Дезоморфин щибали гьанже лъалеб буго мугІрузул гІолилаздаги

Афгъанистан. Опиумалъул хурзабахъ.

Жакъа тІолабго дунялалда хIалтIизабулеб наркотикалъул 80-дасаги цIикIкIун процент бачIунеб буго Афгъанистаналдаса. Гьелъул цIикIкIарасеб къадарин абуни - Россиялде.
Жиндирго иргаялда, Дагъистан рикІкІунеб буго наркотикал хІалтІизариялъул рахъалдаса бищунго хІалуцараб ахІвал-хІал бугеб регионалъун Россиялда.Нижехъе щварал баяназда рекъон, республикаялда цониги шагьар, я мухъ рагIуларо наркотикал хIалтIизабулареб.

Гьел тIиритIизариялда ва хIалтIизариялда хадуб халкколеб федералияб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ кьурал баяназда рекъон, республикаялда бищунго гIемер хIалтIизабулеблъун рагІула марихуана. Хадуб - дезормофин, гашиш, опиум ва героин.

Героин Дагъистаналде бачIаралдаса кIиго сон бугилан бицана рехсараб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Шигьабудинов Ширинбекица. Гьесулго рагІабазда, наркотикал ричулеб базаралда рехсараб тайпа цIакъго цIикIкIун букIиналъ, гьелъ гIемер кIвекIенал гьарулин жидер хIалтIуеян, мукIурлъана гьев.

ТIолабго дунялалда хIалтIизарулел наркотиказул 80-гIанаб процент рагIула Афгъанистаналдаса.

Гьединго ахираб заманалда машгьураблъун лъугьанин Дагъистаналда дезоморфин наркотик хIалтIизабиян, бицана гьес ЭРадиоялъе.

Республикаялда тIатинарурал наркотикал хIалтIизарулел бакIазда 95 процент рагIула дезоморфин хIалтIизабулел. Мисалалъе, цохIо июналда жаниб тIатинабун буго гьединаб І9 хIужа. Цингиги гьеб рагIула бищунго сахлъиялъе зарал ккезабулеб наркотик.

Дагъистаналда гьединго цIикIкIунел руго руччабаз наркотикал хIалтIизариялъул хIужабиги. Аслияб куцалда гьел руго 20-30 соналъул ригьалда ругел гIадамал. Дагьаб цебегIан республикаялда тIатинабун буго гьединаб хас гьабун руччаби-наркоманазул рукIел. Гьезухъа щварал баяназда рекъон, жидерго росабаз ругьун гьарун руго гьел гьеб хъубаб пишаялде.

Шигьабудиновас кІвар буссинабулеб буго наркотикал гьанже магІарухъги хІалтІизарулел рукІиналдеги. ГьанжелъезегІань гьеб хутІулеб букІун буго гІицІго шагьаралъул балагьлъун.

Ширинбек Шигьабудинов: «КигIанго нижеда гьенибе щвеларин гьеб унтиян ккун букIаниги, мугIрузул мухъаздаги тIатунел руго дезоморфин хIалтIизабиялъул хIужаби. Гьеб бищунго заралияб наркотикги ккола. Цо нухалда гьеб хIалтIизабун хадуб, гьеб гьечIого чIезе кIоларедухъ лъугьуна инсан. Цолъарал миллатазул гIуцIиялда цебе гIуцIараб ТIолгодунялалъулаб сахIлъи цIуниялъул гIуцIиялъ ва нилъер гьанир ругел тохтурзабаз чIезабуна, дезоморфин хIалтIизабун хадув чи цо сонгун бащадалъ гурони чIаго хутIуларилан.»

ТIолабго дунялалъул сахлъи цIуниялъул идараялъ абулеб буго, дезоморфин хIалтIизабизе байбихьарав чияс кIиго сонцин баларин.

Ахираб заманалда Дагъисатаналде гIемрелъулел руго санаде рахинчIел лъималаз мацIалда гъоркьеги ккун сунтI къулчIиялъул хIужабиги. Россиялъул цо-цо регионазда сунтI наркотиклъун рикIкIаниги, Дагъистаналда гьеб наркотиказул тайпаялде гъорлъе унарилан абуна Шаринбек Шигьабудиновас. Амма мацIалда гъоркьеги ккун гIолилаз сунтI къулчIиялъул хIассилалда загьирлъулел руго рак, язва гIадал унтаби.


Республикаялъул наркологияб диспансералъул бетIерияв тохтур МухIамад ХIажиевас абуна ЭРадиоялъе, наркотикалъ унтарал гIадамал жидер азарханялда чIорого сах гьарулилан...

Дагъистаналда гьабсагIаталда жанир ругезул лъабго бутIа гьабун цо бутIа буго наркотикал хIалтIизариялъе г1оло туснахъалде ккарал. Россиялда наркотикал хIалтIизариялъухъ чи тамихIалде цIала уголовияб кодексалъул 228 статьялда рекъон. Гьениб бихьизабураб бищунго къвакIараб тамихI ккола наркотик хIалтIизабуралъухъ 20 соналъ эркенлъиялдаса махIрум гьави. ГьабсагIаталда хал гьабулеб буго тIасияб соналдаса байбихьун гьеб тамихI жеги къвакIизабун, гIумруялъго туснахъ гьавиялъул тамихIалде хисизабизе.