А. Мотыль: «ТIаде щвана Путиние хIинкъи бугеб заман».

Украиналда халат бахъунеб кризисалъ Владимир Путиница нухмалъулеб Россия бачана Магърибалъулгун дандечIеялде. Гьелда бан 2015 сон Россиялъе букIине бегьула гIуралъ захIматаблъун. Гьелдаса кIудияб асар букIине рес буго Рухсаханаялъул Цолъиялъеги ай Таможенияб цолъиялъеги. Гьедин рикIкIунеб буго гьеб ахIвал-хIалалда хадуб хал кколеле цо-цо экспертаз.

Россиялъул президент Владимир Путиние 2014 сон букIанин абизе бегьула бищунго лъикIабги бищунго квешабги. Цо босани, Крымалъул аннексия гьабун хадуб парламенталда 18 марталда цеве вахъун хадуб, гьесул къиматалъул даража россиялъулазда гьоркьоб цIакъго тIаде ана. Цоги рахъалъан – 15-16 декабралда гъурщил къимат бортана 20 гIанаб проценталъ. Гьелъие багьаналъун лъугьана нартил багьа гIодобе ккей ва магърибалъул санкцияби.

Араб соналда Путиница кIала-гъоркье серизабуна дунялалъул низам ва Дунялалъул КIибилеб рагъалда хадуб тIоцебесеб нухалда хIал гьабун хисизаруна гIорхъаби. Кеннанил институталъул Вилсон-централъул директор Мэттью Роджанскияс абулеб буго Россиялъе Магъриб ками кколин унгоги кIудияб камийин.

Мэттью Роджански: «Дунялалъул аренаялда Россиялъе Магъриб камиялде данде ккун, цогидаб лъикIабин абизе бегьулеб кинаб гIаги жо дидани бихьулеб гьечIо кинаб гIаги. Цингиги гьеб кколаро Россиялда кинабго жо цебе лъикI букIанин абураб. Жалго россиялъулазе бокьараб даражаялда дунялалда Россиялъул адаб дунялалда киданиги гьабулеб букIинчIо. Амма гьанжейин абуни, дида ккола Россиялъул адаб Шималияб Корея гIадал улкабазда гурони, тIокIаб лъицаниги дунялалда гьабулеб батиларин».

Украиналда хурхун билъанхъизабураб политика кколин Путинил стратегияб гъалатин ва гьелъул хIасилалда Россия тIубанго махIрумлъанин Киевалдаса мадугьалияб партнер хIисабалдайин, рикIкIунеб буго Ратжерсил университеталъул политикиял гIелмабазул профессор Александр Мотылица.

ТАМОЖЕНИЯБ ЦОЛЪИ

Постсоветиял республикаби гъорлъе унел Таможенияб цолъи гIуцIиялъул къагIидаялда цIидаса букIараб советияб территория цойиде бачиналъул Путинил проекталда хурхунги щаклъи баккулеб буго гьанже.

Жакъа гьеб цолъиялда гъорлъ руго Беларусь, Казахстан, Россия, тIоцебесеб январалда тIаде жубана гьединго Арменияги. Украина гьелде гъорлъе лъугьиналъул перспектива тIубанго «сана» гьанже.

Украиналъул кризисалъ бихьизабунин гьеб блокалда ругел «кьвателалин» абулеб буго Бирмингемалъул университеталъул политикаялъулги халкъаздагьоркьосел гIелмабазулги профессор Катарина Вольжчукица. Гьелъ рикIкIунеб буго цорахъалъулаб къагIидаялда Европаялъул продуктазул импорт гьукъиялъ бихьизабизе бугин гьеб цолъиялъул щулалъийин. Гьелъ бихьизабизе бугин кколищ яги кколарищ гьеб гIемеррахъазул гIуцIияли. БукIунищ яги букIунарищ гьеб Евразиялъул гIатIилъиялда Россиялъ кверщелалда кинабго жо гьабулеб цолъияли, абулеб буго Вольжчукица.

Гьелъ абулеб буго Беларусалъ ва Казахстаналъ Россиялдаса мисал босун гьукъичIин Украиналдаса квен-тIехалъул продукталин. Таможенияб цолъиялъул цогIаги улкаялъ рахъ кквечIо Украиналъул Евроцолъиялъулгун эркенаб (тIоцебе гъулбасараб, дагьалъ хадуб чIезабураб) дармил къотIи-къай Таможенияб цолъиялъул тIалабазде данде кколарин абураб Москваялъул пикруялъул. Гьединлъидал 2015 сон Таможенияб цолъиялъе букIине бегьулин щулалъиялъул экзаменин, рикIкIунеб буго Вольжчукица.

ЭКОНОМИКИЯЛ КАМИЯЛ

Магърибалъул кредитаздаса махIрумлъун хадуб Россиялъул компаниязе, хасго Путинил сверухълъиялъул вакильзабаз нухмалъулел пачалихъиял компаниязе ва гIуцIабазе захIмалъаби раккана налъаби кьеялъул суалалда сверун.

Игорь Сечиница нухмалъулеб пачалихъияб «Роснефть» компаниялъ декабралъул ахиралде нахъ буссинабизе кколеб букIана налъабазул анкьго миллиард доллар, цингиги къого миллиард доллар гьелъ нахъ буссинабизе ккола 2015 соналдаги. Компаниялъул гIаммаб налъи кколеб буго гьанже 550 миллияард доллар. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Британиялъул Economist журналалъ.

Дунялалда нартил багьа гIодобе ккеялъ къимат хвезабуна гъурщил, гьеб процесс халат бахъунебги буго.

Экономист Андерс Аслундица рикIкIунеб буго, нухмалъиялъ стратегиял резервалъул фондалдаса гIарац хIалтIизабулеб букIиналде балагьичIого, 2015 соналда дефолт букIине бегьулин.

Центробанкалъул прогнозазда рекъон, 20I4 соналда Россиялдаса нахъе араб капиталалъул даража бахун буго 128 миллиард долларалде. 2013 соналда гьеб къадар букIун буго 56 миллиард доллар.

БОЖИЛЪИ ГЬЕЧIЕБ ЖАНИСЕБ АХIВАЛ-ХIАЛ

2014 соналда халкъаздагьоркьосеб аренаялда загьирлъарал драматикиял лъугьа-бахъиназул асар буго гьединго Россиялъул жанисеб ахIвал-хIалалдеги.

Цо рахъалъан босани, Путинил рейтингалъул даража букIинчIо киданиги гьединаб борхалъиялда. Нухмалъиялъул рахъ кколезул патриотизм цикIкIунеб буго щибаб къойилго гIадин.

Цогидаб рахъалдаса цIикIкIунеб буго эмиграциялъул процесс. Россиялъул нухмалъиялъул хIисабалда 2013 соналда къватIиве ун вуго I86 азаргоялдаса цIикIкIун чи. 2010 соналда гьеб къадар букIун буго 33 зарго чи, 2011 соналда – 36 азарго.

Мэттью Роджанскиясул пикруялда, Россиялда жакъа загьирлъулеб гьечIо кIудияб даражаялъул «креативизм, энергия и динамизм, плюрализмги цIикIкIунеб гьечIо». Питтсбургалъул университеталъул Россиялъул ва Машрикъалъул Европаялъул цIех-рехалъул централъул хIалтIухъан Шон Гиллорица гьединаб ситуация рикIкIунеб буго «Россиялъ жинцаго жибго изоляциялде кезабиялъе гьабулеб хIалбьихьилъун». Амма экоономикаялда бугеб захIматаб хIалалъ асар гьабулеб буго гIадамазде.

«Газпромалъул» нухмалъиялъ лъазабуна, газалъухъ жанисел тарифал цикIкIинариялъул планазул хIакъалъулъ. Декабралда Москваялда тIобитIана валютаялъул ипотека босаразул акция, гIарац нахъе буссинабизе кумек тIалаб гьабун.

University College London абураб университеталъул политикаялъул профессор ва “Бажаризе бугиз Россиялда модернизация гьабизе» абураб техьалъул автор Алена Леденевалъ рикIкIунеб буго Путиниде тIадецуй гьабулеб бугие цо рахъалъан экономикияб элитаялъин, цогидаб рахъалдаса – жамгIияталъин.

«Дир пикруялда, Путиница система гуреб биххизабулеб, системаялъ Путин нахъе къотIизе бегьула», - ян абулеб буго Леденевалъ.

Александр Мотылил рагIабазда, Путиние хIинкъи бугеб заман тIаде щвана жакъа.