Путинил Россия магърибалъул машгьурал даптаразда
"The Economist"
Барри Блиттица бахъараб гьаб сураталда цIар буго «дир гьудулзабаздасан гIуцIараб жюри» абун. Магърибалъул цо-цо улкабазул нухмалъулел рачIун гьечIо Сочиялде. Америкалдаса делегациялда вуго лъабго гей спортсмен.
"Newsweek"-калъги кlвар кьун буго геязде данде бугеб къануналде
Саймон Шустерица кIвар буссинабулеб буго террористияб хIинкъиялдаса цIуна-къазелъун Россиялъ «маххул гор» гьабизе бахъулеб хIаракаталде.
КIиго сон цебе оппозициялъул акциязул жо ккечIониги Путинил Россия биххун унеб бугин рикIкIунеб буго Джулия Лоффеца
Джошуа Яффаца жиндирго сураталда бицен гьабулеб буго Олимпиадаялъул объектал ралаго Россиялда букlараб коррупциялде.
Гьаб сураталде лъун буго "Черхалъул диктатура" абураб цlар
Чехазул "Reflex" даптаралъ Путин кьолев вуго "цlороол бикал" сипаталда.