Ультранационалистазул къурбанал ракIалде щвезарун...

Щуго соналъ цебе Москваялда чIвана машгьурав адвокат Станислав Маркеловги журналист Анастасия Бабуроваги. Гьеб лъагьа-бахъиналъ ахIи-хIур бахъинабун букIана улкаялда. Ультранационалистазде хурхен бугел такъсирчагIазе тамихI къотIана. Гьединаб хIужжа цIакъ къанагIатаб бугин россиялъул низам чIезабиялъул системаялъейин, хъвалеб букIана ахирисел къоязда россиялъулги къватIисел пачалихъазулги информалатаз.
Эркенлъи радиоялъе комментариял гьарулаго, Севастополалда гIумру гьабун йигей Лариса Бабуровалъ абуна, яс камиялъул унти жиндир ракIалдаса кинниги нахъе унеб гьечIин.

Лариса Бабурова: «Нижер гIумру чIанин абизе бегьула. Цого-цо йигей яс камиялдаса квешаб щибха гIумруялда букIунеб! Нижеда гьей киданиги кIочонаро. Гьей даимго нижгун йиго, щибаб минуталъ, щибаб къойил, щибаб сагIтица.»

25 сон барай Анастасия Бабурова чIвана 19 январалда Москваялъул централда букIараб пресс-конференциялда хадуб ботIролъ таманчаги речIун. Чанго секундалъ цеве чIвана гьебго бакIалда гьелда цадахъ вукIарав адвокат Сатнислав Маркеловги. ЦIех-рехалъул версиялда, ахирисев вукIун вуго тIадекIанцIаразул аслияб гIужлъун.

2011 соналда россиялъул диваналъ гьел кIиялго чIваялда гIайибияллъун рикIкIана неонацистазул къокъаялъул гIахьалчагIи. Никита Тихоновасе диваналъ къотIана тIолабаго гIумруялъул туснахъ, гьесул гражданияй лъади Евгения Хасисие кьуна туснахъалъул 18 сон.

Неонацистазул къурбанал машгьурлъун рукIана ультраниционалистазул зулмуялде данде кампания бачиналъе гIоло. Жидерго хIаракатчилъиялда бан, гьезие хIинкъаби цо нухалъ гурел кьун рукIарал.

34 сон барав Маркеловни гIадамазда лъикI лъалев вукIана цевеги, гьес адвокат хIисабалда россиялъул рагъулазул зулмуялъукье ккарал чачанал цIунулел рукIиналда банги. Гьес гьединго Москваялда 2006 соналда чIварай журналист Анна Политковскаялъул ва гъоркьиса хварав экологияв активист Михаил Бекетовасул рахъазул интересал цIунулел рукIана. Ахирисев щуго соналъ цеве захIматаб сакъатлъиялде ккезавун вукIана тIадекIанцIараз вухун.

Щуго соналъ цее чIварай Анастасия Бабуровалъул эбел Лариса ва эмен Эдуард ясалъул хобалда

Жидерго яс чIваялъ гьелъул эбел-эмен Лариса ва Эдуард Бабуровал гьесизаруна расаялъул кьучIалда гьабулеб зулмуялъул даража Россиялда тIаде ун букIиналда хурхараб рагьараб кагъат бахъиялде.

Жидедего «хъахIалин» абулел гIадамал цогидаздаса бергьарал рукIине кколин абун рукIкIунезул хIаракатчилъиялде данде россиялъул нухмалъиялъ цо-цо тадбирал гьарун, хадуб гьединаб зулмуялъул даража дагьалъ гъоркье ккун букIана Россиялда. Амма Москва гьанже цIидаса какулеб буго цебегогIадин расаялъул кьучIалда гьарурал чIваязде барал калел рукIиналда бан. Гьедин Россия какулез абулеб буго, гьединал хIужаби улкаялъул цIех-рехалъул идарабаз рихьизарулел ругин аслияб къагIидаялда хулиганлъи хIисабалдайин.

Лариса Бабуровалъ лъазабулеб буго, жиндир яс гIумруялдаса ятIа гьабурал гIадал ультранацитоналистазул балъгоял къокабаз жидерго чIвадари жакъаги халат бахъинабулеб бугин ва гьелъул къурбаналги дагьал гьечIин.

Лариса Бабурова: «Гьел чIвалел руго ургъунго, гьел чIвалел руго вахIшияб къагIидаялда. Гьел къурбаназул гIага-божаразулги ракI унтулеб буго чIечIого. Миллатчилъиялъул кьучIалда гIадамал чIвай гьеб ккола цIакъ вахIшияб, магIна гьечIеб ва нахъегIанаб гали.»

Бабуровалъ абулеб буго, гьедин букIаниги, жинца баркала кьолеб бугин нухмалъиялъе жиндир яс чIваялъул гIайиб бугел чагIазе тамихI гьабун букIиналда баанин.

Бабурова практикаялда йикIараб оппозицияб «Новая газеталъ» рикIкIунеб буго гьеб цIех-рех ва гьелъул хIасил, ай гIайибиял чIезарун, гьел диваналда цере чIезари россиялъул низам цIуниялъул системаялъе кколин къанагIатаб хIужалъинин.

Жиб рагьун къого сон бугеб газетаялъул 6 репортер чIвана. Гьезул репортажазда гIуралъ рагьун бицунеб букIун буго Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIакъалъулъ.