Гьалкъояз Россиялъул прессаялда тIибитIизабун букIана Ростов икълималда гIурусазда ва кавказиялъулазда, хасго дагъистаниязда гьоркьоб багъарараб дагIбаялъул хIакъалъулъ информация. Щиб гьелъие гIиллалъун ккун букIараб - миллияб рокьукълъиищ, рукIа-рахъиналъул шартIалищ?
«Ростов икълималъул Ремонтное абулеб росулъ бахъараб халкъияб бунт! Росдал гIадамаз тIалаб гьабулеб буго гьениса дагъистаниял нахъе гъей». Гьадинаб цIаралда гъоркь «Комсомольская правда» газетаялъ къватIибе биччараб кIудияб макъалаяллъул автор Александр Степановас къасд гьабулеб буго ккараб хIужаялъул гъваридаб цIех-рех гьабизе.
ХIужа ккараб бакIалде вачIарав рехсараб газетаялъул гьев мухбирас бицен гьабулеб буго бакIалъулаб базаралда дагъистаниязде гьарулел тIаде-кIанцIиязул ва гьел руххулеб куцалъул. Официалияб баяналда рекъон 20 чиясул сахлъиялъе зарал шун бугоан.
Гьелдаса нахъе зулму хIехьолел дагъистаниязе хIалае машинабазде рекIун гьезул ракьцоял рачIун рукIанин. Байбихьанин кьал. Полициялъ абулеб буго жинда кIванин тунка-гIусси цебеккунго нахъ чIвазеин. Аммаила абулеб буго кIиябго рахъалъ, полициялъ, гIаксалда, гIадамал цоцазде гьусанин.
Нижеца бухьен гьабуна Ростовалда гIумру гьабулев эркенав журналист Сергей Левченкогун. Гьес гьадин дурус гьабуна:
Сергей Левченко: «Ростов икълималъул прессалъ гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ гъобсагIаталъго бицен гьабуна. ТIоцебесеб иргаяллда - информация тIиритIизарулел электрониял алатаз. БатIи-батIияб бицулаан гьелъул хIакъалъулъ. Амма гIамм гьабун абизе ккараб буго - битIараб информация букIанин. ГIицIго цо рахъалде гIайиб гIунтIизабун букIинчIо. Абулеб букIана гьеб миллияб гуреб - рукIа-рахъиналъул дагIба бугин»
Кин дуда кколеб, хIакъикъаталда щиб гьеб дагIбаялъе гIиллалъун ккун букIанин абураб нижер суалалъе жаваб кьолаго Сергей Левченкоца рехсолеб буго рукIа-рахъиналъул шартIал, аммаила, тIаде жубалеб буго гьес, цо-цояз хIаракат бахъулеб бугин гьелъие миллатчилъиялъул махI кьезе.
Сергей Левченко: «Киналго газетабазда хъван буго гьел кавказиялъулаз лезгинка кьурдулаго, ялъуни ихтилат кеп гьабулаго ццим бахъинабулеб бугин бакIалъулал гIадамазул. Дица дирго хIакъалъулъ гьадин абила. Лезгинка кьурдулев чи вихьани, диеги кеп щола.
Дир хIисабалда гьеб букIана рукIа-рахъиналъул дагIба. Амма цо-цо мурадазе гIоло гьеб конфликт лъазабун букIана миллияблъун».
Сергей Левченкоца абулеб буго цо-цо мацIихъабаз чIечIого ракIалде швезарулел ругин церего рукIарал конфликталги.
Сергей Левченко «ГьабсагIат хIаракатчагIаз хIалбихьулеб буго гьеб дагIбаялъул гъваридаб цIех-рех гьабизе, доб рикIкIадаб мухъалда гьединал хIужаби тенденциялъун ккун бугин абулаго. РакIалде щвезабулеб буго цо чачан васасда ва цо гIурусай ясалда гьоркьоб 7 соналъ цебе багъарараб гьадинабго дагIба-къец. Доб мехалда 400 хъазахъас къасд гьабун букIана гъорлъе журазе, амма талихIалъ дагIба хехго рагIалде бахъана».
Гьединал хъазахъазул къукъабазда жиндир бербалагьи квешаб бугин живги хъазахъ вугониги, ян абулеб буго Сергей Левченкоца.
Сергей Левченко: «Жакъа цо-цо бутIруз къасд гьабулеб буго хъазахъазул къукъаби гIуцIизе, цогидаз армиялда хъулухъ гьабулел кавказиял ратIа гьарула цогидаздаса. Дир пикруялда гIолохъабаз цадахъ рекъон низамги, улкаги цIунизе ккола».
Ростовалдаги, Кавказалдаги жиндир гIемерал гьудулзаби ругин, абулеб буго журналист Левченкоца ва жинда кIоларин гьезул хIакъалъулъ квешаб рагIи абизе.
Сергей Левченко: «Дир гIемерал руго батIи-батIиял миллатазул гьудулзаби. Руго чачаналги, лезгиялги, магIарулалги, украиналги, абазиналги. Гьел киналго ккола жиндирго ахирисеб кесек кIалдиса бахъун кьезе кидаго хIадурал унго-унгоял гьудулзаби. ГIарцул кумек гьабизе хIадурал. Гьадин букIунги буго цо гуреб нухалъ».
Ругищ къуватал гьединал конфликтал цереккунго нахъ чIвазе гIамал гьабулел?
Сергей Левченко: «Ругищ гьадинал питнаби ургъунго рагъаризаризе рокьулел къуваталилан абураб суал нужеца кьурабани дица хъващтIан абилаан йохъилан. Амма нужер суалалъеги йохъилан абила дица. ГьечIо я гьадинал я додинал къуватал. Гьаниб, Ростов икълималда миллатаздагьоркьосел бухьенал гьарулел руго администрациялда цебе бугеб цо хасаб идараялъул даражаялда. КIиго-лъабго чи вугеб гьеб идараялъ мех-мехалъ тIоритIула батIи-батIиял гургинал истолал. Ва гьел тадбиразда гIахьуллъула аслияб къагIидаялда гьенир гIуцIарал миллиял жамгIиятазул церехъаби».