Президентасда цере инсанасул ихтиярал цΙунулел гΙемерлъана...

Россиялъул президент В. Путин ва Гражданияб жамгΙият цебетΙезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цΙуниялъул мажлисалъул бетΙер М. Федотов

Улкаялъул бетΙерасда цебе гΙуцΙараб Гражданияб жамгΙият цебетΙезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цΙуниялъул мажлисалде гъорлъе унезул сияхΙалда хиса-басиял гьариялъул буюри гъулбасана Россиялъул президент Владимир Путиница. Кинаб магΙна бугеб гьел хиса-басиязда нахъ? Кинаб хΙассил кьезе бегьулеб гьединал хиса-басияз?
Президент Владимир Путиница гъулбасараб буюриялда рекъон, Гражданияб жамгΙият цебетΙезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цΙуниялъул мажлисалде гъорлъе унезул къадар цΙиккинабун буго 65 чиясде щвезегΙан, гьебги щиб, гΙахьалчагΙазул Ι5 чи нахъеги ун хадуб.

Президентасул мажлисалде гъорлъе Путиница восун вуго 39 чи. Гьезда гъорлъ вуго журналлист Леонид Парфенов, «Агора» абураб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул гΙуцΙиялъул бетΙер Павел Чиков, «Голос» абураб рищиязда махинацияби гьариялде данде къеркьолеб гΙуцΙиялъул бетΙер Лилия Шибанова, журналистал Максим Шевченко, Елена Масюк, Павел Гусев. Мажлисалдаса нахъе аразда гъорлъ руго Москваялъул Хелсинкиялъул группаялъул нухмалъулей Людмила Алексеева, инсанасул ихтиярал цΙунулел Светлана Ганнушкина ва Валентин Гефтер.

1 ноябралда Федотовгун данчΙвалеб мехалда, Владимир Путиница цебелъей гьабун букΙана Мажлис 27 чиясдасан 66 чисде щвезегΙан цΙикΙкΙинабиялда ва гьелъул президиум бищиялда хурхараб. Гьесулго пикруялда, Мажлисалъул щибаб вакансиялде цо гурев, лъабго претендент вукΙине кколаан. Гьаркьал кьейги интернеталда букΙине кколаан.

Президентасул инициатива ракΙалъе гΙечΙо Федотовасе. Гьединал галабаз Мажлисалъул хΙалтΙул гΙорхъолъа борчΙун бюрокартизация букΙине бегьулин, риккана гьес. Гьесул рахъ ккуна гΙуцΙиялъул чанго гΙахьалчиясги. Гьезда гъорлъ вукΙана Валентин Гефтерги. Гьанже гъулбасараб Путинил буюриялда щибниги абулеб гьечΙо Мажлисалъул президиумалъул хΙакъалъулъ.

Инсанасул ихтиярал цΙунулеб мажлисалда реформаби гьариялде данде пикру загьир гьабун хадуб Михаил Фодотовас лъазабуна, жинда хадуб хал кквезе байбихьанин. Гьеб хΙужжаялда хурхун багъарараб ахΙи-хΙур тΙадеги хΙалуцинабуна гьединго интернеталда лъураб видеоялъ. Гьелда бихьизабун буго Федотовасул хΙалтΙудаса машинаялъ нухазда хьвадиялъул къагΙидаби хвезари. Инсанасул ихтиярал цΙунулес гьеб хΙужжа битΙахъего хурхинабуна, доб мехалда хΙадур гьабулеб букΙараб реформаялда в алъазабуна, гьеб букΙанин кΙиго соналъ цебейин.

Нухмалъиялъ кинабгΙаги официалиял претензияби Федотовасде загьир гьаричΙо. Амма гьелда нахъ улкаялъул бетΙерасулгун дандечΙей букΙиналъул пикраби загьир гьарулеб рукΙана чанги экспертаз.

Гьедин букΙаниги, итни къоялда, РИА «Новости»ялъе комментариял гьарулаго Федотовас лъазабун буго, жиндир ва гΙуцΙиялъул цогидал гΙахьалчагΙазул церелъеял тΙуранго ракΙалде росун ругин. «Гьелдаго цадахъ гьеб кколаро, гьанже парахалъизе бегьулин абураб. Щайгурелъул гьанжего-гьанже байбихьулеб буго аслияб хΙалтΙи. МухΙкан гьабуни, гьеб ккола президентасулгун букΙинесеб данделъи» – ян лъазабун буго Мажлисалъул бетΙерас.

Политолог Павел Святенковасул щаклъи буго инсанасул ихтиярал цΙунулеб мажлисалъул хΙалтΙи эффективияб букΙиналда хурхун. Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго, гьелъие тезе бугин нухмалъи какизецин. Аммаян жубалеб буго гьес, гьединаб критикаялъул жиндирго мурадги бугин.

Павел Святенков: «Инсанасул ихтиярал цΙуниялъул мажлисалъ бихьизабизе ккола, нухмалъиялъ жиндир пикрабазухъ гΙенеккулеб букΙин ва гьединаб къагΙидаялда хаклкъазда гьоркьосеб даражаялда гьединалго гΙуцΙиязул хΙалтΙул принципазде данде кколеб букΙин. Нухмалъи какулеб мехалда гьелъ тамахлъизабизе ккола бигьа-гьабун билъанхъизабулеб «гайкаби дугъдазариялъул» политикаялъул кьогΙлъи.»

Экспертасул ракΙ чΙараб буго, Мажлисалъул гΙемерисел гΙахьалчагΙазе гьеб гΙуцΙиялде роси «хΙурмалъул цΙар» кьейгΙадаб жо букΙиналда. ХΙакъал хΙукмабийин абуни, къабул гьаризе ругин гьеб Мажлисалъул нухмалъиялъин, риккунеб буго гьес.

Инсанасул ихтиярал цΙунулеб мажлисалда Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетΙер Людмила Алексеева гьечΙеблъиялда ракΙ хун бугила гΙемерисезулин, лъазабун буго «Московский комсомолец» газетаялъул бетΙерияв редактор Павел Гусевас.

Павел Гусев: «Гьеб мажлисалде гъорлъе унезе къимат кьолаго дица абила, гьел цΙакъ батΙия-батΙиял ругин. Гьел гΙадамазул руго жидерго пикраби, жидерго позиция, бербалагьи. Дир пикруялда, гьелъ рес кьезе буго мажлисалъул дискуссиязул хасит букΙинабизе. Амма гьелда гъорлъ АлексеевагΙадал чагΙи гьечΙолъи, дир пикруялда, ккола гΙунгутΙи. Гьелъул, Алексеевалъул буго кΙудияб авторитет, халкъазда гьоркьосеб гуребги, улкаялда жанисебги.»