Путиница бичlчlизабуна жиндирго позиция

Крымгун Севастополь Россиялде гъорлъе росулел ругин лъазабулев Путин, Москва, Март 18, 2014

Республика Крымалъ ва Севостополь шагьаралъ Россиялде гьоркьоре жал росейин гьабураб хитIабалда бан Россиялъул Пачалихъияб Думаялда, Федерациялъул Шураялда, улкаялъул регионазул бутIрузда ва жамгIияталъул вакилзабазда цеве кIалъана талат къоялда президент Владимир Путин.
Кремлалда гьабураб кIалъаялда президент Путиница абулеб букIана Россиягун Украиналда цояб гьечIого гIумру гьабизе бажаруларин ва ракIалде щвезабуна «Киев-гIурус шагьаразул эбел» букIинги.
Путиница жеги абуна Москваялъе Украинагун гьудуллъи гьабизе бокьун бугин ва гьединго бокьун бугин мадугьалихъ бугеб улка къуватаб ва парахатаб букIинеги. Путинил рагIабазда рекъон, Крым хутIизе буго «гIасрабаз гьениб гIумру» гьабун рукIарал гIадамазе рукълъун, амма «гьеб кидаго букIине гьечIо бандеразул».

Президентасул рагIабазда рекъон, Россиялъул халкъалъ «цоцалъ гъункун» ккуна Украиналда ругел ракьцоязул рахъ.

Владимир Путин, Кремль

Владимир Путин: «Жакъа Крымалда тIобитIараб референдумалда ва халкъалъул мурадалда мугъчIвайги гьабулаго, Федералияб Шураялда цебе лъолеб ва Конституциялде дандекквеялъул хал гьабеян гьарулеб буго кIиго цIияб субъект Россиялде гъорлъе босиялъул суалалъул. Гьел руго Республика Крым ва Севастоль шагьар. Гьединго гьарулеб буго гъулбас лъезе хIадур гьабураб Республика Крым ва Севастоль шагьар Россиялъул Федерациялде гъорлъе лъугьиналъул къотIи-къаялъе ратификация гьабейинги. Дир щаклъи гьечIо нужеца рахъ кквезе букIиналда».

16 марталда Крымалда тIобитIараб референдум демократиял процедуразда ва халкъазда гьоркьосел рихьизариязда рекъон анин рикIкIунеб буго Путиница.

Крымалда ругел татараз цебе лъазабулеб букIана жидеца референдумалъе байкот лъазабизе бугин, амма официалияб версиялда рекъон, референдумалда гIахьаллъун буго халкъалъул 80ялдаса цIикIкIун процент. Крымалъул татаразе реабилитация гьабиялъул хIалтIи рагIалде бахъинабизе кколин лъазабуна Путиница талат къоялда.

Владимир Путин: «БукIана заман крымалъул татаразе СССРалъул цоги халкъазего гIадин вахIщияб ритIухълъи гьечIолъи гьабураб. Репрессиязул къарбаналлъун доб мехалда ккана батIи-батIияб миллаталъул гIемерал миллионал ва бищунго цебе гIурус халкъ. Крымалъул татарал тIадруссана жидерго ракьазде. Дица рикIкIуна гьеб крымалъул татаразул халкъалъе реабилитация гьабун лъугIизабизе киналго политикиял ва къануниял хIукмуял къабул гьаризе кколин».

Крымалда гIумру гьабулел киналго халкъазул жидеца адаб гьабулин, гьеб гьезул гIаммаб рукъ бугин ва гьениб лъабго пачалихъияб мацI-гIурус, укаиналъул ва крымалъул татаразул букIине бугин лъазабуна Путиница.
Путинил калам хъатчIваяздалъун гIемер гьоркьоб къотIизабулеб букIана депутатаз. Гьез хъат чIваялдалъун къабул гьабуна Крымгун Севастополь Россиялде гъорлъе росулел ругин Путиница абурабги ва гьенибго рахъаз гъулбасал лъуна гьел рагIаби тасдикъ гьарулеб документалда гъоркь.

Россиялъул къануназда рекъон, Крым Россиялде гъорлъе босизе ккани гъулбас лъезе ккола пачалихъазда гьоркьосеб къотIи-къаялда гъоркь. Гьелдаса хадуб президентас хитIаб гьабизе ккола Россиялъул Конституциялъул диванханаялде гьеб къотIи-къай улкаялъул Конституциялде данде кколеб бугищали къимат кьейин. Гьелдасаги хадуб, документал ритIула Пачалихъияб Думаялде. Гьедин, рес буго гьеб къанун 21 март щвелалде къабул гьабизе.

Къануналда рекъон, президент Путиница талат къоялда улкаялъул Параламенталъул кIиябго КIалгIаялда цебе калам гьабиялъул кинабгIаги хIажалъи букIинчIо. Республика Крым лъидаго бачIеб пачалихъ букIин къабул гьабураб амруялда гъоркь гъулбас лъурав Путиние бокьун букIанин жиндирго позиция тIолабго дунялалда рагIизабизе ва калам гьаби-гьеб гьесул тIасабищи букIанин бичIчIизабулеб букIана президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас.

Гьелда цебесеб итни къоялда Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министрал разилъун рукIана Россиялдаса ва Украиналдаса 21 официалияв хъулухъчиясда хурхун санкциял гьаризе. Санкциязда рекъон, гьел хъулухъчагIазе чIезарулел руго визаби рагьиялъул гIурхъаби ва цIорозарулеб буго Европаялъул банказда бугеб гьезул гIарац.