Щай Лукашенкое рихун бугеб "Уралкалий"?

Гьал къоязда Беларусиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна бизнесмен Сулейман Керимовасда тIад такъсирчилъиялъул иш гьабун бугин ва гьев тIолгодунялалъулго цIех-рехалда вугилан. Белорусаз Керимовасде Россиялъул ва Белоруссиялъул экономикаялъе кIудияб зарал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго.
27 августалда Минскалда Белорусиялъул къуваталъул идарабаз ккурав «Уралкалий» компаниялъул бетIер Валентин Баумгартнерида сверун гьабураб кинабго ахIи-хIур унгояб къагIидаялъ бизнесмен Сулейман Керимовасде данде гьабулеб бугин абулеб букIана бетIералда экспертаз. Гьанже белорусазги гьеб тадсикъ гьабуна. Гьал къояз Белорусиялъул цIех-рехалъул идарабаз лъазабуна жидеца Россиялъул ва Белоруссиялъул экономикаялъе кIудияб зарал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулеб бугин Сулейман Керимовасде, хIатта Кавказалда ругел такъсириял къокъабазулгунцин хурхен бугин бизнесменасулин чIезабизе къваригIун буго белорусазе. Гьеб киналдаго хурхун Керимовасда тIад такъсир гьабиялъул ишги гьабун ва гьев тIолгодунялалъулаб цIех-рехалдеги лъазавун вуго гьезул къуваталъул идарабаз.

Сулейман Керимов ккола «Уралкалий» компаниялъул кIудияв акционер. Керимовасул адвокат Александр Кучеренаца бицухъе гьев «Уралкалиялъул» акционерлъун вахъун хадуб кIодолъизе ва цебетIезе лъугьун буго гьеб компания. Къокъаб заманалда жаниб калиялъулал беэнлъаби гьарулеб «Сильвинит» заводги «Уралкалиялде» гьоркьобе бачун «Беларуськалий» компаниялде «ишан босун» букIанин Керимовасилан бицана Кучерена. Гьеб данде ккечIин белоруссазе, щай гурелъул гIемераб хайир кьолеб компания бугин гьебилан абулеб буго адвокатас. Гьединго цин бичилин хадуб бичиларин гIемерал чIандаби гьарунин гьеб заводалда хурхун Белорусиялъул президент Александр Лукашенкоцаги. Ахиралдаги лъицаниги кьолареб багьаялде 30 миллиардалд долларалде бичилин гьеб компанияйилан чIун вукIун вуго, Кучеренаца бицухъе, Белорусиялъул президент.

Гьединго Керимовасул адвокатас ва цойгидал экспертазгун политологаз рикIкIунеб буго «Уралкалиялда» сверун бугеб ахIвал-хIал гьеб г1иц1аб политикияб иш бугилан. Россиялъулги Белорусиялъулги тIалъиялъул дандеккунгутIаби рукIиналъ гьеб кинабго «Уралкалиялда» ва Сулейман Керимовасда рецинабулеб бугин гьезилан.
Гьебго пикру гIахьал гьабулеб буго «Настоящее время» газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевасги.

Милрад Фатулаев: « «Уралкалиялда» ва гьелъул бетIергьабазда хурхараб гьеб ахIвал-хIал, дир пикруялда рекъон, Белоруссиялъул ва Россиялъул гьоркьолъабазул хIасил буго. Цере –цереги чанги рукIана гьединал дандеккунгутIабазул хIасилалда рахъарал ахIи-хIурал. Цин газалда хадуб токалда хурхун камичIо гьел. Гьаб нухалдаги гьеб кинабго Россиялъул ва Белоруссиялъул дармилаб рагълъун рикIкIине бегьула, щай гурелъул Белорусиялъе калий буго Россиялъе нефть гIадинаб магIдан. Гьелъ гIемер хайир кьола пачалихъалъе, гьединлъидал щиб гьабунги жидеего хIалтIизе квалквал гьарулел компаниязде данде къеркьезе къваригIун буго «Белоруськалиялъул» бетIерлъиялъе, ай гьеб улкаялъул тIалъиялъе. Россиялъул ва Белоруссиялъул экономикияб хайиралъе ва политикияб цIайиялъе гIоло унеб бугеб къеркьеялда гьоркьов ккун вуго Сулейман Керимов»

Гьаб сагIаталда жаниб «Уралкалий» компаниялъул 22 % процент акциял кодор вугев Сулейман Керимовас жинде Белорусиялъул цIех-рехалъул идарабаз гIунтIизарулел ругел гIайибазда хурхун кинабниги лъазаби гьабичIо. Гьесул адвокат Александр Кучеранал рагIабазда рекъон Керимовас живго гIайибияв гьечIилан рикIкIунеб буго.