Россиялдаса кинаб бугониги бутIа батIа тIезабизе ккелин ахIи-хIур бахъинабиялъухъ туснахъалде ккезе бегьула гIагараб заманалда. Гьединаб къанун щун буго жакъа Россиялъул парламенталде. ГIемерисел экспертазул пикруялда рекъон, гьелъие гIилла буго ахираб заманалда Кавказ батIа гьабизе кколин гIемер ахIи бай.
Россиялъул Пачалихъияб думаялде бачIараб къануналъул проекталда рекъон, Россиялъул кинаб бугониги бутIа улкаялдаса батIа гьабизе кколин ахIи баялъухъ сепаратизмалъул гIайиб гIунтIизабизе бегьула. ТамихIалде цIаразе къотIизе бегьула 20 соналде щун туснахъалъул болжал. Проект хIадурун буго «Цолъараб Россия» партиялъул депутатал Антон Романовас ва Евгений Федоровас. Цебеккун гьединаб къануналъул проект хIадурулеб букIана Коммунист партииялъ. Пачалихъияб думаялъул депутат СафаргIалиев ХIажиметил пикруялда рекъон, Пачалихъияб думаялда Цолъараб Россиялъул депутатал гIемер рукIинги хIисабалде босун, къанун гIагараб заманалда къабул гьабизе бегьула.
Сунца тIамурал гьеб къанун хIадуризе абураб суалалъе Антон Романовас бицана ахираб заманалда Россиялдаса цо-цо бутIаби тIезе бокьарал гIадамал ва хасал идараби гIемерлъулел ругин. Бищунго цIикIкIун бицунеб бугин Шималияб Кавказ батIатIезабизе ккеялъул хIакъалъулъ. «Кавказкая политика» сайталъул журналист Бадма Бюрчияевас хъвавухъе, гьединаб къанун хIадуризе байбихьана Либералияб партиялъул нухмалъулев Владимир Жириновскияс федералияб телеканалалдаса Кавказ махул хьуриялъ сверун къазе кколин, ялъуни батIатIезе кколин гьарурал лъазариязда хадуб. Дагьалъ цебе президент Владимир Путинилгун букIараб дандчIваялдаги улкаялъул президентас депутатасда бадибчIвай гьабун буго улка биххиялъе байбихьи лъолел лъазабиял гьаругеян абун хъвалеб буго журналистас.
«Интерфаксалъ» лъазабухъе, сепаратизмалде рагIабаздалъун ялъуни хъвай-хъвагIаялдалъун ахIулел ругони, анлъгоялдаса I0гоялде щвезегIан туснахъалъул тамихI къотIизе ккола. Гьебго такъсир гьабун бугони, цадахъ зулму хIалтIизабун, ялъуни информалатаздаса, интернеталдаса пропаганда гьабун, тамихI букIине ккола I0гоялдаса 20 соналде щвезегIан. Гьелдаго цадахъ гьеб такъсир гьабурав чи рикIкIад гьавизе ккола тIубанго пачалихъиял хъулухъаздаса, улкаялъул аслиял интересазда данде къеркьолев чи хIисабалда.
ГIемерисел экспертазул ва политологазул щаклъи гьечIо къанун къабул гьабиялда, амма киназго бицунеб буго гьеб букIунеб хIалалъ хIалтIизабизе гьечIин. Къанун ургъун буго тIалъиялъе данде кколарел, оппозициялъул чагIазда данде хIалтIизабизеян рикIкIунеб буго журналист ва хъвадарухъан Муртазаев Акрамица.
Муртазаев Акрам: «Жиндир заманалда гIурусазул хъвадарухъан Щедриница хъван букIана, Россиялда ургъулел гIантал къануназдаса нилъ хвасарлъулел ругин гьел гIемерисеб мехалъ хIалтIизаруларел рукIиналъ. Къанунал цIакъго гIемер руго ва батIи-батIиял руго, амма гьел хIалтIулел гьечIо. Гьединлъидал, цо кинаб бугониги цIияб къанун ургъанилан гьелъ щибниги хисунгутIизеги рес буго. Гьеб суалалда тIаса кIалъазе руго довго Жириновский гIадин, аслияб къагIидаялъ тIалъи сверухъ ругел гIадамал, гьездехун гьеб къанун хIалтIизабиялда дун щаклъула. Кавказ сверун маххул хьури цIазе кколин абурал гьесул рагIаби ккола унго-унгояб сепаратизм. ТIалъиялъе бокьани цохIо гьел рагIабазухъ тамихIалде цIазе бегьулаан гьев. Цебеккунги гьес абун рукIана гьединал рагIаби. Мисалалъе, ракIалде щвезабе Чачаналда тIаде атомалъул бомба реххизе кколин гьес абулеб букIараблъи. Гьаниб аслияб суал буго лъидаго бачIеб диван. Гьеб букIарабани Жириновский микьго соналъ туснахъалъув лъезе кколаан. Амма гьеб гьечIебгIан мехалъ, гьадинал къануназ кинабниги хIасил кьоларо».
Россиялдаса Шималияб Кавказ батIатIезе кколин бицунеб букIана гIемерал политиказ ва жамгIиял хIаракатчагIаз, журналистаз. Амма гьезул гIемерисел гьаб цIияб къанун гьечIониги, гъоркь ругезда рекъон тамихIалде цIазе бегьулаанин хъвалеб буго «Эхо Москвы» радиоялъул сайталда Аркадий Бабченко абурав блогерас. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб къанун хIадур гьаби тIолабго «Цолъараб Россия» партиялъул тадбир гуро, гьеб буго рехсарав кIиго депутатасул хIалтIи. Ахиралда тIубанго хисизабураб къагIидаялъ къабул гьабизеги бегьула къанун. Журналист Андрей Лошакил пикруялда рекъон, Кавказ батIатIезе кколин абурав щинав чиясда данде гьеб къагIадиялъ кьварун къанун хIалтIизабуни бащдаб Пачалихъияб Думаги, Россиялъул бащдаб халкъги тамихIалде цIазе ккола. Гьеб буго Навальниясе ургъараб къанун абун хъвалеб буго гьес Colta.ru сайталда.