Информалатазда бащалъулел блогерал

​Россиялъул Федерациялъул Шураялъ къабул гьабун буго дагьаб цебегIан Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб «блогеразул хIакъалъулъ» абулеб къануналъул проект. Гьелда рекъон, социалиял сайтазда бугеб чиясул хасаб гьумералде сордо-къоялда жаниб лъабазарго чи ваккулев вугони, гьел блогерал хасаб реестралде росизе кколел руго.

Гьеб инициатива кколеб буго араб соналъул ахиралда Волгоградалда рукIарал кьвагьияздаса хадуб гIумруялде бахъинабизе бихьизабураб «антитеррористияб пакеталъул» къанунал рахъиялда сверун инициативаязул цояблъун.

Гьелъ чIезарурал тIалабал тIурачIезде данде санкциялги рихьизарулел руго къануналъ. Масала гIадатияв инсанасда тIад къотIулеб буго анцIазаргоялдаса лъеберазаргоялде щвезегIан гъурущ, фирмабигун компаниязда тIад-50 азаргоялдаса 300 азаргоялде щвезегIан. Къанун тIатIалаго хвезабураб мехалда гIакIаялъул къадарги цIикIкIунеб буго.

Гьеб къануналъул проекталда рекъон Россиялъул анцI-анцI миллион чиясда тIад лъолеб бугин информалатазда хурхун къануналъул рихьизариял ва гьебго заманаялда гьезие кьолел гьечIин кинал рукIаниги гарантиял, гьелде тIадеги хвезабулеб бугин инсанасул хасаб гIумруялъул балъголъи цIунизе бугеб ихтиярин абулеб буго Россиялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Шураялъ гьеб къануналъул проекталъул гьабураб юридикияб хIасилалда.

Гьелдаго абулеб буго пачалихъалъ гьабизехъин бугеб гьеб контролалъ хIакъикъаталдаги хвезабулеб бугин информация балагьизе, щвезе, цогияхъе кьезе ва тIибитIизабизе гIадамазе Конституцилъ кьураб ихтиярин.

Рехсараб Шураялъул бетIер Михаил Федотовас хасаб хитIабцин гьабун букIана Федерациялъул Шураялъул нухмалъулей Валентина Матвиенкохъе гьеб къануналъул проект къабул гьабичIого дагьабги тIад ургъун хIадуризе нахъ чIвазе нухал ралагьеян гьаригун.

Амма гьесул гьариялъул мурад тIубан гьечIо Федерациялъул Шураялъ.
Жалго блогеразда гьоркьобги гьеб къануналъул проекталдаса гIемерго рохи бихьулеб гьечIо.

Парижалда гIумру гьабун вугев Чачанлъиялдаса тарихиял гIелмабазул доктор ва жигарав блогер Вачагаев Майрбекил пикруялда бицен гьабулеб къануналъул проекталъул биценго ккун буго гIакълу гьечIолъиялъ.

Вачагаев Майрбек: «Гьединал хIукмуязул хIасилал рукIунаро. Гьеб кинабго гьабулеб буго гIакълу-лъай гьечIолъиялъ. Гьезда интернет щиб жоялицин лъалареб батула. Жидеде гъоркье хъвараб жоялъ понцарал гьез Думаялда хIалтIиялъул бакIалда YouTube бихьулеб ва цоцазе анекдотал цIалулел ратани, гьелъул магIна кколаро гьезда дунялалъул гьиналъул приципал лъалел ругин абураб.

Gmail, Skype, WhatsApp гIадинал контентал гьезул кверщаликь гьезего гьечIо. Масала, Skype бокьарав чиясда кIола бокьараб улкаялда регистрация гьабун, гIагараб мацI ингилис бугинги хъван бокьухъе гьелдаса пайда босизе. Гьеб буго кIицIул кIиго чан букIунебали лъаларел чагIазул жигар».

Россиялъул политикияй хIаракатчIужу, диссидентка, инсанасул ихтиярал цIунулей ва видеоблогер Валерия Новодворскаялъ абуна Эркенлъи Радиоялъе гьеб къанун бугин хас гьабун тIалъиялъе дандекколарел блогеразде данде ургъарабин.

Валерия Новодворская

Валерия Новодворская: «Россиялъул тIалъи-гьеб буго абсолютияб квешлъи. Гьездасан къватIибе борчIулебщинаб жоги буго-квешлъи. Гьединлъидал дандекквеял ралагьизелъун ургъизецин кколаро. Лъазе ккола гьез гьеб щибизе гьабулеб бугебали. Гьеб буго журналисталго гIадин блогералги жанир тIамизе сайталги къазе гьабулеб жо. Лъидаго рачIел информалатал къарал гIадинан къазе руго блогалги. Гьезие къваригIун буго эркенаб пресса билараб гIадинан эркенал блогалги рилизаризе. Жиндир чол тIикъваялда гъоркь хер бижуларин абулаан Аттилаца. Гьелъухъего, Россиялъул тIалъиялъул машиналъул гьакиберазда гъоркьги зазхараб тел гурони щибго бижуларо. Дун дунго абуни интернетгун хIалтIуларо. Дир блог бачунеб буго Константин Боровояс. Дица гIицIго суалазе жавабал кьола. Интернеталдаса дие хIажатабщинаб гьалмагъзабаз дихъе кагътидаса цIализе бачIуна. Дида лъаларо компьютергун хIалтIизе».

ГIалиев СултIан


Дагъистаналдаса блогер ва «ТIолгороссиялъул Халкъияб фронталъул» гIахьалчи ГIалиев СултIанида бицен гьабулеб къануналъул проекталъулъ рихьулел руго квешалги лъикIалги рахъал.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIалиев СултIан



Жидерго цIаралги хъвачIого интернеталдасан питна бекьулел, тIубарал миллатазул къадру хвезабулел ва цоги гьезда релъарал чагIи тамихIалде цIаялъул рахъалъ гьеб къанун лъикIаб бугин рикIкIаниги СултIанида лъалеб гьечIо блогалда ругел чагIи рикIкIун регистрация кин гьабизе кколебали.

Your browser doesn’t support HTML5

ГIалиев СултIан


Къануналъул проект щвалде щвараб гьечIин ва гьеб ва гьелда релъарал цоги къанунал къваригIараб мехалда къватIире рахъизе ва пуланал гIадамазде данде хIалтIизаризе къабул гьарулел къануналин рикIкIунеб буго «Московский Комсомолец» газетаялъул бетIерав редактор хисулев ва жигарав блогер Муждабаев Айдерица.

Глеб Павловский (квегlиса) ва Айдер Муждабаев

Муждабаев Айдер: «Дида ккола гьеб къанун къабул гьабун хадуб цо-цо хасал, гьоркьоса рищарал гIадамазде тIадецуй гьабизе рес бугин. Гьеб къанун хъван буго бичIчIулареб куцалда. Дица тIубанго гьечIониги гьеб цIалун букIана. Гьелдаса бичIчIулеб гьечIо блогераз регистрация щай гьабизе кколебали. Блогалда цо къоялъ гIемерал гIадамал рукIаразищ гьеб гьабизе кколеб, даимго гIемерал гIадамал жидер блогазда ругезищ. Россиялда цоги гIемерал къануналго гIадин, дица рикIкIуна, гьеб къанунги пуланал чагIазде данде хIалтIизабизе ургъараб жо бугин.
Гьеб хIалтIизабизе рес буго пуланав блогерас тIалъиялъе бокьулареб жоялъул хъвалеб бугони.

Лъабазарго чи жидер блогалде раккулел блогараз жал инфоралатал ругн регистрация кин гьабилеб? Блогазде раккулел гIадамазул къадар цо ккураб букIунаро. Жакъа гIемер, метер-дагь, сезе чиго ваккичIого вукIинеги рес буго.
Къокъго абуни, дица абила, гьеб ва гьелда релъарал цоги къанунал ругин къваригIараб мехалда къватIире рахъизе ва пуланал гIадамазде данде хIалтIизаризе къабул гьарулел жалин.
Жиндир халкъалъул ургъел бугеб хIукуматалда гьеб буго магIна гьечIеб къанун. Сундухъ букIаниги лъие букIаниги тIадецуй гьабизе къваригIарал нилъер хъулухъчагIазе абуни, гьеб букIине буго гьезул тIадецуялъул алатазул гьедингоги бечедаб къалиниб иргадулаб алатлъун. БатIа чIараб Россиялъул хасаб интернет-Чебурашка-гIуцIизе кколин бицунел чагIаз бицунареб жо букIунебищ».

Блогеразда тIад гуребги интернет-провайдеразда тIадги контроль цIикIкIинабизе къасд гьабулеб буго гьанже Россиялъул нухмалъиялъ. Гьедин лъазабулеб буго «Коммерсант» газетаялъ. Бицен гьабулеб буго интернет тIибитIиялъул киналго даражабазда контенталъе цIалкIу лъеялъул ва Россиялъул гIадамазе къватIисел улкабазул интернет-сайтазде ракIкIизе гIурхъаби лъеялъул.

Иш гьелде ани, интернеталда цензура гьабизе гIурхъаби гьечIеб ихтияр щвезе бугин пачалихъалъейин рикIкIунеб буго экспертаз. Интернеталдаса пайда босулел гIадамазе абуни гьеб кинабго сверизе буго багьаби рахиналде ва интернеталъул сигнал квешлъиялде.

Интернеталда тIад контроль гьабизе хIукумат хIадурлъулеб букIиналъул Коммерсанталъе бицун буго телекоммуникациязул базаралдаса чиясги, федералияв хъулухъчиясги, интернет-компаниязул кIиго менеджерасги. Гьеб инфраструктураялда хурхун юридикиял документал хIадурулел руго Россиялъул президентасул администрациялда цебе гIуцIараб хасаб къукъаялъ. Гьедин лъазабулеб буго Коммерсанталъ.

Гьеб газеталъул баяназда рекъон, Россиялда чIезабизе буго интернеталъул лъабго даража-бакIалъул, регионалияб ва тIолабгороссиялъулаб. БакIалъул ва регионалиял провайдеразе рес букIине гьечIо къватисел улкабазул сайтазде раккизе, гьеб трафик гьабизе рес буго гIицIго тIолгороссиялъул опраторазул гьиназдасан. Лъабабго даражаялъул интернетги цIалкIуялъусан биччазе буго.

Араб анкьалда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабун букIана интернет гIуцIунго букIанин Америкаялъул ЦРУялъул спецпроект хIисабалда, гьединлъидал гьелъул аслиял сервералги Америкаялда ругин, гьезда тIад контрольги гьабулеб бугин.
Путиница рикIкIунеб буго Россиялъул аслиял интернет-ресурсазул серверал Россиялда рукIине кколин.

Гьебго заманаялда Путинил пресс-секретарь Дмитрий Песковас абун буго Коммерсанталъе жинда «тIоцебесеб нухалда рагIулеб бугин» президентасул администрациялда цебе гIуцIараб хасаб къукъаялъул ва гьез интернеталда хурхун гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъин.