«Ниж агентал рукIинчIо ва гьечIо!»

Кавказалдаса инсанасул ихтиярал цlунулезул форум Дагъистаналда, 21Maй2012

Россиялдаса инсанасул ихтиярал цIунулез инкар гьабуна коммерциялъулал гурел гIуцIабазда хурхун дагьаб цебегIан Пачалихъалъул Думаялда къабул гьабураб къватIисел хIукуматалъул агенталлъун рикIкIунеб къануналда рекъон регистрация гьабизе. Москваялда гьелда тIасан сентябралъул ахиралда тIобитIараб пресс- конференциялда гIахьаллъи гьабун букIана 150- саги цIикIкIун улкаялъул батIи - батIиял мухъаздаса инсанасул ихтиярал цIунулез.
Конференциялда гIахьалъарал киназго гьеб къанун рикIкIунеб буго конституциялда дандекколареблъун. ЦIияб къанун хIалтIизе лъугьани инсанасул ихтиярал цIуниялъе гIоло гьабулеб хIалтIи цебехун билълъине гьечIин. ТIоцебесеб иргаялда гьеб бажаризе гьечIин Шималияб Кавказалъул республикабаздаян рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Дагъистаналда руго чанго батIиял гьединал гIуцIаби. Републикаялда гьоркьоса къотIичIого загьирлъулел хIужаби ккола араб бакI лъачIого гIадамал рикъиялъул хIужаби. ГIемерисеб мехалда гьел рикъула камуфляж ретIарал чагIаз. Рикъаразул гIагарлъиялъ тIоцебе бухьен гьабулел идараби ккола инсанасул ихтиярал цIунулезул гIуцIиял. Гьеб гуребги инсанасул ихтиярал хвезарулел цогидал хIужабазулъ жигараб гIахьаллъи гьабула гьез.

Нижехъе шварал баяназда рекъон цIияб къанун хIалтIизе байбихьизе буго ноябрь моцIалдаса байбихьун.

ХIукуматалъул тIалъиялдаса бахчараб жоги щибниги гьечIин жидер, гьединлъидал къватIиса хIукуматалъул агентал абураб рогьо баялъе магIна бичIчIуларого бугилан бицана Эркенлъи радиоялъе «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ. Гьебищинха кколеб тIокIаб чIечIого демократияго демократия абун ахIи балеб пачалихъалъ халкъалъе кьураб рес. ЦIияб къанун хIалтIизе байбихьаралдаса гьезие бачIунеб гIарац къотIулеб бугониги гьабулеб хIалтIи рехун тезе ракIалда гьечIо Светланада.

Светалан ГIисаева: «Нухмалъулей хIисабалда юридикияб статус букIине гьечIо дир, дун хIалтIизе йиго лъиданиги бачIеб гIуцIиялъул вакил хIисабалда. Цебе букIараб къагIидаялъ гIадамазухъа гIарзабиги къабул гьаризе руго, гьезул ихтиярал цIунун хIалтIизеги руго, гIицIго нижее кисаниги биччалеб гIарац букIине гьечIо, гьеб букIине буго аслияб гIилла. Амма кигIанго захIмалъаби дандчIваниги, нижер гIуцIиялъ гьабулеб букIараб хIалтIи гьоркьоб къотIизе тезе гьечIо. БитIараб бицани, нижер идараялъ байбихьунго букIана гьединан. Кисаниги нижее биччалеб гIарац букIинчIо, амма кин букIаниги гьабулеб ишалъул хIасил ккана. Гьединлъидал къватIисел хIукуматазул агентал ругилан цIар чIваниги, нижер идара къалеб бугин абураб жо гуро гьеб».


Конституция лъикIаб бугониги гьелда рекъон гIумру гьабизе халкъ толеб гьечIилан абуна жиндинрго пикру загьир гьабулаго жамгIияв ва гьединго инсанасул ихтирал цIуниялъул хIаракатчи ГIисал МухIамад Набиевасги. Конституциялда рекъон гIадамазул мурадал тIуразе гьезул ихтиярал цIунизе жеги хIадурго гьечIин пачалихъ. Гьеб къагIидаялда иш бугони Африкаялъул хIукуматазда гIадин тоталитарияб режим букIине бугин Россиялдаян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс:

ГIисал МухIамад Набиев: «Инсанасул ихтиярал цIунулел, къватIиса хIукуматалъул агентал ругилан аби мекъаб буго, гьез пачалихъалъул Конституция цIунула. ГIарац лъица биччалеб бугониги гьез абула гьаб жо Конституциялда дандекколин, гьаб кколарилан, гьаб жо гьабизе бегьулин, гьаб бегьуларилан. ГIаммаб куцалда росани «Москваялъулгун Хельсинкиялъул» группаги», «Мемориал» абураб гIуцIиги- гьел киналго руго Конституцияги, демократияги цIунун хIалтIулел гIуцIаби. ХIукуматалъул оппозициялда ругел гIуцIаби кколаро гьел, гьел оппозициялда руго тIалъиялъулгун, щай гурелъул цо нухалъ жидехъе тIалъи щварал чагIаз гьеб нахъе кьоларелъул, кьезеги гьечIо гIагараб заманаялъ. Кинабго гьабулеб буго Конституциялда дандекколареб хIалалъ».

КъватIисел хIукматалъул агентал абураб цIар кьун хадуб къватIиса кумек швечIониги жидеца хIалтIи гьоркьоб къотIизе теларин абураб ГIисева Светаланал пикруялъул рахъкколеб гьечIо ГIисалМухIамадица. Цо яги кIиго къоялъ хIалтIаниги, халатккун заманаялъ мухь щолареб хIалтIуда гIадамал чIоларин. Гьединлъидал битIараб бицани кинаб куцалъ гьез хIалтIи цебехун бачинебали лъаларин жиндаян мукIурлъана гьев:

ГIисал МухIамад Набиев: «Кин гьел хIалтIизе ругелали дида бичIчIуларо гIадамал малаикзаби гурелъул квен-тIехги цогидабги хIажалъуларел, гIадамал кваназе ккола. Дида бичIчIуларо: цо коъялъ, кIиго къоялъ хIалтIила, амма кидаго, мухьги гьечIого кин гьел хIалтIизе ругел? Москваялда ругезни абулеб буго балагьилин гьелъие кинаб букIаниги рес абун. БакI ккун букIаго абизин, хIукуматалъе, цогидал идарабаз кьолелдаса цIикIкIун щолаан коммерциялъул гурел гIуцIабаздаса щолеб магъало. Гьанже къазе руго гьел, къан хадуб хIукматалъул кисинибе бачIунеб магъалоги дагьлъизе буго. Рес батилин абулеб буго кIвелиш кIвелариш гьезад гьебали заманаялъ бихьизабилаха.

Инсансул ихтиярал цIунелезе гIарцулаб кумек щолеб букIана USAID абураб Цолъарал Штатазул гIуцIиялдаса. Россиялда гьелъул хIаракатчилъи итни къоялдаса байбихьун лъугIанилан лъазабуна информ. алатаз гьал къоязда. Гьелъул хIасилалда гIемерисел коммерциялъулал гIуцIабазул хIалтIи чIезе бугин хъвалеб буго гьеб лъазабиялда. Бищунго гIемераб гьелъул кумек щолеб букIана Шималияб Кавказалда ругел инсансул ихтиярал цIунулел гIуцIабзе.