Your browser doesn’t support HTML5
14 апрелалда Владимир Путинихъе рачIарал суалазда гьоркьор рукIана цереккун кьун рукIинчIел суалалги. Гьел хурхарал рукIана политикияб аренаялда жаниб Россиялъулги къватIисел пачалихъазулгун бугеб гьоркьоблъиялда хурхарал. Украинаялъулгун Турциялъул нухмалъулел Петр Порошенкоги, Эрдогъанги нагагь ралъдалъе ккун гъанкъулел ругони тIоцере гьезул кисалин дуца хвасар гьаризе рукIарал абун гьикъулеб букIана президентас. Суал букIана гьединго гьесул хъизан-рукъалда хурхарабги.
Цеесей лъадигун дур кинал бухьеналин ругел ва дуцаго цIияй чIужу кидайин ячине йигейилан лъазе бокьун бугоан цо гIаданалъе. Цеесей чIужугунги гьоркьо-гьоркьор рукIаниги рихьулин, кида-къадги жиндицаго лъади ячине йигилан жаваб кьуна Путиница. ХутIарал суалал рукIана социалияб темаялда, гьединго Крымалдагун Севастополалда ва цогидаб темаялда хурхарал.
«Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана нужеца кинаб суал кьезе букIараб улкаялъул бетIерасе абун цо-цо дагъистаниязда гьоркьоб цIех-рех тIобитIизе.
-Дие бокьилаан нилъер президентасда гьикъизе щай гьаб лъай кьеялъул иш цIакъго квешаб бакIалде ккезе тарабилан. Гьез киназего цого тайпаялъул тIахьалги ургъун, хвезабун буго кинабго. Дова магIарухъ вугев гIолиласдаги, дова Бурятиялда вугев васасдаги цого тайпаялда лъазе рес бугищ гIурус мацI? Гьал ЕГЭялги ОГЭялги ургъарал гIечIого цоялдаса цоял захIматал тIахьлаги ургъун, чанго соналде кинаб бакIалде ккезе бугеб нилъер лъай кьеялъул иш?
-Щиб суалха гьесие кьелеб. Гьаб нахъаса нахъе ине бугеб Россия кида саламатаблъун лъугьине бугеб ва нахъе ккун бугеб росдал магIишатги кида цебетIезабизе бугебилан гьикъилан гьесда.
-Дица гьикъилаан гьадин. Жакъа мискиназдаги чIахIияздаги гьоркьоб бугеб манзил дагь-дагьккун цIикIкIунеб буго. Гьелда гьоркьоб цо рекъараб гIурхъи кидайин чIезабизе бугебилан гьикъилаан дица президентасда.
Гьел суалазе Путинил бакIалда нужеца щиб жавабин кьезе букIарабилан цо-цо экспертазул пикруги лъазабуна нижеца. ЖамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас гьадинаб жаваб кьезехъин букIун буго халкъалъе.
ГIисалмухIамад Набиев: «Путинил бакIалда кинаб жаваб гьелъие кьезе букIарабилан абизе захIмат буго. Мисалалъе, коррупция босани, гьеб жакъа кибехунго бессун буго, гьеб гьечIеб бакI хутIун гьечIо. Лъай кьеялъул иги цIакъго нахъе ккун буго. Цебе дир гIагараб росулъа бокьараб институталде цIализе рорчIулаан гIолилал, экзаменги щибниги квал-квал гьечIого кьолаан. Гьанже кIолищха гьедин цIализе ворчIизе. Киданиги кIоларо. Гьел ЕГЭязулги цогидаб хIапу-чапуралъулги балагь буго гьеб кинабго. Заочно институтги лъугIарал, жидадагоцин гьеб ЕГЭ кьезе кIоларел учительзабиги руго школазда лъималазе дарсал кьолелилан. Гьединаб цIакъго гIодобегIанаб даражаялде ккун буго лъай кьеялъул иш. Щай гьеб гьелде ккун бугеб? Щайгурелъул жамгIияталъ жидецаго инкар гьабулеб буго сахаб лъай кьеялдаса».
Дагъистаналда биччалеб «Московский Комсомолец» газеталъул бетIерав редактор ХIапизов Юсупица гьадинаб жаваб кьуна.
ХIапизов Юсуп: «Лъай-кьеялъул бицунеб бугонани, дида ккола Совет хIукуматалъул заманалда букIаралдаса лъикIаб лъай-кьей гьечIилан. Гьеб ЕГЭялъги нилъер лъималазе щибго лъикIаб жо кьезе гьечIин ккола дида. Гьединлъидал, цебе букIараб лъай кьеялъул система тIадбуссинабизе ккола.
Коррупциялъул бицунеб бугонани, гьеб лъугIизабизе байбихьизе ккола тIасагъоркье. Бищун тIогьиса, федералияб централдаса бахъун, цинги регионазул тIалъиязде щун. Гьедин гурого коррупция тIагIунаро. Гьеб тIагIинабизе ккани кьваризабизе ккола тамихIги, хIатта рищватчагIи чIваялде къотIицин биччазе ккола. Росдал магIишаталъул ругел гIунгутIабиги хурхарал руго гьебго коррупциялда. Чан ругел предпринимателал субсидиял ва грантал росулел кагътида бугеб магIишат бахъинабизе? Гьединлъидал, коррупция тIагIинабунани гьел гIунгутIабиги лъугIизе руго».
Халкъалъулгун чIагояб эфир Путиница тIобитIизе байбихьаралдаса исана тIубала 15 сон. Халкъалъул суалазе гьес жаваб кьезе байбихьана 2001 соналдаса нахъе. Гьеб тадбир гьес гьоркьоб къотIизе течIо 2008-2012 соназда улкаялъул хIукуматалъул нухмалъулевлъун вукIараб мехалдаги.