Россиялъул культураялъул министерлъиялъул хьул буго киноматографаялъул кумекалдалъун жамгІияталда жаниб кавказаиязде бугеб негативияб бербалагьи хисизабизе. Гьеб идараялъул вакиль Григорий Ивлевас «Известия» газетаялъе комментариял гьарулаго лъазабун буго, гьединаб къвакІараб буюр кьун гьечІила. Амма жидеца гІамал гьабулеб бугила миллатазда гьоркьоб гьуинлъи бижинабиялъул масъала тІубазабиялъул гъира кинематографистазулги бижинабизеян. Бажарулищ гьединаб мурадалде щвезе гІицІго кинематографалъул ресал хІалтІизарун, инсанасул ихтиярал цІунулезул къиматалда, ксенофобиялъ гъваридал кьалбал риччараб Россиялда?
«Жиндир заманалда рахъун рукІана цІакъ лъикІал «Мимино», «Кавказалъул асирай» гІадал фильмал. Гьел раккІун хадуб Кавказалъул имидж гІуцІизеялъе хІаракат бахъизе кколебцин букІинчІо. ХІакъикъаталдаги нилъ киналго ккола цо улкаялъул гражданал. Рахъизе ккола цІиял, заманалде данде кколел фильмал. Гьединал проектазда гІахьаллъизаризе ккола гІолохъаналги.» - ян лъазабун буго Пачалихъияб Думаялъул миллиял ишазда сверун комитеталъул гІахьалчи Михаил Маркеловас.
Кавказалъулазде рокьукълъи бижинабиялъул ишалда ахирисел соназда цо-цо политиказул къокъабазда, централиял информациялъул алатазда цадахъго, кІудияб хІалтІи гьабунила киноялъгиян, риккунеб буго нижер программаялъе баян гьабураб Советияб заманалда гІемер фильмазда вахъарав чачаназул актер Джамаев Имраница.
Джамаев Имран: «Чачаналъ рагъул жигараб фаза рагІалде бахъун хадуб, ахирисеб І0-І2 сонида жаниб Москваялъ бахъизе байбихьана чачанал, кавказиял тушбабилъун рихьизарулел фильмал. БитІараб бицани, дидани гьел рихьулаан пародиябигІадин. Гьел релъарал руго магърибалъул киноялда. Гьезги бихьизабуларишха ритІухълъи балагьулев цо чияс тІубараб бо тІагинабулеб куц. БитІараб бицани, ахирисеб заманалда дида гьединал фильмал рихьулел гьечІо. Амма рахъарал гьединал фильмаз узухъда парахалъи ва рекъел цІуниялъул масъалаялъе квербакъи кинниги гьабуларо. Рахъун руго гІемер фильмал. Гьезда берцинго бихьизабун гьечІо киб ва кидал дол яги гьал лъугьа-бахъинал загьирлъулел ругелали. Ургъизе кІвахІаллъулел гІадамаз гьеб кинабго къабул гьабулеб буго хІакъикъат хІисабалда, гьезулъ бижинабулеб ва щулалъизабулеб буго кавказияв гІурусасе тушман кколин абураб бербалагьи. Гьеб суал гьанже доба тІад гьоркьоб лъолеб букІин, гьай-гьай, лъикІаб иш ккола. Цебего гьабизе кколеб букІана гьебдин.»
Унгогийищ кинематографалда бажарулеб Кавказалъулазда хурхун улкаялда позитивияб бербалагьи щулалъизабизе? Гьединаб суалалъе жаваб кьолаго, кинематографалъул профессионалал аслияб къагІидаялда разилъулел руго, фильмаз гьелъие кумек гьабизе букІиналда. Амма, гІицІго кино гьелъие гІолареб букІиналдаги гьезул ракΙ чІараб буго.
Машгьурав режиссер, актер ва сценарист Ислам Казиевасул асарал Дагъистаниязда лъала лъикΙ. Хасго машгьураллъун риккуна ХІамзатов Расулил «МагІарулай» абураб поэмаялъул магІнаялдасан бахъараб гьединабго цІаралъул фильм, "Хучдузул рагІдукъ алжан" абураб Шамилил хІакъалъулъ фильм.
Нижер программаялъе комментариял гьарулаго, Казиевас кІвар буссинабуна, ахирисеб фильмалъул цо сериягурони бахъизе ресал щун гьечІеблъиялде ва хутІараб лъабго сериялъул сценарий гІумруялде бахъинабичІого хутІулеб букІиналде. Гьел серияздаги Шамиль гІадамазда вихьизе вукІанила парахалъиги, рекъелги балагьулев чи хІисабалдайила, абуна гьес нижер программаялъе баянал гьарулаго.
Ислам Казиев: «Шамилил хастияталдеги, гьесул хьвада-чІвадиялдеги берцинго балагьани, бичІчІунеб буго, гьес парахалъиялде, рекъелалде нух балагьулеб букІараблъи. Рагъ гьесул пикруялдаги цІакъ аморалияб жо ккола. Бокьараб рагъалъул хІассил ккола хвел, кІиябго рахъалдасан.»
Казиевасда лъикІаб магІна бихьулеб буго Культураялъул министерлъиялъул инициативаялда нахъ. Амма гьесги риккунеб буго кинематографалъ гьабизе бегьулеб хІалтІуе квал-квал гьабизе рес бугин Россиялда баянго загьирлъулеб квенофобиялъин. Кавказалъул ва Централияб Азиялъул улкабаздасан гІадамал тушбабилъун рихьизариялъул марадалъул хІаракатчилъи къуватаб букІиналдеги ишара гьабулеб буго режиссерас.
Ислам Казиев: "Брехтил "Эбел Кураж" абураб асаралъул тема загьирлъулеб буго дир фильмалдаги. Рагъ… Генералазе рагъ къваригІун буго. Щайгурелъул гьезие чІахІи-чІахІияб гІарац щолеб буго. Генералаз абулеб буго гІемер тушбаби ругила. Россия кидаго хІадураб букІине кколила рагъде. Дагъистан бугила лъикІаб полигон яргъил хІалбихьи гьабиялъе. ХІакъикъаталдаги рагъ ккола доб меседил чІугІа кквезе рес кьолеб хІабургъараб лъимгІадаб жо. Гьанжеги история такрарлъулеб буго. Щибниги хисун гьечІо жакъаги. Рохьалилан абула, щай доре дол унел? Щайгурелъул цо-цо гІадамаз гьарурал такъсирал хутІула кинабгІаги тамихІ гьабичІогою. Гьеле прокуратураялъ риччалел ругогури унго-унгоял такъсирчагІи. Гьале жакъа чІвана цо пуланав чи. Абулеб буго гьев киллер вукІанилан. ЧІван гьев. ГІадамаз гьанже жидецаго гьединал гІадамазе тамихІ гьабулеб буго."
Гьединаб хІакъикъат кколила цояз къедал ралеб мехалда цогидаз гьенисан кирпичал рахъулеб гІадаб жойила. Гьесулго пикруялда, кинематографалъул хІаракаталъул даража гІодобе ккезабизе буго гьединго гІемерисел централиял информациялъул алатаз тІад чІун гІуцІулеб кавказиязул негативияб имиджалъ, хасго кавказияз гьарулел такъсирал чІечІого такрар гьариялъ.
Ислам Казиев: "Щай гьез гьел такъсирчагІазде кІвар буссинабулеб бугеб кидаго? Гьезул цо-цоязул жидерго гьел такъсирчагІазулгун рукІунагури бухьенал. Ахирисезул кумекалдалъун бетІербахъи гьабулагури цо-цо хъулухъчагІаз. Гьеле гьанив вукІанагури министр (Жанисел ишазул) хисулев Колесников Бицунеб букІана гьес аэропланалъ баччулеб букІанила щварабщинабила. Гьанже Москваялда вугогури гьев лъикІаб бакІалда гІодов чІун. ГІакъилал рагІаби абулев вукІуна. Гьевин абуни, унго-унгояв такъсирчилъун риккуна гьанив. Гьединазгурищ киназулго къадру хвезабулеб бугеб!»
Шималияб Гьириялдасан машгьурав кинематограф, Россиялъул кониметографазул цолъиялъул Шималияб Кавказалъул бутІаялъул нухмалъулев Гулуев Вячеславица риккунеб буго, журналистал, информациялъул алатал ричун росун ругила, регионалда загьирлъулеб хІалуцараб ахІвал-хІалалдаса политикияб сурсат балагьулел къокъабаз.
Гулуев Вячеслав: "Такъсир гьабуларо кавказалъул миллатазул сипат-сураталъул гІадамаз. Такъсир гьабула такъсирчагІаз. ТаксирчагІи рукІуна бокьараб миллатазул - гІурусазул, татаразул, жугьутІазул гьириязул, бокьарал цогидал миллатазул. Гьелъул гІемер кІварги буссинабизе ккола нилъеца. Информациялъул алатал, хасго централиял, гьел киналго ричун росун ругилан ккола дида. Цебе журналистазулги букІана тохтурзабазулгогІадаб этика. РакІбацІалъи, низам ва къадру. Гьанже гьеб кинабго хьибилалда тун, гІемерисел журналистал рекерахъдулел руго сенсациябаздаги, чІахІияб гІарцуда хадур. ГІарац кьурал гІадамазе бокьа-бокьарабги хъван руго гьел гьанже. Гьеб сурукъаб жо ккола."
Гулуевги разилъулев вуго кавкзалъулазул хвезабун бугеб имидж лъикІлъизабиялъе кинематографул ресал кІудиял рукІиналда ва култураялъул министерлъиялъ кьолеб хІаракаталъ хІассил кьезе бегьулила, нагагьлъун гьелъие биччалеб гІарац гІадатияб къагІидаялда адрес лъачІого тІагІинчІониян.
Советияз заманалдасан 50-ялдасанги цІиккун фильмазда гІахьаллъарав машгьурав чачаназул актер Омаев Дагуница риккунеб буго, нилъер регионалъул мастеразги жидерго фильмалги рахъизе кколила.
Омаев Дагун: "Нилъеца нилъецагоги рахъизе нилъерго фильмал. РукІине те тІоцере гьитІиналго, рукІине те гьел І0 минуталъул, рукІине те къого минуталъул, гьел рукІине ккола лъикІаб къадруялъул. Нилъеца бихьизабизе ккола щал нилъ хІакъикъаталдаги ругелали. Нилъ квешаб миллат гьечІеблъи бихьизабизе ккола. Нилъ нечезе кколаро нилъерго халкъалъул бицине. Амма гьелдаго цадахъ нилъеца нилъго кІодо гьаризе бегьуларо цогидал квешаллъун рилъизарунги."
Гьелдаго цадахъ Омаев божулев гьечІо, нагагьлъун культураялъул министерлъиялъ хІаракат бахъун, гьелъие гІарац биччалеб бугони, гьеб регионалде щвезе букІиналда, жакъасеб коррупцияги, жавабчилъи гьечІолъиги, цогІабазе тамихΙ гьабунгутІи ракІалдеги босун.
Омаев Дагун: "Щвезе гьечІо гьеб гьанибехун. Гьеб билизе буго Ростовалдецин щвечІого, яги Москваялъул гІорхъаби тарабго, яги жибго гьеб министерлъиялъул минаялдасан къватІибецин инчІого. Банкалъе кьун хадубго тІагине бегьула гьеб. Гьебни щиб, нилъер мустахІикъал гІадамазе кьолел цІаралцин лъебе-лъебер соназ щоларо адресатазухъе. ГьечІила нужер документал, гьечІила буюралда доб яги гьаб гъолбасила, нус-нус багьанаби рукІуна. Сундолха бицине бегьулеб гьединаб мехалда! Жибго Культураялъул министерлъиялъго чурукал хІаял гьарулел рукІана."
Машгьурав телережиссер ва документалист, «Зеркальный мир» абураб гьанже дагъситаналда рагьулеб бугеб телекомпаниялъул генералияв директор хисулев Ибрагьимов Къурбаница абулеб буго мурадалде щвезе ккани, культураялъул сфераялъул киналго сурсатал цадахъ хІалтІизаризе кколилан.
Ибрагьимов Къурбан: "Дир пикруялда, гІицІго кинематограф гьелъие, узухъда гІоларо. У, культураялдасахун лъикІлъизабизе бегьула халкъазул цоцаде бербалагьи. Кино риккине бегьула гьеб мурадалде щвеялъе хІалтІизабизе бегьулеб цо элементлъун. Киноялдаго цадахъго хІалтІизаризе ккола театрги, суртал хъвалезул махщелги, адабияталъулгун маданияталъул цогидал батІи-батІиял махшелал. ГІицІго кинематографул ресаз мурадалде щвезе бегьиялда тІабанго божизе захІматго буго."
Ибрагьимовас абулеб буго, цого фильмазде балагьун чІун нилъ рукІине кколарила, бищунго къварагІараб жо кколила батІи-батІиял миллатчагІаз реке-рекерун пайда босулел дагъистаниязда хурхун раккулел негативиял мисалазе багьанаби дагьлъизаризе. Чанги гьединаб пролемаби хурхарал ругила цо рахъалъа жидее щвалде-щвараб умумузул тарбия ва лъай щвечІел гІолилазул къватІире щварабго баккулеб сурукъаб хьвада-чІвадийила.
Ибрагьмов Къурбан: "Дида ккола, гІолилазда тІоцебего ракІалда букІине кколин жал махІамадал, гІабдулаби рукІингуребги, жал эбел-инсуца лъикІаб тарбияги кьурал, жидерго хъизаналги, ракьги, ватІанги бокьулел чагІи рукІин. Жидерго хьвада-чІвадиялъ гьез бихьизабизе ккола, жидее лъикІаб, сахаб тарбия кьун букІин. Цо-цоязулни къватІиб букІуна магІарухъ киданиги букІунареб хьвада-чІвади. ЛъикІаб тарбиялъул гІадамал бокьарал миллатазе ракІалъе гІола. ЛъикІаб тарбиялъ, лъикІал пикраби рижинарула. Квешалъ гІагсалда, рокьукълъи бижиналъе багьанаби раккизарула.»
Москавялда гІумру гьабун вугев дагъистаналдасан бизнесмен Ганиев Аркадий: "Дир пикруялдаги, гІицІго фильмазул кумекалдалъун гьеб мурадалде щвезе захІматаб масъала ккола. Цо босани, гьел фильмал рукІине ккола махщалида гьарурал. ГьедигІанго бигьаяб жо кколаро, дир пикруялда, жинда гІадамал божулеб, хІакъикъаталде данде кколеб кино бахъизе. Фильмазухъ балагьаразул баккизе кколаро, жал гуккулел рукІиналъул пикру. Ай, къватІиб бугеб хІакъикъатги, киняолада бихьизабураб гІумурялъулги кІудияб батІалъи букІине бегьуларо. Ай, гьелъие цІакъ кІудияб хІалтІи гьабизе ккола тІоцебе кинематографазгуреб, жибго улкаялъул нухмалъиялъ, политиказ.
Дир пикруялда, гьеб Культураялъул министерлъиялъ бищулеб нухдасан жалго кавказиялги ине ккола. Ай, нилъецаги регион тун къватІиб, букІине Москваялда, Петербургалда яги цоги бакІазда, гІамал гьабизе ккола цивилизациялде данде кколеб хьвада-чІвади билъанхъизабизе. Нилъеца ракІалде босизе ккола гьел бакІазул гІадаталги, менталитетги, культураги. Дица абила, нилъеца нилъерго берцинал гІадаталги, хьвда-чІвадиги биллъанхъизабулеб бугони, нилъер адаб гьабулел гІадамазул къадар цІиккине бугин. ХІакъикъаталдаги, къватІир ругел кавказиял гьел ккола миллатазул вакильзаби, Расулицаги абулеб букІана гьедин. Гьез жидерго хьвада-чІвадиялдалъун хІакъикъаталдаги гІуцІулеб буго кавказиязул сипат."
ГІолищ кинематографалъул къуват улкаялъул халкъалъул кІудияб бутІаялъул рокьукълъиялъул пикруялдасан инкар гьабизабизе? Казиевас риккунеб буго махшел тІокІал авторазул киноялъул персонажазда, чанги хІакъал политиказдасанги лъикІ бажарулила гІадамал жидедаго божизаризе, гьездасан жамг1ияталъе цо-цо хъулухъчаг1аздасанги ц1иккун пайда бук1уна жамг1иятаолъеян. Амма аслияб жо кколила политиказ кьолел рагІаби виртуалиялгурел рукІин, рагІабиги ишалги данде кколел рукІин.
«Кавказ яги Сибирь, хІалтІухъан яги интеллигент вихьизаве абуралгІадал тІадкъаял нижеца гьаруларо режиссеразе, сценариял хъвалезе яги продюссеразе. Амма министерлъиялъ хІаракат бахъизе буго жамгІияталъе пайдаял проектазе пачалихъияб квербакъи чІезабизе.» - ян лъазабун буго Россиялъул культураялъул министр хисулев Григорий Ивлевас «Известия» газетаялъе баянал гьарулаго.
Кавказалъулазде рокьукълъи бижинабиялъул ишалда ахирисел соназда цо-цо политиказул къокъабазда, централиял информациялъул алатазда цадахъго, кІудияб хІалтІи гьабунила киноялъгиян, риккунеб буго нижер программаялъе баян гьабураб Советияб заманалда гІемер фильмазда вахъарав чачаназул актер Джамаев Имраница.
Джамаев Имран: «Чачаналъ рагъул жигараб фаза рагІалде бахъун хадуб, ахирисеб І0-І2 сонида жаниб Москваялъ бахъизе байбихьана чачанал, кавказиял тушбабилъун рихьизарулел фильмал. БитІараб бицани, дидани гьел рихьулаан пародиябигІадин. Гьел релъарал руго магърибалъул киноялда. Гьезги бихьизабуларишха ритІухълъи балагьулев цо чияс тІубараб бо тІагинабулеб куц. БитІараб бицани, ахирисеб заманалда дида гьединал фильмал рихьулел гьечІо. Амма рахъарал гьединал фильмаз узухъда парахалъи ва рекъел цІуниялъул масъалаялъе квербакъи кинниги гьабуларо. Рахъун руго гІемер фильмал. Гьезда берцинго бихьизабун гьечІо киб ва кидал дол яги гьал лъугьа-бахъинал загьирлъулел ругелали. Ургъизе кІвахІаллъулел гІадамаз гьеб кинабго къабул гьабулеб буго хІакъикъат хІисабалда, гьезулъ бижинабулеб ва щулалъизабулеб буго кавказияв гІурусасе тушман кколин абураб бербалагьи. Гьеб суал гьанже доба тІад гьоркьоб лъолеб букІин, гьай-гьай, лъикІаб иш ккола. Цебего гьабизе кколеб букІана гьебдин.»
Унгогийищ кинематографалда бажарулеб Кавказалъулазда хурхун улкаялда позитивияб бербалагьи щулалъизабизе? Гьединаб суалалъе жаваб кьолаго, кинематографалъул профессионалал аслияб къагІидаялда разилъулел руго, фильмаз гьелъие кумек гьабизе букІиналда. Амма, гІицІго кино гьелъие гІолареб букІиналдаги гьезул ракΙ чІараб буго.
Нижер программаялъе комментариял гьарулаго, Казиевас кІвар буссинабуна, ахирисеб фильмалъул цо сериягурони бахъизе ресал щун гьечІеблъиялде ва хутІараб лъабго сериялъул сценарий гІумруялде бахъинабичІого хутІулеб букІиналде. Гьел серияздаги Шамиль гІадамазда вихьизе вукІанила парахалъиги, рекъелги балагьулев чи хІисабалдайила, абуна гьес нижер программаялъе баянал гьарулаго.
Ислам Казиев: «Шамилил хастияталдеги, гьесул хьвада-чІвадиялдеги берцинго балагьани, бичІчІунеб буго, гьес парахалъиялде, рекъелалде нух балагьулеб букІараблъи. Рагъ гьесул пикруялдаги цІакъ аморалияб жо ккола. Бокьараб рагъалъул хІассил ккола хвел, кІиябго рахъалдасан.»
Ислам Казиев: "Брехтил "Эбел Кураж" абураб асаралъул тема загьирлъулеб буго дир фильмалдаги. Рагъ… Генералазе рагъ къваригІун буго. Щайгурелъул гьезие чІахІи-чІахІияб гІарац щолеб буго. Генералаз абулеб буго гІемер тушбаби ругила. Россия кидаго хІадураб букІине кколила рагъде. Дагъистан бугила лъикІаб полигон яргъил хІалбихьи гьабиялъе. ХІакъикъаталдаги рагъ ккола доб меседил чІугІа кквезе рес кьолеб хІабургъараб лъимгІадаб жо. Гьанжеги история такрарлъулеб буго. Щибниги хисун гьечІо жакъаги. Рохьалилан абула, щай доре дол унел? Щайгурелъул цо-цо гІадамаз гьарурал такъсирал хутІула кинабгІаги тамихІ гьабичІогою. Гьеле прокуратураялъ риччалел ругогури унго-унгоял такъсирчагІи. Гьале жакъа чІвана цо пуланав чи. Абулеб буго гьев киллер вукІанилан. ЧІван гьев. ГІадамаз гьанже жидецаго гьединал гІадамазе тамихІ гьабулеб буго."
Ислам Казиев: "Щай гьез гьел такъсирчагІазде кІвар буссинабулеб бугеб кидаго? Гьезул цо-цоязул жидерго гьел такъсирчагІазулгун рукІунагури бухьенал. Ахирисезул кумекалдалъун бетІербахъи гьабулагури цо-цо хъулухъчагІаз. Гьеле гьанив вукІанагури министр (Жанисел ишазул) хисулев Колесников Бицунеб букІана гьес аэропланалъ баччулеб букІанила щварабщинабила. Гьанже Москваялда вугогури гьев лъикІаб бакІалда гІодов чІун. ГІакъилал рагІаби абулев вукІуна. Гьевин абуни, унго-унгояв такъсирчилъун риккуна гьанив. Гьединазгурищ киназулго къадру хвезабулеб бугеб!»
Шималияб Гьириялдасан машгьурав кинематограф, Россиялъул кониметографазул цолъиялъул Шималияб Кавказалъул бутІаялъул нухмалъулев Гулуев Вячеславица риккунеб буго, журналистал, информациялъул алатал ричун росун ругила, регионалда загьирлъулеб хІалуцараб ахІвал-хІалалдаса политикияб сурсат балагьулел къокъабаз.
Гулуев Вячеслав: "Такъсир гьабуларо кавказалъул миллатазул сипат-сураталъул гІадамаз. Такъсир гьабула такъсирчагІаз. ТаксирчагІи рукІуна бокьараб миллатазул - гІурусазул, татаразул, жугьутІазул гьириязул, бокьарал цогидал миллатазул. Гьелъул гІемер кІварги буссинабизе ккола нилъеца. Информациялъул алатал, хасго централиял, гьел киналго ричун росун ругилан ккола дида. Цебе журналистазулги букІана тохтурзабазулгогІадаб этика. РакІбацІалъи, низам ва къадру. Гьанже гьеб кинабго хьибилалда тун, гІемерисел журналистал рекерахъдулел руго сенсациябаздаги, чІахІияб гІарцуда хадур. ГІарац кьурал гІадамазе бокьа-бокьарабги хъван руго гьел гьанже. Гьеб сурукъаб жо ккола."
Махшел тІокІал авторазул киноялъул персонажазда чанги хІакъал политиказдасаги лъикІ бажарула жидедаго гІадамал божизаризе, гьездаса цо-цо хъулухъчагІаздасанги цІиккун пайда букІуна жамгІияталъе.И. Казиев