1,5 млрдалъ "гьуинлъизарулищ" халкъазул гьоркорлъаби?

Россиялъул регионал церетIеялъул министерлъиялъ хIукму гьабуна гIагараб заманалда улкаялъул батIи-батIиял шагьаразда халкъазда гьоркьоб гьудуллъи цIуниялъул хасал централ гIуцIизе. Гьедин лъазабуна рехсараб министерлъиялъул нухмалъулес. Гьеб тадбиралъе биччалеб буго 1,5 млрд гъурущ.
«Известия» газеталъ лъазабухъе, гIуцIизе руго гьел хадусел шагьаразда: Санкт-Петербург, Омск, Томск, Новосибирск, Хабаровск, Екатеринбург, Ростов, Самара, Нижний Новгород, Иркутск ва Биробиджан. Министр Игорь Слюняевас рехсараб газеталъе бицана гьел центразда малъизе бугин киналго улкаялда гIумру гьабулел миллатазул культура ва бихьизабизе буго киналго халкъал рекъон рукIиналъул тIокIлъи, бицине буго тарихалда миллатазда гьоркьор рукIарал ракълилал гьоркьорлъабазул хIакъалъулъ.

- Гьединал миллатазда гьоркьоб рекъел цIунизе гIуцIарал центраз кумек гьабизе буго киназдаго бихьизабизе улкаялда гьеб суалалъулъ бугеб ахIвал-хIал. Мисалалъе, бихьизабизе бегьула кин Дагъистаналда гIурусаз гIумру гьабулеб бугеб, ялъуни Сибиралда жугьутIаз кин гIумру гьабулеб бугебали, - ян бицана министрас.

ЖамгIиял хIаракатчагIазул ва политологазул пикруялда рекъон, гьединал централ гIуцIулел шагьарал мекъи тIасарищун руго. Халкъазда гьоркьоб рекъел гIуцIиялъул процесс гIуцIилалде цебе гьеб рекъел хвезабулел хIужабазда данде къеркьезе кколилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим, халкъазул гьоркьорлъабазул проблемабазул специалист Нугъаев МухIамадица.

Нугъаев МухIамад: «Миллатазда гьоркьоб хIалуцин бижиялъе ругел гIиллаби руго киназдаго лъалел. ТIоцебесеб иргаялда гьеб ккола гIолилазе тарбия кьеялъул проблема. Школаялдасаго малъизе ккола ракълилаб гIумру гьабизе. КIиабилеб масъала ккола улкаялда цогояб, киналго миллатазе данде кколеб идеология гьечIолъи. Лъабабилеб масъалаги буго гьеб суалалда хурхун пачалихъалъ щвалде щвараб политика гьабунгутIи. Хасал идараби руго гьеб масъала жидеда тIаде кколел, амма гьез гьабулеб хIалтIи гьечIо кинабгIаги.

Рехсарал централ гIуцIиялъул магIна гьечIо, щайгурелъул нилъеда бихьулеб буго гьелгощинал пачалихъиял идарабазда гьеб проблема роцIцIине бажарулеб гьечIолъи. Руго жамгIияб палатаялда, Пачалихъияб думаялда комитетал, регионазул парламентазда комитетал ялъуни тIубарал министерлъаби. Гьездаги щибниги бажарулеб гьечIеб мехалъ, бихьулеб буго гьеб тадбир цо лъие бугониги гIарац къваригIун гьабулеб букIин. Цойги кIвар кьезе кколеб хIужа буго гьениб. Рехсарал шагьаразда жаниб гьечIо Шималияб Кавказалъул шагьар ялъуни Москва. Гьел регионал ккола миллатазда гьоркьоб бищунго цIикIкIун хIалуцин бугел регионал».

Россиялъул жамгIияб палатаялъул халкъазул гьоркьорлъабазул комиссиялъул нухмалъулев Сванидзе Николайил пикруялда рекъон, гьединал хасал централ гIуцIи лъикIаб тадбир буго, амма аслияб проблема буго гьел хIалтIизарулеб къагIида бати. Кумек букIине бугищ гьединаб тадбиралъ халкъазда гьоркьоб рекъел гIуцIиялъе абураб суалалда тIаса баян кьезе кIвечIо Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул миллатазул гьоркьорлъабазул комитеталъул нухмалъулев СафаргIалиев ХIажиметида. Гьебго комитеталъул аппараталъул нухмалъулев Бигуаа Баталицаги инкар гьабуна баян кьезе, амма бицана церехун рехсаразда релъарал централ цоги регионаздаги гIуцIизе ругин.

Бигуаа Батал: «Москваялда гIуцIун буго халкъалда гьоркьоб рекъел цIуниялъул центр. КIиго моцIалъ гьениб Владимир Путинил нухмалъиялда гъоркь тIобитIун букIана Президентасул халкъазул гьоркьорлъабазул советалъул данделъи. Шималияб Кавказалдаги гьелдаго релълъараб центр гIуцIизе ракIалда буго Регионал церетIеялъул министерлъиялда, дида мухIканго гьеб абизе кIола, щайгурелъул дидаго рихьана гьел документал. Гьенир руго Шималияб Кавказалда рехсарал централ гIуцIиялъул проекталги».

Рехсарал централ гIуцIиялъе гIиллалъун регионал церетIеялъул министерлъиялда рикIкIунеб буго араб соналъ Владимир Путиница гьабураб тIадкъай. Гьес бицун букIана россиялъул халкъалъул гьоркьорлъаби щулалъизариялъул хасаб план гIуцIизе кколин жиндирго рищиязда цебесеб макъалаялда.

Регионал церетIеялъул министерлъиялъ рехсараб тадбир гIуцIун буго улкаялъул президентас цебе лъураб масъала тIубазеян, амма миллиардгун бащдаб гIарац гьелъие хвезабизе кколаро, централ гIуцIиги гIадада гIарац хвезаби ккола абун рикIкIунеб буго миллияб коррупциялда данде чIараб комитеталъул нухмалъулев Кирилл Кабановас.

Цоги гьелдаго релълъараб проект хIадурулеб буго тIадехун рехсараб министерлъиялъ. Гьелда рекъон Шималияб Кавказалъул регионазул нухмалъулезе къимат кьезе буго гьеб регионалда гIумру гьабулел халкъазул гьоркьорлъабазухъ балагьун. Кин цого къимат кьезе бегьулеб, цо гурони миллат гьечIеб Чачан республикаялъул нухмалъулесе ва 30-гоялдаса цIикIкIун миллатал ругеб Дагъистаналъул нухмалъулесеги, министерлъиялда мухIкан гьабулеб гьечIо.