIана гIурччинаб, гьелда букIана хурдузел орнамент. КIиабизе босани, проценталъул хурхен гьелда букIинчIо. Гьеб букIун батиларо тIабанго банкалъул «исламияб» продукт. Гьеб букIун батила тIоцебего маркетингалъул къагIида. Щайгурелъул гьеб картаялда лъолеб гIарац унеб букIана гIаммаб гIарциде гъорлъе. Исламалъул къануназда рекъон, рибачилъи бугеб гIарац гьукъараб буго цогиялъул бицинчIониги. Гьединаб гIарац жубазабизе бегьуларо исламияб банкингалъул бербалагьиялдаса «хIарамабин» рикIкIунеб гIарцида.

Рехсараб карта рикIкIинчIого, рукIана гьединго исламалъул нормабазде данде кколел цогидал продукталги. Мисалалъе, мухьалъухъ гIарац цIуниялъе сейфалъул ящикIал. Гьеб продукталъе процент чIезабун букIинчIо. Дуца гIарац кьезе кколеб букIана гьеб ящикI хIалтIизабиялъухъ, гьелдеги дагIба гьечIо исламалъул нормабазул.

БукIана гьединго гIарцил трансфералъул хъулухъги. Гьенибги букIана чIезабураб багьа. Гьебги кколаро процент. РукIана цогидал продукталги, гьенирги процентал рихьизарун рукIинчIо».

Камаловалъул рагIабазда, «Экспресс» банк банкротлъиялде исламияб банкингалъе гIоло гуреб ккараб. Гьелъие рукIун руго цогидал багьанаби. Исламияб банкингалъул, хасго исламиял картаби ричиялдаса щвараб гIарац хIалтIизабулеб букIун буго рахIмуялъул акциязе. Гьелъул рагIабазда гьебги маркетингалъул гали букIун батизе бегьула. Унго-унгоял исламиял банкал Россиялда раккизе ккани, къабул гьабизе ккола хасаб къанун.

ХIуризада Камалова: «Банк биххун хадуб, гьелъул бетIергьабазул цояз рагьана «Мудариб» абураб финансазул структура. Гьеб гьанжеги хIалтIулеб бугин ккола. Гьелъ гIарац биччалеб букIана цо-цо проектазе, мисалалъе, транспорт босиялъе. Гьелъул регистрация гьабун буго гIорхъаби чIезабураб жавабчилъиялъул жамгIият (ООО) хIисабалда».

Камаловалъул рагIабазда, «Экспресс» банкалъ гIадаб хIалбихьи гьабун буго МахIачхъалаялда букIараб ва хадуб къараб «Витас» банкалъул филиалалъги. Амма, гьеб банкги къан буго. Амма гьеб къаялдеги исламияб банкингалъул кинабгIаги хурхен букIинчIин, жубана гьелъ.

ЭР. - Россиялъул банказул ассоциациялде гIенеккун, къанун къабул гьабуни, кинаб пайда букIине бегьулеб улкаялъе гьединал банказдаса?

ХIуризада Камалова: «ТIоцебе босани, гьеб букIине буго бусурбабаз жидерго гIарац диналде данде кколеб кIагIидаялда цIунизе рес. КIиабизеги, гьелъ рес кьезе буго гьанире инвестициял руссинаризе. Щайгурелъул бусурбабазул пачалихъалъул финансазул гIуцIиязул интерес букIуна диналъул нормабазде данде кколел институтазулгун гьоркьорлъаби гIуцIизе. Гьедин гурищ Франциялъул, Британиялъул гIемер банказул ругел исламиял нормабазде данде кколел механизамал. Гьенир руго ратIа чIарал кассабицин. Гьез хIакъикъаталдаги исламияб банкингалъул гIарац жубазабулеб рагIуларо цоги гIарцида. Гьединал банказда тIубанго гьукъараб буго риба. Дида ккола гьединаб къанун къабул гьабуни, лъикI букIинаанин Россиялъеги, хасго, аслияб къадар бусурбабазул бугеб, Дагъистаналъеги. Гьелъ ресал цIикIкIинаризе рукIана исламиял пачалихъаздаса инвестициял рачIине».