Коцюбинскиясул рагIабазда, жакъа халкъалда цебеса гьерсазул пардав борхизабизе квербакъи гьабулеб буго Украианалъул конфликталъ ва халкъаздагьоркьосел санкцияз.
Коцюбинскиясул пикруялда, Владимир Путин хъулухъалдаса махрумлъиялдаса Россиялъе гьечIо пропагандаялъ рихьизарулел хIинкъиял. Гьединаб хIужжа загьирлъун хадуб, улкаялда тIобитIизе бугин логикаялде данде кколеб политикияб процессин, рикIкIунеб буго гьес.
ГIададагосеб хIинкъи
Киналха хIинкъиял бессизарун ругел Россиялъул гражданазулъ пропагандаялъ?
Даниил Коцюбинскияс байбихьудаго кIвар буссинабулеб буго, гьес абухъего, «шагьаралъул политикияб революциялъул къагIидаялда» Владимир Путин президентасул хъулухъалдаса махIрум гьавуни, гьесул бакIалде гьесдасаги квешав, пачалихъалъеги халкъалъеги кIудияб зарал ккезабизе бегьулел Къадиров, Шойгу, Иванов гIадал гIадамал рачIине бегьулин абураб гIадамазул хIинкъиялде.
Гьеб гIададагосеб хIинкъи бугин, рикIкIунеб буго авторас. Гьединаб революция кколеб бугони, Путинида цадахъго нахъ тIамичIого нахъе ине бугин гьесул тIолабго «вертикальгиян», абулеб буго гьес.
Коцюбинскиясул пикруялда, Жакъа Россиялда загьирлъулел руго политикиябгун экономикияб кризисалъул элементал. Украиналъул конфликталъ ва халкъаздагьоркьосел санкциябаз гьеб хIакъикъат дагьалъги хIалуцинабулеб буго ва политикияб нухмалъи хисиялъул шансал цIикIкIинарулел руго.
Тохаб оппозиция
ЭР. - Гьединалго пикраби цереги загьир гьарулел рукIана политологаз Москваялда ва цогидал чIахIиял шагьаразда тIоритIулел батIи-батIиял оппозициялъул политикиял акциязул фоналда. Цого-цо жо букIинчIо доб мехалда - Украиналъул конфликтги, санкциябиги. Узухъда, либералияб берблагьиялъул гIадамазени гьеб лъикIаб хабар букIине бегьула. Амма хIадураб бугищ гьелде Путин какулеб оппозиция?
Даниил Коцюбинский: «Путин хъулухъалдаса нахъе иналъул пикруялъ ракI унгоги хинлъизабулеб батила либералияб бербалагьиялъул гIадамазул. Амма, гьелдаго цадахъ, дида ккола, гьединаб хабаралъ гьединал гIадамал дагьалъ рихха-хочинарулел ругин.
"Бокьизе букIинищ нужее Владимир Путин пуланаб багьанаб букIун, кинабалиго къагIидалда улкаялъул нухмалъудаса махIрумлъизе?" - абун лъураб битIахъеб суалалде гьезул букIуна депрессиявияб, кIудияб ургъел ккарал гIадамазул гIадаб реакция.
Щай гьедин кколеб гьеб? Щайгурелъул гьалщинал соназда жаниб Россиялъул оппозициялъул лидераз хIадур гьабичIо Путин нахъе ун хадуб улкаялда рилъанхъизаризе кколел процессазул, гуцIизе кколеб хIакъикъаталъул парадигма. Щиб пачалихъалда хисизабизе, щиб цIунизе кколеб ва гьезда релъарал цогидал суалазе жавабал кьун, жидерго бербалагьи гьез загьир гьабичIо цогIаги нухалда.
КIиабилеб. 2011 ва 2012 соназда улкаялъул чIахIиял шагьаразда рукIана цIакъ гIемер протесталъул акцияби. Москваялдани рукIана чанги нусазаргоялдаса цIикIкIун чи гIахьаллъарал акциябиги. Дицани абила, гьез, оппозициялъул лидераз Путин президентлъиялдаса нахъе ин тIалаб гьабулеб ахIи цогIаги нухалда загьирцин гьабичIин».
ЭР. - Гьеб гьереси букIунарищ? «Путин гьечIеб Россия!» абураб гIадал ахIиял машгьурлъун рукIана гури гьел соназда.
Даниил Коцюбинский: «У, рукIана "Путин гьечIеб Россия!", "Путиние цогIаги гьаракь кьоларо!" абурал ахIиял. РукIана. Амма гьел рукIана «гьаваялде» унел ахIиял.
РукIинчIо гьенир нахътIамичIого Путин хъулухъалдаса нахъе ин, нахътIамичIого нухмалъиялъул киналго даражабазда эркенал рищиял тIоритIиялъул ритIахъел чIван къотIун лъазарурал тIалабал.
Гьелде балагьун, гIадатиял гIадамазулъ бижунеб буго, унгоги улкаялъе гьеб катастрофа букIине батилин Путин хъулухъалдаса нахъе ин, оппозициялъцин гьев нахъе ин тIалаб гьабулеб гьечIин, абураб хIинкъи.
Гьеб логика жиделъ бессун букIиналъ, гIадамазда кколеб буго, Путин цIунизе кколин. Гьев нахъе инчIого хIутIизе ккани, тIолабго мутIигIлъи загьир гьабизе кколин. Гьеб гьересияб бербалагьи цIакъ щулалъун буго гIадамазулъ.
Дида ккохъе, гьединаб хIакъикъаталъул жавабчилъи буго жакъасев президентас тах теялъул тIалаб битIахъего загьир гьабичIого чIун ругел оппозициялъул политикиял лидеразда.
Жакъайин абуни, оппозициялъул лидерал хIадурал гьечIин ккола дида жидедего тIаде моралияб жавабчиги босун, гьединаб тIалаб загьир гьабизе ва жидерго рахъ колел къватIире ахIизе.
Гьедин гурищ довго Навальныясдаса байбихьун цогидазде щвезагIан оппозициялъул лидеразде Кремлалъул спарринг-партнеразде гIадаб бербалагьи бугеб. Гьел лидераз бокьа-бокьарал тIалабал загьир гьарулел руго, Путин хъулухъалдаса нахъе ин, нахмалъиялъул вертикаль биххизаби ва парламентияб республика гIуцIи тIалаб гьабулеб гьечIо, ай, хIакъаб къагIидаялда Кремлалъе хIинкъи бугел тIалабал гьез загьир гьарулел гьечIо».
ЭР. – Дуца бицунелде гIенеккун коллеб буго Россиялъул политикияб система ва талъи хисиялъул шартIал унгоги ругин жакъа, амма гьеб хисизе хIадурал къуватал гьечIин. Гьеб парадокс кколарищ, жидеего бокьун «вертикальги» нахъе унарелъул? МагIнаго бугищ гьелде кIвар буссинабиялъул?
Даниил Коцюбинский: «Дида ккола, гьел оппозициял гIуцIабазул тIалабал, ахIиял, гьездаго цадахъ гьезул лидерал хисулел ругони жакъа, метер политикияб процесс Россиялда дагьалъ жигараб къагIидаялда ине бегьулин. Гьеб мехалда гIадамазулъ бугеб протесталъул бербалагьи буссине бегьула кIудиял хиса-басиял кьолеб асаралде.
Дица бицунеб гьечIо гьанже гIицIго либералияб берблагьиялъул гIадамазул. РазигьечIолъи жакъа цогидал гIадамазулъги буго. Совет Союзалъухъ урхъун рукIинги жакъа ккола протесталъул форма, къагIида. Халкъалъул аслияб бутIаялъе хIакъикъаталдаги чIалгIун буго ритIукълъиялъул атмосфералда гIумру гьабун рукIине, гьелъие унгоги къваригIун руго хиса-басиял».
ЭР. – Дуца гьанже бицунеб буго букIине бегьулелъул. Сунца квал-квал гьабулеб бугеб оппозициялъе, дуцаго абухъего, жиндего жавабчилъи тIадеги босун, хIалае жидерго рахъ ккуралги ахIун, гьеб, дуца рикIкIунхъе, жагъаллъун бугеб «вертикаль» речIчIизабизе?
Даниил Коцюбинский: «Кремлалъ махшелгун хIалтIизарулел руго оппозициялъул ричун росарал лидеразул цоял, махшелгун хIалтIизабулеб буго пропаганда билъанхъизабиялъул телевидениялъул кIудияб потенциал. Халкъ буссинабулеб буго зомбиялде, талъиялъ абу-абуралда божулеб "инструменталде".
Халкъ божизабулеб буго гьединго улкаялъе Совет Союзалъул къагIида, формат бищунго данде кколеб букIиналда. Гьедин гурищ коммунистаз нечечIого Волгоградалъе Сталинград, Петербургалъе Лениград цIарал нахъе руссинариялде ахIулел ругел ва гьеб инициатива Кремлалдаги квешаблъун бихьулеб гьечIеб.
Кремлалъ халкъ божизабун буго, Путин тун цоги чи нухмалъуде вачIани, «тушбабаз сверун ккун бугеб» улка балагьалде ккезе бегьиялда».
Политикиял процессазул катализатор
Аммайин абулеб буго Коцюбинскияс гьеб хIинкъиялдасаги халкъ "сах гьабизе" бегьулин. Халкъ рИгьиналъе гьедингIан гIемер жо жакъасеб къоялда къваригIунарин, шартIал жибго талъиялъ рижинарулел ругин ва жагъалаб система ккун хутIун бугин ахирисел чучун ругел басриял шурупазин, абулеб буго экспертас.
Даниил Коцюбинский: «Инфляциялъул ккал гъварилъарабгIан, санкциязул захIмалъаби хIалуцаралгIан, нартил багьа хварабгIан империялъулал расанкIабазул эффект талхулеб буго. Гьелдаго цадахъ живго гIамал кIудияв президентасул чIухIараб бетIерги гIодобе къулулеб буго. Гьеб, мисалалъе, бихьулеб букIана ЦIияб соналда хурхун хитIаб гьабулеб мехалдаги. Гьединав Путин жидеда киданиги вихьун вукIинчIин хъвалеб букIана доб мехалда интернеталда гIемерисез.
Путинида ва гьесул сверухълъиялда божукълъиялъул пикру тIибитIулеб буго бищунго хехго интернеталда. Амма жакъа гьеб процесс интернеталдаса къватIибе бачIун буго, гьанже батIи-батIиял читIираздаги, метроялдаги, халкъ данде бакIарарал цогидал бакIаздаги гьединал пикраби загьир гьарулел рукIуна. КватIичIого жидерго гIумруялъул захIмалъаби тIалъиялда хурхинарзе руго пачалихъияб телевидениялъухъ балагьун, гьениб абу-абураб хIакъикъат хIисабалда къабул гьабулел ругел гIадамазги. Гьединлъидал Путин тахалдаса нахъе ин тIалаб гьабиялъул суал заманалъул суал кколин рикIкIуна дица».
Авторитаризмалдаса парламентияб республикаялде
ЭР. – Нилъеца бицен гьабулеб процесс байбихьанин тела. Путин ватичIони, щивин, абун суал лъолеб мехалда, гьеб гьересияб диллема кколин абулеб буго дуца. ЛъикI букIинаан дуца дагьалъ мухIкан гьабуни, щибин абураб гьеб колебали.
Даниил Коцюбинский: «Гьеб унгоги гьересияб диллема ккола. Улкаялъул бетIер вищиялъул эркенал демократиял рищиял тIоритIулел ругони, щибаб регионалда гьеб хъулухъалде кандидатлъун рихьизе руго батIи-батIиял, жидеда лъикI лъалел чIагIи. Мисалалъе, чачаназул вукIине бегьула жидерго чи. Татарстаналда рахъ кквела жидерго чиясул. ТIабигIиял сурсатазул рахъалдаса бечедал Сибиралъул регионазда рахъ кквезе бегьула гьеб бечелъи гьениб гIумру гьабулеб халкъалъул бечелъи бугин ва гьелдаса пайда тIоцебего гьенисеб халкъалъе букIине кколин, абураб пикру загьир гьабулев кандидатасул. Ахирисесулни Москваялда Навальныясулалдасаги цIикIкIараб машгьурлъи букIинаан Сибиралда. Гьединаб мехалда раккизе руго гIемер лидералги политикиял къуваталги.
Ай, гьеб кколаро Ельцин вищулеб мехалда букIара гIадал шартIал. Жибго системаялъги цогояв кандидат хIадуричIо ва хIадуризе ресги букIинчIо. Гьединаб хIакъикъаталда вачIине нухмалъуде дие ракIалъе гIоларев Навальный, вачIине те дие ракIалъе гIолев гIурус националистазул риторика билъанхъизабуларев пуланав либералияв демократ, гьелъул гьедигIан кIудияб кIвар букIине гьечIо, нилъеца парламентияб республикаялде нух бахъулеб бугони. Щай? Щайгурелъул регионаздеги рачIине ругелъул жидерго политикиял, социалиялгун экономикиял ва цогидал программабигун. Конституциялдеги къануназдеги гьел данде колел ругони, гьел рикIкIинчIого чIезе пачалихъалъул бетIерасда кIоларо.
Парламенталъул республикаялде руссиналдего, цIияв президент гьоркьове ккезе вуго цIиял политикиял къуватазде ва гьес регионазда хурхун билъанхъизабизе ккезе буго цIодораб, къанунал хвезаризе риччалареб политика. Гьединаб хIакъикъаталде ккараб мехалда гьесие жиндего пайдаяблъун бихьизе буго жиндирго цо-цо тIадкъаял парламенталъухъе ва регионазухъе кьезе.
Дида ккола регионазулги жибго пачалихъалъулги даражабазда нилъ парламентияб республикаялде руссунел ругони, улкаялъул нухмалъиялде щив вачIинин абураб суалалъул бегIерлъи букIине гьечIин. Суал букIине бугин щив гьесул бакIалъ гуреб, щиб гьесул бакIалъин, абураб. Путинил бакIалде бачIине буго политикияб либерализациялъул процесс. Гьелъин абуни тIоцебего рорчIизаризе руго регионазда гьанже кьижун ругел политикиял къуватал. Централъул гьел рикIкIинчIого чIезе рес букIине гьечIо.
Шималияб Кавказ ва Шотландиялъул къагIида
ЭР. - Кин дуда кколеб гьеб процессалъул нухда рукIине бегьулищ камиял? Ай, улкаялдаса цо-цо территорияби ратIалъиялъул хIинкъи бугищ?
Даниил Коцюбинский: «Дида ккола, Кавказалда хурхараб суал цIидаса цебе бачIинин. ГьабсагIаталдаго бихьулебги буго. Имепериялъул экономикияб берцинлъиялда хIур чIвазе байбихьарабго, Грозныялда гьаруна яргъид гIуцIараз тIадекIанцIиял. Пачалихъалъул нухмалъиялъул «вертикаль» бортун арабго, дида ккола, Кавказалда цIидаса борхизабизе бегьулин жидерго политикияб нух бищиялъул суалин.
Дида ккола, гьениб загьирлъизе бегьулин Шотландиялъул гIадаб сценарий, гьебги щиб кIиябго рахъалъул, ай, регионазулги централъулги разилъигун. Чачаназул, Гъалгъазул республикабазе, Дагъистаналъе, Гъабардагун Балкариялъе ва цогидал республикабазе, рес кьезе бугин гьаркьал кьун, референдумал тIоритIун жидерго нух бищизе. Гьез жидецаго хIукму гьабизе батила политикияб нух бищиялъул процессалда гIахьаллъиялда хурхараб.
Цебеги букIана гури гьединаб жо. Амма гьеб биххизабуна къуват хIалтIизабун. Кавказалда цIидаса загьирлъизе бегьула 90 соназул байбихьуда рукIарал гIадал процессал. Амма жакъа дагьал цогидал шартIал руго.
Доб мехалда доб политикияб процесс рагъалде буссана Кавказалъул лидеразул гуреб, гIицIго Россиялъул талъиялъул гIайибалдалъун. Дудаевасе ахиралде щвезегIан рагъ бокьун букIинчIо. Рагъалде гьесизаруна империялъ.
«Вертикаль» биххун хадуб нухмалъиялде бачIараб демократияб нухмалъиялъ регионазе реферемдумаздалъун жидерго нух бищизе рес кьуни, гьеб дица рикIкIуна букIине кколеб, демократияб процесс букIинин. Гьеб ккола имеприяялъул демонтаж гьабиялъе данде кколеб демократияб процесс. Дида гьелда щибниги квешаб жо бихьуларо.