Лъие бугеб гьуинаб "амнистия" рагIи?

КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи щун 70 сон тIубаялда бан Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ лъазабулеб буго гIатIидаб амнистия. Официалияб къиматалда рекъон, гьеб хъвазе бегьула 260-ялдаса 400 азаргоялде щун чиясда. Инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда, гьединазул къадар букIине бегьула чанго нухалъ дагь. Лъие битIккезе бегьулеб амнистиялда хурхун?

Пачалихъияб Думаялъ нахъ чIвана «Справедливая Россия» партиялъул депутат Дмитрий Гудковасул «Болотная ишалъул» туснахъаздаги гьеб амнистия хурхинабиялъул цебелъей.

Лъазабулеб амнистиялда рекъон, тамихIалдаса эркен гьаризе бегьула гьоркьохъеб ва гьитIинаб захIмалъиялъул такъсир гьабун жидее тIоцебе тамихI гьабулел, гьединал такъсирал гьариялъул гIайиб гIунтIизабулел ва щаклъи бугел.

Амнистия хъвазе бегьула Афгъанистаналъул яги чачаназул рагъазда ва гьединго Шималияб Кавказалда жидерго рагъулаб борч тIубазабулеб мехалда бахIарчилъи бихьизабурал гIадамазда, Чернобылалъул атомияб электростанциялда караб катастрофаялъул хIасилал тагIинариялда гIахьаллъарал ва I957 соналда «Маяк» абураб Челябинскалъул комбинаталда ккараб авариялъул радиациялъул асар щварал гIадамазда.

Амнистиялде гъоркье ккезе бегьулел руго балугълъиялде рахинчIел туснахъал, гIисинал лъимал ва лъимал-инвалидал ругел руччаби, 50 соналдаса цIикIкIун гIел бугел лъимадуе ругел руччаби, 55 соналдаса цIикIкIун сонал рарал бихьинал, жидецаго лъимал хьихьулел умумул, тIоцебесебги кIиабилебги группаялъул сакъатал, лъабабилебги ункъабилебги стадиялъул рак унти бугел, туберкулезалъул рагьараб форма бугел туснахъал. Гьеб гьединго хъвазе бегьула шартIияб тамихI къотарал гIадамаздаги.

Амнистиялде хъвазе гьечIо я «Болотная ишалъул» туснахъазда, я вацал Навальныязда, я зулму гьабичIеб такъсиралъул туснахъазда, мисалалъе, бизнесалде хурхен бугеб такъсиралъул туснахъазда.

ГIатIидаб амнистиялъул президентасул проект какун букIана инсанасул ихтиярал цIунулез. Гьезул пикруялда, гьесул проекталъ гIунги тIокI акцент гьабулеб буго аслияб къагIидаялда къуватиял стурктурабазда хъулухъ гьабулел рукIарал туснахъазде.

«Версия» сайталъул автораз бицунхъе, амнистия гьабун къватIире риччазе бегьулезул къадар букIине бегьула 60 азаргоялдаса 80 азаргоялде щун туснахъ. Гьез рикIкIунеб буго, такрарлъизе бегьулин I5 соналъ цебе лъазабун букIараб амнистиялъул гъалатIалин. Доб мехалда эркен гьарун рагIула гIуцIараб такъсирчилъиялъул бутIрулги вахIшиял чIвадарахъабиги.

Журналист Руслан Горевояс хъвалеб буго, доб мехалда талихIалъ къватIире риччаго хутIанин террористалин. Рес букIанин доб амнистиялда рекъон, Салман Радуев эркен гьавизецин.

Руслан Горевой: «2000 соналъул амнистиялъго гIадин гьанжесебалъги эркен гьаризехъин руго инвалидал, туберкулез бугел, орденал ва цIарал ругел. Цебесеб нухалда гьединабго къагIидаялда рес букIана бох букIинчIев Шамиль Басаев, бер букIинчIев Салман Радуев ва цогидал вахIшиял такъсирал гьарурал гIадамал эркен гьаризе».

Гьединал логикаялда рекъон нахъ чIвазе кIоларел аргументал рачун, авторас бихьизабулеб буго Пачалихъияб Думаялъ тасдикъ гьабураб амнистиялъул гIунгутIаби.

Москваялъул Хелсинкиялъул къокъаялъул инсанасул ихтиярал цIунулев Валерий Борщевас абулеб буго, ахирисеб амнистия гIуралъ батIияб бугин цебеселде дандеккунин. Гьесул пикруялда, гьаб амнистия цебеселдасанги щвалде щвечIеб ва мухIканлъи гьечIеб буго.

Цебесеб амнистия хIадурулеб мехалда Пачалихъияб Думаялъул депутат хIисабалда живги гIахьаллъанин ва жидеца амнистиялде гъоркье ккезе бегьулел туснахъал рищулел рукIанин лъакIаланго ургъунин, жиб-жиб статья рикIкIунин, абулеб буго гьес.

Москваялдаса жамгIияй хIаракатчIужу, журналист Ева Меркачевалъги рикIкIунеб буго амнистия аслияб къагIидаялда хурхараб бугин тIоцебего къуватияб блокалдаса туснахъазде ккарал гIадамаздайин ва гьелъ гьезул анищал тIуразарулел ругин.

Ева Меркачева: «Документалда рекъон, амнистиялде гъоркье кколел руго тIоцерего руччаби, балугълъиялде рахинчIел, унтарал. Лъицаниги гьелда бан бахIсал гьариларо. Хадуб абулеб буго, амнистиялде гъоркье кколел ругин Чачаназул ва Афгъанистаналъул рагъазда гIахьаллъаралин. Амма гьеб бакIалдаго жубалеб буго, «ва низам цIунулел идарабазул ва гьездаго ращад гьарурал идарабазул хIалтIухъабийин». Щиб гьеб кколеб? Гьеб ккола амнистиялъул кумекалдалъун туснахъаздаса къватIире риччазе ругин жидерго хъулухъ тун, тIокIаб хьвада-чIвади билъанхъизабун, ай, туснахъал рухун, гьезие гIазаб кьун, гIазаб кьун ккурал гьаричIел такъсирал тIаде росизе мукIурлъизарун, ай гьединал такъсирал гьарун рукIин чIезабун туснахъазде ккарал къуватияб блокалъул гIемер гIадамал къватIире риччазе ругин абураб. Дидани ккола, гьеб кколин къуватияб блокалъул лоббиялъ бижинабураб амнистияйин.

Амнистиялде гъоркье кколев вуго Копейскалъул колониялъул вукIарав нухмалъулевцин. Гьеб ккола бищунго гIемер туснахъазе гIазаб кьолеб, чанги туснахъал хвараб колония.

Щиб кколеб буго ахир къадги? Гьеб ккола хIакъикъаталдаги улкаялъул интересазе хияналъи гьабурал гIадамал эркен гьарулел ругин абураб, гьелдаго цадахъ кредитазда хурхун пуланал махинациязе гIоло туснахъазде ккарал бизнесчагIазде гьеб амнистия хъвалебцин гьечIо».