Къо-мех лъикI, гIагараб ракь!

Азербажан -- ВатIаналдаса тIурун гьенир чIарал чачанал 2006

2000 соналъул 4 декабралда Цолъарал Миллатазул ГуцIиялъ къабул гьабураб резолюциялда рекъон июнялъул 20-абилеб лъазабун буго жидерго улкабаздаса лъутизе ккаразул ТIолго Дунялалъул къолъун.
Совет Союзалъул заманалда гьединаб статус бугел гIадамал рукIинчIо улкаялда. Гьанжейин абуни соналдаса соналде цIикIкIунеб буго ватIан тун къватIирехун ине бокьарал гIадамазул къадар. 18 июналда загьир гьабураб тIурун чIаразул суалазул рахъалъ Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ТIадегIанав комиссар Антониу Гутерришил докладалда рекъон исана бищун гIемераб къадаралда гIадамаз жидерго гIагарал ракьал тун къватIисел улкабазде рачIун ругин.

«Глобалиял тенденцияби» абураб гьеб докладалда абулеб буго 2010 соналда Кот-д'Ивуаралда баккараб инсаниятлъиялъул кризисалдаса нахъе гьединалго ищал рагъарун рукIанин Либиялда, Сомалиялда, Суданалда ва цогидал улкабазда. Гьезул хIасилалда 4,3 млн чияс жидерго рукъзал тана. Гьезул 800 000 чиясе кьун бугоан тIурун чIарасул статус.

2011 соналда дунялалда бихьанин жеги киданиги бихьичIеб масштабалъул унго-унгояб гуманитарияб балагь, ян абулеб буго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ТIадегIанав комиссарасул докладалда.

1991 соналда рагъ багъарун букIана Шималияб Кавказалдаги. Европаялда ругел чачаназул диаспоразул баяназда рекъон доб соналдаса байбихьун гьанжелъизегIан гIагараб ракь тун гьенире рачIаразул гIаммаб къадар бахунеб буго 200 000 чиясде.

Дагь-дагь ккун рагъулал ишал тIиритIизарун ругоан мадугьалихъ бугел цогидал республикабаздаги. Жакъа къоялда гIицIго Чачанлъиялдаса гуребги, Дагъистаналдасаги гIемерал гIадамал гочун унел руго къватIирехун. Каспийск шагьаралдаса журналист ГIалиев Нурланица абулеб буго жинда лъалин цо-цо гIадамал хIатта цебетIурал гурел улкабаздецин гочарал.

Нурлан ГIалиев : «Дир цо гьудулзабаз гIумру гьабулеб буго рикIкIадаб Камбождаялда. Гьезул ракI буссун гьечIо жинца гьабураб гочиналдаса. Гьезул хиял гьечIо ватIаналде нахъ руссине. ГIажаибаб жо гьечIищха? ТIад балагьани - Камбоджа гьедегIан цебетIураб улкаги гуро. Гьалеха, гьединаб мискинаб улка тун я Дагъистаналде, я Россиялде тIад руссине гъозие бокьун гьечIо. Доба бугеб гьава-бакъги, рукIа-рахъинги гIумрудул шартIалги гъозда рихьула чанги лъикIаллъун ватIаналда ругезде данде ккун. Гьадинаб мисалги буго».

Живго Нурланиеги бокьун буго заманалъ гочине.

Нурлан ГIалиев: «БитIараб абуни Дагъистаналда бугеб хIалуцараб ахIвал-хIал ялъуни гIумрудул шартIал гуро дица гьабураб хIукмуялъе гIилла. Гьеб бугоха гIадатияб гъира – дунял бихьизе, дунял тира-сверизе, батIияб къагIидаялда яшав гьабизе. Абадиялъго гочине дие бокьун гьечIо. Харадуниде ватIаналде тIад вуссине бокьилаанха. Щай гурелъул, гьанир ругел гIагараздаса даимго ватIалъизе бокьун гьечIелъул».

ГIалиев Нурланица абулеб буго Дагъистаналда щивав кIиабилев гIолохъанасе бокьилаанин къватIирехун ине, ва бакIалъулал гIадатазул асар гьедигIан гучаб букIинчIебани гIадамал гочилаанин къватIирехун жеги кIудияб къадаралда.

Нурлан ГIалиев : «Дида ккола гьелъие гIиллалъун ккун бугин нилъер миллияб хасияталъул хаслъи. Нилъер гIадатал. Улбул хIинкъулел ратила нилъ къватIирехун риччазе. Гъозие бокьун буго нилъ жидеда аскIор рукIин. Гьеб гуребги лъималги хIинкъула заманалъгицин жидерго херал улбул тезе. Дир эбел-инсуца дие квал-квал гьабулеб гьечIо. Далакьегин, дуе бокьун батани - нух битIайги, ян абулеб буго гьез».