Лъалев лъаларев В.Путин

Россия--Кремлалда кколелъул бицуней йикIарай корреспондент Елена Трегубова Москваялда жиндирго рукъалда аскIой, 2004 соналъул 2-билеб февраль

Цензуралде тIадбуссараб Кремлалъе жиндир макъалаби рекIее гIечIеб, гьениса репортажал гьаризе изну кьечIеб ва газеталдаса жий нахъе гьаюраб мехалда жинца хъванин «Кремлалъул диггералъул* маргьаби» абураб тIехьин бицана Елена Трегубовалъ Эркенлъи Радиоялъе. Гьединайлъун авторалда жийго йихьулейги йиго.
Елена Трегубова ккола россиялдаса журналист ва хъвадарухъан. Гьей ункъго соналъ хIалтIулей йикIана Кремлалда «Коммерсант» газеталъул мухбир хIисабалда. Гьел соналги кколел рукIана Россиялъул политикияб ареналда кIудиял хиса-басиял ккарал 90 соназул ахир ва 2000-билел соназул авал.

Гьеб мехалда улкаялъул нухмалъиялде Владимир Путин вачIиндал улкаялъул политикалда кIудиял хиса-басиял ккана журналисталъул пикруялда. Кремлалда лъугьунеб бугеб жанисан бихьулей йикIарай гьелъ абулеб буго щибго лъикIаб гьел хиса-басиязулъги букIинчIин.

Цензуралде тIадбуссараб Кремлалъе жиндир макъалаби рекIее гIечIеб, гьениса репортажал гьаризе изну кьечIеб ва газеталдаса жий нахъе гьаюраб мехалда жинца хъванин «Кремлалъул диггералъул* маргьаби» абураб тIехьин бицана Трегубовалъ Эркенлъи Радиоялъе. Гьединайлъун авторалда жийго йихьулейги йиго. Дунялалъул гIемерал мацIазде буссинабураб гьеб тIохьол 300 азарго экземпляр бичун буго.

Владимир Путин улкаялъул нухмалъиялде вачIаравго байбихьанин Россиялъул информация тIибитIизабулел алатазе цензура гьабизе ва лъидаго бачIеб политикияб журналистика тIагIинабизейин рикIкIунеб буго Трегубовалъ. Гьесда цеве президентлъун вукIарав Борис Ельцинил заманалда букIараб эркенлъиялъул ва демократиял бергьенлъабазул жакъа къоялде Россиялъул гIадамазе хутIараб бугин къватIисел хIукуматазде лъагIалида жаниб кIиго нухалда ине ва чурадулел машинаби росизе бугеб ресин абулеб буго гьелъ.

ХутIарал киналго бергьенлъаби-рагIул эркенлъи, лъидаго рачIел информациялъул алатал рукIинего рукIинчIелгIадин риланин абулеб буго гьелъ. Живго Путинги вукIанин доб заманалда гIемерго бер тIад чIоларев чиян ракIалде щвезабулеб буго гьелъ гьесулгун букIараб тIоцебесеб данделъи.


Елена Трегубова: « Дида ракIалда буго гIумруялда жаниб тIоцебесеб нухалда Владимир Путинилгун букIараб дандчIвай. Гьеб букIана «къараб» абулеб брифинг. Гьеб мехалда Путин вукIана президентасул администарциялъул цо гIемерго бер тIад чIоларев хъулухъчи. Гьеб брифингалда цебе лъун букIана, цогиязда цадахъго, регионазда коррупциялъул суалги.

Дун гIажаиблъун йикIана президент Ельцинил администрациялдаса гьедигIан куц-мухъ гьечIев хъулухъчияс кIуди-кIудиял мухъазул нухмалъулезе хIинкъаби кьезе байбихьараб мехалда.
«Зарукь къазе», «хIажалъи ккани жанир тIамизеги», - абурал рагIаби рукIана гьес хIалтIизарулел.
Write your quote footer here...


«Зарукь къазе», «хIажалъи ккани жанир тIамизеги», - абурал рагIаби рукIана гьес хIалтIизарулел.
Бицен гьабулеб гьеб регионалде гIадамал ритIулел ругин ва «рацIцIадал кверал» абураб операция тIобитIулеб бугин. ГIицIго Федералияб Хасаб хъулухъалда ай ФСБялда гурони бажаризе гьечIин коррупция къезабизе ян абулеб букIана гьес. Гьес бицунелдасан бичIчIулеб букIана тIолабго Россия коррупциялъулъ къан букIин.

Гьеб данделъиялда цебе лъун букIана Приморьеялъул суал. Путиница абулеб букIана гьелъул губернатор коррупционер вугин ва гьениве щив витIаниги гьесул коррупционер лъугьунин-гьеб хьуцIцIилъе цIан унин гьениве витIаравщинав чиян. Гьеб ахIвал-хIалалдаса бергьине кIолел чагIилъун кколин цохIо ФСБялъул хIалтIухъабийин. Щайгурелъулин улкаялда тIад тIибитIун бугеб коррупциялъул юргъаналда гъоркь цо гьел ругин дагьаб бугониги бацIцIалъи цIунарал чагIийин.

Дида ракIалда буго гьеб «дагьаб бугониги» ян абураб рагIи. Гьеб мехалда дир бижун букIана гьеб коррупция тIегьалебщинал цоназ ФСБ киб ва щиб гьабулеб букIараб абураб суал. Гьес бицунелъулъ логика букIинчIо».

Трегубовалъул рагIабазда рекъон, гьеб суалалъе жаваб гьелъие жакъаги щун гьечIо. Путиница 2008 соналда президентасул хъулухъ толагоги абулеб букIана рагIалде бахъинабизе кIвечIеб суаллъун Россиялда коррупциялъул суал хутIанин. Амма Трегубовалъ ракIалде щвезабулеб буго цоги хIужа доб брифингалда бицен гьабулеб букIарав губернаторасул къисматалда хурхун.

Елена Трегубова: «Хадуб дида бичIчIана гьеб Путиние цIакъ рокьулел спецэфферктазул цояб букIараблъи. Кинав вукIаниги губернатор туснахъалъув тIамизеги гьесда ракIалда букIинчIо. Гьев губернатор хадусан вукIана ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялъул гIахьалчилъунги, гьелде тIадеги Путиница гьев тола цIакъ хайир щолеб ччугIихъабазул комитеталъул бетIерлъунги.

РАО ЕЭСалъул нухмалъулевлъун вукIарав Анатолий Чубайсица дие бицун букIана доб мехалда, 90-билел соназул ахиралда, президентасул администациялъул бетIерлъун вукIарав ва Ельцинил дурцлъун вахъине ракIалда букIарав Валентин Юмашевас Путинида лъазабун бугин гьел документазул хIакъалъул кIочаян. Гьеб амру Путиницаги тIубазабун бугин. Гьев чи вукIана Приморьелъул вукIарав губернатор Евгений Наздратенко».

«Who is mister Putin?» ай щив кколев путин абураб суал букIана гьев политикияб ареналде ваккараб мехалда дунялалда бищун машгьураб суаллъун. Щив гьев кколев ва кин вачIарав Путин Россиялъул нухмалъиялде? Гьеб суалалъе жаваб кьезе ккани, доб заманалда Россиялъул политикияб элиталда кколеб букIараб ракIалде щвезабизе кколеб буго Трегубовалъул пикруялда.

Елена Трегубова: « Путин нухмалъиялде вачIана гIисинал ва чIахIиял лъугьа-бахъиназдаса ва «хъулбузулал» абулел интригабаздаса хадув. Гьеб заманалда хисун вукIана чанго премьер-министр. Президентлъун тезе рес бугев фигура вукIана Виктор Черномырдин. Хадуб финансазул кризис ккана, Ельцинил сверухълъиялъ хIаракат бахъулеб букIана гьев нухмалъиялде тIад вуссинавизе. Гьесул кандидатура босун букIана парламенталда цебе лъезе. Гьеб киналъго бижизабуна кIудияб ахIи-хIур. Гьедин гьев кIочон тана.

Гьесдаса хадув хIукуматалъул нухмалъиялда тана Евгений Примаков. Гьес хIакъикъаталдаги гьабулеб букIана хIалтIи, Ельцинил сверухълъиялда тIад рагьулел рукIана такъсиразда сверун ишал ва цIи гьарулел рукIана КГБялъул гIадатал. Гьесде данде балагьун букIана цинги Путинил фигура.

Амма абизе ккола, гьеб заманалда премьерлъун Сергей Степашин вукIанин. Гьесул букIана гIадамазда гьоркьоб кIудияб машгьурлъи. Доб мехалда G7гIадал саммитазда Россиялъул рахъалдасан вакил вукIунаан гьев. Ельцин унтараб мехалда гьесул бакIалдаги вукIана гьев, хадуб президентасул хъулухъалде вичIине вугев чилъунги вихьулев вукIана Степашин гIемерисезда.

Гьеб кинабго дида лъикI ракIалда буго. Цинги дие бицун букIана олигарх Роман Абрамовичесе цо кинабалиго кагъат къваригIараб мехалда Степашиница гьеб кьун гьечIилан. Гьедин, Абрамовичасул ва цогидав олигарх Борис Березовскиясул ишал Степашинида ричIчIичIеб мехалда, хIукму гьабун бугила гьев нахъе гьавизе ва гьесул бакIалда Путин тезе. Путин рикIкIунев вукIана Ельцинил хъизамалъ ай гьесул «чукъбуз» бигьаго тIад контроль гьабизе кIолев чилъун».

Трегубовалъ абуна дунялалда ва Россиялъул либералиб бутIаялдаги кколеб букIанин Сергей Степашин президентлъун вукIине вугин ва гьесул кандидатура киназего бегьун букIанин.

Елена Трегубова: «Премьер-министр Степашин киназдаго вихьулев вукIана президентасул хъулухъалда вукIине бегьулев кандидатлъун. Кавказалда цIидасан кор боркьизе чанго анкь хутIараб мехалда гьес гьабун букIана кIвар бугеб лъазаби. Дида гьеб лъазаби ракIалдаги буго.

Гьес абун букIана Россиялъ киданиги такрар гьабизе гьечIин цебе букIараб гъалат! Россиялъ тIокIаб киданиги Кавказалде аскарал ритIизе гьечIин. РакIалде кколеб буго гьеб пикру гIемеразе рекIее гIечIин.

Дида жеги ракIалда буго Москваялда гIадамазе «пиар» гьабулезул цоявгун дир букIараб кIалъайги. Дица гьесда гьикъана-премьерлъун тарав ва рейтингалъул даража цоялдаса тIаде гьечIеб процентгун Путинил кандидатура президентлъун вукIине вугин абуралда мун божулищан?

Гьес абуна:
-Гьединаб жо киданиги букIунаро, кIочене те гьеб!-ян.

Дица гьикъана нахъеги:

-Лъие букIаниги гьев президентлъун вахъине къваригIун батани, ресалги ругони, щиб гьабизе кколеб гьев машгьурлъизавизе?-ян.

Гьев ургъана гъванщаги хъасулаго ва цинги абуна:

-КIола Путин машгьурлъизавизе. Гьелъие хIажалъула гьитIинаб ва бергьенлъи ккураб рагъ.
-КIола Путин машгьурлъизавизе. Гьелъие хIажалъула гьитIинаб ва бергьенлъи ккураб рагъ.
Write your quote footer here...

Нижер гьеб хабар ккун анкьидасан, гьеб сценарий хIалтIизе байбихьана. Дида ккола, гьединаб «пиаралъул» хIалтIи цо гьев чиясул гурониги ботIролъе бачIун букIун батилин».

Трегубовалъул пикруялда тарихалда жаниб гIемерал ккола хIажатаб заманалда хIажатаб бакIалда ватарав чияс политикияб карьера гьабиялъул хIажаби. Гьединазда гьоркьор гьелъ рехсолел руго Сталинги Гитлерги. Гьелги рукIанин лъицаго сандеги гьаруларел лъицаго кIварги кьоларел гIадамалин абулеб буго гьелъ. Гьездасан бугеб хIинкъиялдаги щалго божулароанин абулеб буго журналисталъ. Гьединабго къисмат Путинилги бугин кколеб буго гьелда.

Елена Трегубова: «Дида ккола политикияб ареналдаса ва россиялъул нухмалъиялдаса гьев хун гурони ине гьечIин, гьебги Леонид Брежневасул ригьалде вахараб мехалда. Щайгурелъул президентасул болжал ункъго соналдаса анлъго соналде бахинабиялъги бичIчIизабулеб буго гьеб кинабго Путиние тах къачIазелъун гьабулеб хIалтIи букIин. Путинида ракIалда буго тIадвуссине».

Путин нухмалъиялде вачIаравго хисанин нухмалъиялъул прессаялдехун бербалагьийилан абулеб буго Трегубовалъ. Президентасул ишал тIуразарулевлъун гьев вугеб мехалдаго, рищиязда цебесеб компаниялъул заманалда гьев улкаялда бакI-бакIазде унев мехалда гьевгун дандчIвазе ругел гIадамал тIаса рищулел рукIанин.

Гьесул хIакъалъулъ лъикI хъваразе рецц гьабиялъул, квеш хъваразе «хьоп» щвезабиялъул практикаги букIанин хIалтIизабулеб. Какун гуреб, юморгун гьесул хIакъалъулъ хъвазегицин бегьулеб букIин гьечIо Еленал рагIабазда рекъон.

Елена Трегубова: «Гьесда лъалеб букIинчIо гIадамалгун кIалъазе. Гьев вуго инсан жиндирго рахъалде цIазе лъикIав чи. Дур бадивеги валагьун кIалъалаго гьес мун асир гьавула ва жиндирго рахъалде цIала.
Масала, кавказалдаса чигун кIалъалаго, гьес дуда ккезабула кавказалъул киналго гIадаталги гьесда лъалин, гьесие гьел цIакъ рекIееги гIолин, гьев гьениса чи вугинцин ккезабула. Амма гьесда кинго бажарулеб букIинчIо гIемерал гIадамазда цеве вахъун кIалъазе.

Гьеб букIана доб мехалда Кремлалъул аслияб проблемалъун. Гьанже, узухъда, иш батIайиса буго. Гьанже гьесул Сталинил кинниги «культ» бугин абизе бегьула.
Доб мехалда «пиар» гьабулез Путнил хIакъалъулъ абулаан-жиндир чи лъугьунарев «клиентин» (безнадёжный «клиент»).
Write your quote footer here...
Доб мехалда «пиар» гьабулез Путнил хIакъалъулъ абулаан-жиндир чи лъугьунарев «клиентин» (безнадёжный «клиент»).

Трегубовалъ ракIалде щвезабулеб буго Путинил карьералъул авалалда гьесие суалал кьолеб мехалда гьесул жавабал. Масала, дуе бищунго кинаб бакъан бокьулебан гьесда гьикъараб мехалда, гьес абулеб букIана классикияб машгьураб бакъан бокьулин.

Кинабинха гьеб бугебан цIидасан гьикъидал гьес абулаан-радиоялдасан кьолебин. Гьелъ гьединго ракIалде щвезабулеб буго Кавказалда букIараб рагъулъ лъукъарал солдатазде щвезе Путин араб мехалда ккарабги.

Елена Трегубова: «Госпиталалде гьев вачIараб мехалда гьенир рукIана регун цIакъго гIолохъанал васал. Гьел рукIана школа лъугIун армиялде арал ва чачаназул рагъулъе рехарал лъимал. Гьенив вукIана гIеж гьечIев цояв. Путиница базе гъеж-квер гьечIев васасе кьезе бачIун букIана сагIат.

Путиница гьесда гьикъана дур доб цояб квер хIалтIулеб бугищан. Гьес абуна бугин. Гьедин батани, гьелда баян кьуна гьес гьеб сагIат.
Гьедин улкаялъул аскаразе нухмалъи гьабулев вугев гьес гьел инвалидал гьарурал лъималазде жинда тIаса лъугьаян гьаризе кколеб бакIалда, гьев жувана гьеб щибго гуреб жо бугин бицине.

-Гьа, дур берищ бахъун бугеб?-ян абулеб букIана Путиница цоги лъукъарасда,- Гьанже медициналъул лъикIал ресал руго, щибго лъалареб хIалалда къачIала дур гьеб.

Гьений магIуялъ гъанкъулей йикIана дун. Путинин абуни цIорораб ччугIагIадин вукIана.
Кинаб букIаниги эмоция, кинаб букIаниги нечей яги ракIгурхIи гьесулъ бихьулеб букIинчIо.

Сундуе гIоло гьабураб букIараб гьеб рагъ?

Гьанже нилъеда бихьулеб буго гьеб рагъ я гьитIинаб, я бергьенлъи щвараб букIинчIолъи. Кавказги буго гьалулеб хьагида релъон.

Абизе бегьила Путинил амбициязе гIоло инвалид вахъарав васасда цеве аскаразул тIадегIанав нухмалъулевгIадин чIун вукIанин гьеван. ЧIаго хутIиго лъикI гьечIищ гьев вас эбелалъе. Чан эбелалъул васал чIвачIел кIиябго рахъалдасан?

Гьединго дида ракIалда буго лъимал регараб азарханаялде гьев вачIин. ГIусбузда вугев цо гьитIичасда гьикъулеб букIана гьес:

-Гьанже бугищ дуца нухазда хьвадиялъул низам хвезабизе?-ян.

Гьеб жо бицунев вукIарав чиясул рейтинг америкалъул цIивищарав президент Барак ОбамалгIадаб букIин щакIаб букIана. Гьединлъидал хIажалъана цензура. Цензура гьабулеб букIана гьес бицараб битIараб каламалъецин. Щайгурелъул, гIадамазда рагIине бегьулеб жо Путиница бицунеб букIинчIого».

Путинил пресс-секретарь вачIунаан гьесул пресс-конференциялда цеве нижеде-журналистазде аскIове ва тIалаб гьабун абулаан масала олигарх Роман Абрамовичасул яги алюминиялъул бизнесалда сверун кинал рукIаниги суалал кьогеян- бицунеб буго Трегубовалъ.

Гьелъул рагIабазда рекъон-гьей уней йикIинчIо Кремлалде Путин гIодов чIараб яги гьимараб куцалъул хъвазе. Гьей уней йикIана гьение суалазе жаваб тIалаб гьабизе. Гьелъ абухъе, кьогеян лъазабурал суалал бищунго цере кьолелги рукIун руго гьелъ. Гьединал лъугьа-бахъиназда хадуб Кремлалде аккредитация кьечIого толей йикIун йиго гьей.

Кремлалде йиччачIаларей гьей газеталда хIалтIула лъагIалица ва цинги гьенисаги нахъе гьаюла.

2006 соналъул I2 октябралда, журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Анна Политковская чIван щуго къо индал Трегубовалъ немцазул «Die Zeit» газеталда хъвала Алманиялъул канцлер Ангела Меркелихъе рагьараб кагъат. Меркель гьеб къоялъ дандчIвазе кколей йикIана Владимир Путингун.

Трегубовалъул кагътида цIар букIана «КIалъачIого чIей - такъсиралъулъ гIахьаллъи буго» абун. Гьениб журналисталъ Политковская чIваялъул ва Россиялда инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналъул гIайиб гьабулеб букIана Путинида. Гьелъ тIалаб гьабулеб букIана улкаялда политикиял чIвай-хъвеял рукIинаредухъ политика хисизабизе ва лъидаго рачIел информация тIибитIизабулел алатал тIагIинариялъул политика чIезабизе. Меркель абуни гьелъ ахIулей йикIана Путинихъе квер кьечIого тезе.

Гьелдаса хадуб Трегубовалда хадуб хал кквезе байбихьула ва гьелъ улка тезе ккола.

Путинизм абураб термин билъанхъун буго ахираб заманалда тIолабго дунялалъул прессаялда. Путиница жиндирго каламазда хIалтIизарурал рагIаби гуребги гьеб терминалъулъ цоги магIнаги бихьулеб буго Трегубовалда.

Елена Трегубова: «Дида ккола гьесул цIакъ гIадатияб идиология бугин. Щиб гьабунги нухмалъиялда хутIи ва кинабго шагьи-капек жиндирго контролалде гъоркье бачи. Супермонополистлъун вахъине ва нартгун-газ букIа яги цоги кинаб букIаниги хайир щолел бакIазда тIад жиндирго тохаллъи чIезаби. Гьеле гьединаб мафия буго, гьелъул бетIерлъудаги цо чи вуго. Гьес хайир гьудулзабигун гIахьалги гьабула».

Путин гIадамазда гьоркьов машгьурав вукIин бихьизабизелъун Россиялъул прессаялда гIемер рукIунин рейтингал кьун. Гьесул рейтинг 70 проценталдса тIаде бахинабун хъварал бакIалги рукIунаанин гьев президентлъун вугев мехалдайин абулеб буго Трегубовалъ. Гьелъул пикруялда Путин гIадамазда гьоркьов машгьурав гьезего гьечIо. Щаяли гьелъ гьадин бичIизабулеб буго.

Елена Трегубова: «Дица рикIкIунаро гьев машгьурав вугин. Дида гьеб машгьурлъи бихьулебги гьечIо. Гьеб буго гIадамазул пикру хисизабиялъул хIасил. Гьелде тIадеги, нужер ботIролъе бачIине букIанищ I939 соналда Алманиялъул къватIахъеги рахъун фьюрерил политика нужее рекIее гIолеб бугищан гьикъизе? Гьединаб суал кьун букIарабанигицин, нужер пикруялда, жаваб кинаб букIине букIараб? Дида ккола вариант цо букIине букIанин.

Рищиялги рукIинчIо Россиялда ритIухъал. Дун рищиязде унги йикIинчIо. Гьел рукIинчIо я демократиял, я ритIухъал, я эркенал».

Трегубовалъ абулеб буго нухмалъигун кинаб букIаниги разилъунгутIи загьир гьабуни, жидер гIумрудуе хIинкъи бугеб ахIвал-хIалалда Россиялда лъабго гIелалъ гIумру гьабунин.

Елена Трегубова: «Россиялда лъабго гIелалда лъала рагIи сабаблъун чи вилизави щиб жо кколебали; рагIицин щиб, пикру гьабиялъулцин бугеб хIинкъи лъала гьезда. Масала I968 соналда Чехословакиялде Совет Союзалъ танкаби ритIараб мехалда, гьеб тадбиралде данде чIей гьабун улкаялъул аслияб майданалде вахъун вукIана гIицIго щуго чи. Щуго! Гьел рукIана улкаялъул яхIлъунги намуслъун.
Перестройка байбихьараб мехалда, гIемерал журана Чехословакиялде танкаби ритIи какизе.

ГьелделъизегIан кирха гьел рукIарал? Амма гьеб сабаблъун гIадамазда гIайиб гьабизеги кинго бегьуларо, гьел хIинкъизарун рукIана. Гьанже гьел гIадатал цIи гьаризе Путиние щибго квал-квал гьечIо. Гьанже гIадамазул буго дагьа-макъабго гIарац ва лъагIалида жаниб кIиго нухалда къватIисеб улкаялде ине рес. Гьанжеги гьел сихI тун чIун руго ва цоги гъачагъазе жалго талавур гьаризе рес кьун буго гьез».

Доб I968 соналда вукIарав щуго чи гIадав миллияб яхI-намусалъул бакIалда чIолел гIадамал ругищ жакъасеб Россиялда абураб Эркенлъи Радиоялъул суалалъе Трегубовалъ жаваб кьуна ругин, амма гьезул хIинкъигьечIолъи цIунизелъун жинца гьезул цIарал рехсезе гьечIин. Гьезда къватIисел улкабазул жасусалин, такъсирчагIийин абун тIокIцIарал лъолел ругониги гьел ругин намус бацIцIадал журналисталги инсанасул ихтиярал цIунулелги ва гьезул гIумругун сахлъиялда жий щибаб къойил хIинкъунги йикIунин абуна журналист ва хъвадарухъан Елена Трегубовалъ Эркенлъи Радиоялъул Шималияб Кавказалъул хъулухъалъе кьураб интервьюялда.

Гьеб интервью Эркенлъи Радиоялъул эфиралда букIана 2008 соналъул 23 ноябралда.

*диггерал- ккола ракьалда гъоркь яги нохъабазда жанир свердулел гьениб бугеб лъазабулел чагIи