Россиялъул къануназ иммигрантазул гIумру захмалъизабулеб буго

Малик - МахIачхъалаялъул вокзалалда хIалтIулев мигрант.

Россиялда мигрантазул къадар дагьлъулеб буго. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул федералияб миграциялъул хъулухъалъ. Экспертаз гьеб хурхинабулеб буго Россиялда миграциялъулаб политикаялда жанир ккарал хис-басазда, жалго мигрантаз тIаде жубалеб буго эконимикияб ахIвал-хIал Россиялда лъикIаб гьечIеб бугин.

Россиялде рачIунел мигрантазул гIаммаб къадар гIемерго дагьлъун бугин абураб лъазаби гьабуна Россиялъул миграциялда хурхун Федералияб хъулухъалъул бетIер Константин Ромодановскияс. Араб соналъул гьабго ригьалде дандеккун миграция 70% дагьлъун бугин лъазабулеб буго гьес.

Россиялда мигрантазул Федерациялъул баяназда рекъон, мигрантазул къадар дагьлъун буго хIалтIуе патентазул система гьабидал. Гьел росизе рес букIунеб буго гIицIго гIурус мацIалъул ва Россиялъул тарихгун аслиял къануназда хурхун экзамен кьун хадуб.

2015 соналъул тIоцебесеб январалдаса байбихьун, Россиялда хIалтIизе бокьарал мигрантазда тIадаблъун гьабун буго гьел экзаменал кьей. ТIолго Россиялда гьелъул мурадалда рагьун руго хасал экзамен босулел централ. Тестаздаса гIуцIарал экзаменалъул хIалтIаби кьезе захIматал гьечIин лъазабулеб буго Россиялъул Лъайкьеялъул министерлъиялъ.

Дагъистаналда мигрантаз экзамен кьезе рагьун буго ункъо центр, Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталда, Педагогикияб университеталда, Политехникияб ва Росдал магIишаталъул лъайкьеязул идарабазда. Гьенир ругел мугIалимзабаздаса гIуцIарал комиссияз тIобитIулин экзаменин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялда.

Мигрантазе гIуцIарал гьел масалаби ва тестал цIакъ бигьаял ругин. Экзамен бачIинахъего кьечIого, цин гьел гьелде хIадуризеги рес бугин баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул хIалтIухъан Рамазанова ПатIиматица. Гьел экзаменал жалго мигрантазе пайдаялги ругила, гIицIго 50 процент битIарал жавабазулги гIолила гьеб кьураблъун рикIкIинегийин баян гьабулеб буго гьелъ.

Амма жалго мигрантал рази гьечIо гьеб пикруялда. 2011 соналъ, хIалтIизе изну кьолеб кагъат хисун бачIараб хасаб патент мигрантазе щвезе кканани гьез киналгIаги медикиял халгьабиял ва регистрация гьабизе кколеб букIана. Амма гьел патенталги киназего гурин гIолел рукIарал, гьедин гIаммаб мигрантазул къадаралъул гIицIго 36 проценталъе щолаанин гьел, хутIарал кколин рагIдукь бугеб экономикаялде гъорлъейин баян гьабулеб буго юрист Елена Денисенкоца.

Пантеталъул система гьабиялъ пайда гьечIин Россиялде хIалтIизе рачIиналъул, щай гурелъул гьеб патент босизе кканани моцIи-моцIие кьезе кколеб 4000 гъурущ гуребги, гIарац кьезе кколеб букIиналъин рикIкIунеб буго гIемер соназ Дагъистаналда даран-базар гьабун вугев Азербайджаналдаса мигрант Малик Аскарица.

Малик Аскар: « ГьабсагIат Россиялда бугеб ахIвал хIал хIисабалде босун, мигрантазе пайда-хайир гьечIо Россиялде хIалтIизе рачIун. Гьел экзаменал кьезе ккеялъги гьел тIарнго дагьлъизе ругин ккола дида. Миграциялъул хъулухъалъе патенталъухъги г1умру гьабизе рукъалъухъги гIарац кьезе ккарабго захIмалъула. Дагъистаналда, кинабго Россиялдагоги мигрантазул захIмат цIакъ учузаб букIиналъ щолеб мухь гьелъие гIоларо, гьединлъидал жегиги дагьлъизе руго мигрантал Россиялда».

Петербургалдаса Дагъистаналде ячIун, Мах1ачхъалаялда чед бежулеб заводалда хIалтIулей йикIарай Хъиргъизай Айлица абулеб буго, чанго харж данде гьабизе кколин гьеб патент босизе кканани, жакъасеб къоялъ гьеб захIмалъулеб букIиналъ нахъе ине ракIалда бугин жинда.

Айли: « КIиго, лъабго щвараб харж данже рехизе ккола патент гьабизе кканани. Рукъалъухъги кьезе ккараб, кваназеги ккараб мехалъ, щвараб гIарац гIолеб гьечIо. Гьаб соналъ тIубанго захIмат буго. Кинабго жо хисун, гъурщил багьа хвеялъ, Россиялде рачIун пайда гьечIо. Гьелъ нижерал гьанире гIемер рачIунелги гьечIо. Кваназеги кканани патенталъухъги кьезе кканани, гIоларо гьеб харж».

Легалияб гуреб хIалалъ мигрантал рукIин киназдаго лъалила, амма чIужугIаданалъе гьеб цIакъ хIинкъи бугеб бугила.

Дагъистаналъул миграциялъул хъулухъалъ 2014 соналъ тIоритIарал тадбиразул хIасилалда 1464 патент гьечIого, легалияб гуреб хIалалъ хIалтIулел мигрантал ратун руго. Аслияб куцалъ мигрантазул захIмат хIалтIизабулеб бугила минаби раялъул сфераялда. Миграциялъул хъулухъалъул баяназда рекъон, патент босун хIалтIулел руго 3275 мигрант.