Россиялъул президент Владимир Путиница «Россия сегодня» абураб цIияб информациялъулаб агентлъиялъул нухмалъиялде тIамурав Дмитирий Киселев вуго жиндаго ракI чIарав, хисардулеб гIамалалъул ва жигарго Кремлалъул рахъ ккурав чи. Гьесулъ гIечIеб жо батаниги, гьеб журналистика буго. Гьедин рикIкIунеб буго гьесул критиказ.
1999 соналда Владимир Путин нухмалъиялде вачIараб заманалда, Дмитрий Киселев вукIана хьулал рижинарулев, журналистикаялдаги пропагандаялдаги гьоркьоб бугеб батIалъи лъикIго лъалев телевидениялъул журналист.
Дмитрий Киселев: «Журналистика этикаялдаса батIалъизабизе бегьуларо. Амма нужеда экраналда рихьулел цо-цо гIадамал журналисталлъун рикIкIине бегьуларо, щайгурелъул гьезул чангиял агитаторал ругелъул.»
I4 соналдаса Кремалалда щулалъарав Путиница кIудияб информациялъулаб агентлъиялъул нухмалъулевлъун тарав Дмитрий Киселевасулин абуни, гьанже журналистаста релъараб жо щибниги хутIичIо, гьанже гьев цIакъ релъарав вуго агитаторасда.
«РИА «Новости» агентлъи къай официалияб къагIидаялда лъазабуна гьелъие хвезабулеб гIарцул къадар дагьлъизабиялъул галилъун. Гьелъ гуребги ахIвал-хIал лъикI лъалел гIадамал тамашалъизаруна, ВГТРК телехолдингалъул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав, кремлалъул киналго идеяби реццулеб ва Магъриб сурукъаб къагидаялда бихьизабиялъе кIудияб хIаракат бахъулеб «Вести недели» бачунев Дмитрий Киселев цияб идараялъул нухмалъиялде тIамиялъги.
Гьеб хъулухъалде Киселев тIамуна гьес россиялъул нухмалъиялъ кIвар кьун хадуб хал ккун бугеб украиналъул «Евромайдан» какараб анализ къватIибе кьун хадусеб къоялъго.
БегIераб сарказмалъул ва хъачIаб лексика хIалтIизарулеб программа бачунаго, Киселевас украиналъулазул протест «щибниги гьечIеб бакIалда гьабураб ахIи-хIурлъун» рикIкIана.
БетIерияй редакторлъун Светлана Миронюк йикIараб мехалда кIудияб адаб жиндир гьабулеблъун лъугьараб «РИА «Новости» агентлъиялъул бакIалда цIияб идара гIуцIиялъул хIукму Кремлалъ гьабун батизе бегьула Украиналда лъагьа-бахъунелда сверун ва февралалда тIоритIизесел Сочиялъул Олимпиял хIаязда сверун информациялъулаб политика жиндирго контролалде гъоркье босиялъул мурадалда.
Россиялъул журналистазул цолъиялъул нухмалъулевлъун вукIарав Игорь Яковенкоца рикIкIунеб буго, «гьединаб хьвада-чIвадиялъ кремлалъул элитаялъул паника бихьизабулеб батичIони, гьелъул кIудияб ургъел букIин бихьизабулеб бугин».
Игорь Яковенко: «Гьеб ккола цIакъ эффективияб гуреб хIукму, дицани гIантIабинцин абила. Щайгурелъул Дмитрий Киселевас хIалтIизабулеб пропагандаялъул къагIида битIахъеб гьереси кколелъул. Гьес Майданалда сверун бицунебщинаб, цебе гьес россиялъул оппозициялда хурхун бицунебщинаб буго ва букIана битIахъеб гьереси, цо-цо нухалъниги ургъунго гIуцIараб битIахъеб макру-хIиллаги. Гьединаб жо букIине рес буго гIицIго цензураялъул шартIазда, информациялъулаб монополия бугеб мехалда.»
Кремалалъ лъазабухъе, цIияб информациялъулаб агентлъиялъул мурад ккола россиялъул политика къватIиб бучIчIунгутиялъе ругел багьанаби тIагIинари. Путинил буюралда абухъе «Россия сегодня» агентлъиялъул мурад ккола «россиялъул пачалихъияб политикаялъул ва жамгIияб гIумруялъул хIакъалъулъ гIорхъаби тун къватIиб информация тIибитIизаби.»
Гьеб данде кколеб гьечIо «РИА «Новости» агентлъиялъул «хазинабазде». Гьелъул мурад букIана «хехлъи, ритIухълъи, мухIканлъи ва политикияб ахIвал-хIалалде балагьичIого, жиндирго пикру загьир гьаби».
Къан буго гьединго «Голос Россииги» Гьеб гъорлъе унеб буго Киселевасул агентлъиялде.
Жиндирго коллегабазе жив вокьуларевлъи лъалев Дмитрий Киселевас лъазабуна I0 декабаралда, жиндир хьул бугин «РИА «Новости» ялъул журналистазул аслияб къадар хутIизе букIиналъулин, гьезул лъикIал хIасилал рукIин ракIалдеги босунин.
Амма Яковенкол пикруялда, Дмитрий Киселевас нухмалъулеб цIияб агентлъи релъараб букIине буго «Геббельсил тайпаялъул» информалаталда.
Игорь Яковенко: «Щайгурелъул «кIудияб батIалъи бугелъул агентлъиялъул бетIерлъун, профессионалияй журналистлъун йикIарай Светлана Миронюкил ва «Евромайданалда» лъугьа-бахъунелда хурхун гьересияб гуреб цоги жо бицинчIолъиялъе гIоло «гьайбатаб «Оскар» жиндие кьун хадубго, медиахолдингалъул нухмалъуде тIамурав Киселевасул тIадтаразулгун гьоркьорлъабазул.»