И. Стародубровская: "Балъгояб" экономикаялъул цебетIей букIунаро."

Ирина Стародубровская, Егор Гайдарил цIаралда бугеб Экономикияб политикаялъул институталъул хIалтIухъан

Дагъистаналда бугеб кризисалъулаб ахIвал-хIал экономика цебетIезабиялъ хисизе бугилан абулаан хIакимазги цо-цо экспертазги. Экономика цебетIей цоязда бихьула туризмалъул масъалаби тIураялда, кIиабилез абула росдал магIишаталъул суалазда тIад хIалтIизе кколин, лъабабилезни инвесторал рачине кколин абула.
Дагъистаналъул ва Шималияб Кавказалъул экномикаялда тIаса «Эркенлъи» радиоялъе баянал кьуна эксперт Ирина Стародубровскаялъ. Гьей ккола Егор Гайдарил цIаралдалъун бугеб экономикияб политикаялъул Институталъул хIалтIухъан, гьениб гьелъ бачула «Политикияб экономия ва регионалияб цебетIей» абураб гIелмияб курс. Стародубровская чанги нухалъ Дагъистаналда щвана цIех-рехал гьаризе ва гьелда лъала республикаялда кинаб ахIвал-хIал бугеб.

Гьелъ абухъе, Шималияб Кавказалъул экономикаялда тIаса гIемерисала рагIула кIиго пикру. ТIоцебесеб пикру: Шималияб Кавказалъул республикаби рикIкIунаан экономика гьечIел депрессивиял регионаллъун. Къануназда рекъон бизнес бачине гьенибе кIоларо, инвесторалги гьенире къанагIат гурони рачIине гьечIо, рачIаралги хIукуматалъул гарантиял рукIиналъе гIоло руго гьенир. КIиабилеб пикру: Шималияб Кавказалъу республикабазда абизе бегьула церетIолел регионаллъун, амма инвесторазе гьенир шартIал чIезарун гьечIо. Гьединго жалго гIадамазги инвестициял бизнес-проектазе гьаруларо. Гьез росула рукъзал, месед ва гь.ц.

Стародубровскаялъ абуна жинда чанги нухалъ Дагъистаналда рагIанин бизнес цебетIезе бокьун батани яги хIакимазда гъорлъ гIагарлъиялдаса чи вукIине кколин, яги бизнесменас ришватал кьезе кколин пуланал хIакимазе. «Хъапустан хьалеб ва хадуб бичулеб мехалда хIакимаз щиб кумек гьабилеб, мисалалъе? Лъие ришватал росилел? Щай бизнесалда гъорлъ гIадамазда бичIунеб бугеб квер-хIетIе хIалтIизарулареб пиша?», - илан абуна эксперталъ. Гьелъул пикруялда рекъон, пачалихъалъ субсиядал кьун яги гарантиял чIезарун бизнес Дагъистаналда цебетIезе гьечIо. «Бизнесалда гъорлъ пачалихъ букIине кколаро», - ян абуна Стародубровскаялъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда цIакъ кIудияб къадар буго балъгояб экономикаялъул. «Бизнесменал сияхIалде рачIунел гьечIо пачалихъалъул идарабазул хIалтIи сабаблъун. ЧIечIого гьарулел цIех-рехал, кIудияб магъало, пенсиязул фондалде кьезе кколеб налогалъул кIудияб къадар – гьезги цогидазги бизнесалъе квекIенал гьарулел руго», - илан абуна эксперталъ.

«Балъгояб экономикаялдаса бизнесменазе хайир бугин абула, амма щиб хайир бугебали дида лъаларо. Гьез кидаго ришватал кьола, гьезда чIванкъотIун абизе лъаларо кинаб букIинеб метерисеб къо, гьезда бичIула жидехъа бизнес бахъине бегьулеблъи пуланал чагIаз», - илан абуна Стародубровскаялъ.

Росдал магIишаталъул бицунаго гьелъ абуна, Дагъистаналда гIемерисез кредитал росулел ругин, амма гьел хIалтIизаризе лъалел гьечIин.

Ирина Стародубровская: «Кредитазул форма гьаниб хIалтIулеб гьечIо. Киназдаго лъала росдал магIишат цебетIезабиялъе росулел кредитал кин кьолел банкалъ. ГIадамазги гьел сундулго ургъел гьабичIого росулел руго. Дида чанги нухалда рагIана «Босани щиб гьеб кредит, нахъе кьезабизе лъида кIолеб», - ян абулеб. Къануназда рекъечIого кьолел кредитаздехун гьединаб бербалагьи буго Дагъистаналда. Гьел кредиатл кин кьолел ругел ва гьел росараз кинаб хIалтIи гьабулеб бугебян пачалихъалъ цIех-рех гьабуни букIинаан цIакъ лъикI».

Шималияб Кавказалда туризм цебетIеялъул бицунаго Стародубровскаялъ абуна гьаниб туризмалъул кIиго центр бугин – Домбай ва Приэльбрусье. «Гьеб кIиго бакIалда туризмалъул инфраструктура цебетIезабиялъе жеги чанги нухал руго. «Шималияб Кавказалъул курортал» программа тIубаялъе рагьарабин абулеб Архыз курорт гьеб программа баккиналде хIалтIулеб букIана. Гьеб курорталда чанги суалалги тIуразе ккола. Гьел курортал церетIезаризе ккола цIиял рагьинегIан. Щай абуни рагьарал курортазда гьабсагIаталда батIаго лъикIаб ахIвал-хIал гьечIо», - ян абуна Стародубровскаялъ.

Гьелъ гьединго ракIалде щвезабуна «Чиндирчеро» абураб абураб Дагъистаналда бугеб гьитIинабго курорт. Эксперталъул пикруялда рекъон, гьеб курорт республикаялъе гIунги тIокI буго ва гьенире хIухь бахъине къватIисани щиб, жибго Дагъистаналдаса гIемер чагIи рачIунаро. «Чиндирчеро абураб курорталда я квешабин, я лъикIабин абизе кIоларо. Добго Архызалда, яги Домбаялда гIадал шартIал гьенир гьечIо, амма гьел чIезариялъе я республикаялъ кумек гьабулеб гьечIо, я курорталъул хважаинас хIаракат бахъулеб гьечIо. ТIадежоялъе багьабиги гьенир кIудиял ругоан», - илан абуна эксперталъ.

Гьелъ абухъе, курортални разе бегьула, амма кисса гьенире туристал рачIинел. Гьеб сулалъе жаваб кьолеб гьечIо лъицаниги. «Дида бичIуларо цо жо: Дагъистаналда Макьаста курорт базе бугин абулеб мехалда щай суал баккулареб – туристал гьенире рачIине ругищ яги гьечIищ. Макьаста бакIалъул бицунаго чанги хIакимас абула гьитIинаб аэропорт гIагарда базе бугин, кинабго инфраструктура чIезабизе бугин. Лъаларо кин гьебщинаб хIалтIи гьабилеб хIукуматалъ, республикаялда бугеб балъгояб экономикаялъул суал тIубазе кIолеб гьечIеб мехалда», - илан абуна Стародубровскаялъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон, бичIулеб гьечIо жеги Шималияб Кавказалъул республикабазда курортал рай – гьеб фантастикайищ бугеб яги букIинесеб жойищ. «Кколеб буго фантастика бугин, щайгурелъул гьабураб хIалтIи бихьулеб гьечIо. Добго Архызалда гIемер гIадамал рачIуне гьечIо, Ингушетиялда хIалтIизе байбихьараб Армхи абураб гьитIинабго курорталда гIадамал къанагIат гурони рачIунел гьечIо. Хьул буго хIукуматалъ Шималияб Кавказалъул республикабазда цIиял курортал разе гьечIин, ругел курортал кин хIалтIулел ругелали халгьабичIого. Жакъа къоялда гьел курортазда роххизе бегьулеб ахIвал-хIал гьечIо. АскIоб бугеб гуржиязул Гудаури курораталде унел руго гIемер гIадамал: доба хIухьбахъи учузгоги чIолеб буго, шартIал ва сервисги Европаялъул курортазда гIадаб буго», - илан абуна эксперталъ.