ТIаса лъугьиналъухъ- 5 млн. гъурущ

Пенсиязул фондалъул бутlа, Владимирскалъул ракь, 2009 сон

"Россиялъул уголовиялгун процессуалиял къануназул 136 абилеб статьяялда рекъон, нижеца дуда гьарула кьучI гьечIого дуда сверухъ байбихьун букIараб цIех-рехалдаса тIаса лъугьайин. Гьедин лъугIизе толеб буго 2010 соналъул 25 маялда дуда хурхун байбихьараб цIех-рех".

Гьедин хъвалеб буго Амучи Амутиновасухъе Дагъистаналъул прокуратураялъ бачIараб кагътида. 2010 соналъул ихдаде щвезегIан гьев вукIана Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул нухмалъулевлъун. Цинги гьев хисун гьениве вачIана Гъизляр мухъалъул нухмалъиялда вукIарав Сагид МуртазагIалиев.

Прокуратураялъ Амутиновасдаса тIаса лъугьин гьариялда бан ЭР-ялъе баян кьуна гьесул вац Ибрагьим Амутиновас. Живго Амучи Амутинов Москваялда вукIун кодове щвечIо.

Ибрагьим Амутинов: "Гьев хIалтIудаса вахъидал Дагъистаналъул пенсионераз Авартеатралда цебе митинг гьабун букIана. Гьеб мехалда Амучиде гIайибал гIунтIизаризе байбихьана живго хъулухъалда хутIизе къваригIун, гьес жинцаго ругин херал гIадамал къватIире рахъинарулел абун. Гьересидокументалги гьарун, Амучие тамихI гьабизе къваригIиналъ цо жал ургъун рукIана гьез".

Дагъистаналъул пенсионераз Авартеатралда цере гьарурал митингазул гIемер бицунебги "Новое дело", "Черновик" и "Дагестанская правда" ва цогидал газетаздасан хъвалеб букIана доб мехалда.

Ибрагьим Амутинов: "Къануналда данде кколаредухъ гьабулеб букIана гьесда сверухъ такъсирияб ишалъул цIех-рех. Цинги диванчияс гьеб мекъаблъун рикIкIиндал, жалго гьеб цIех-рех байбихьарал чагIазда тIасан диваналде гIарза хъвана гьез мекъал жал гьуралел ругилан. Гьедин цо-цоял тамихIалдегицин цIан ругин рагIана, цо цIех-рехчи хIалтIудаса нахъе рехун вугиланги абуна".

Гьеб киналдаголъун Амутиновасул къадру-къимат гIодобегIан ккезабуралъухъ диваналъ хIукму гьабуна рецIел хIисабалда гьесие жеги 300 азарго гъурущги кьезабизе. Амма гъоркьисала декабралдаго кьезе бихьизабураб гьеб хIукму гьанжелъагIанги халатбахъинабулеб буго. Гьелда бан гьанже Амучи Амутиновас диваналде гIарза хъван буго Дагъистаналъул финансазул министерлъиялдеги Казначействоялъул хъулухъалдеги. Гьедин гьес хIукумуталдаса тIалаб гьабулеб буго 5 млн гъурущ. 60-лъе санал рахараб мехалда жинда сверухъ къваригIел гьечIеб ахIи-хIурги бахъинабун жиндир къадруги хвезабунин, чанго анцIго соналъ тIатIалаго гьабураб хъулухъалъул хIасилги хIурудалъ анин рикIкIунеб буго Амутиновас диваналде хъвараб гIарзаялда.

Гьаниб бицен гьабулеб заман ккола МухIамадсалам МухIамадов Дагъистаналъул нухмалъиялде вачIараб мех. Гьесда цеве вукIарав МухIу ГIалиев цIидасан республикаялъул нухмалъиялда тейин гьарун Дагъистаналъул политиказги, депутатазги, жамгIиял хIаракатчагIазги Россиялъул президентасухъе хитIаб гьабун букIана. Гьезда гьоркьоб букIана Пенсиязул фондалъул нухмалъулев Амутиновасул цIарги. Цо-цо чагIаз гьеб хIужа рикIкIуна МухIамадсалам МухIамадов нухмалъиялде вачIиндал Пенсиязул фондалъул нухмалъулев хисиялъе гIиллалъун. Амма кин батаниги, республикаялъул прокуратураялъ Амучи Амутиновасда официалияб куцалда тIаса лъугьин гьариялда гIажаиблъи гьабулел чагIи дагьал гьечIо.

Гьанже Дагъистаналда тIалъи хисиялда бараб жогицин гьечIодай гьебин абулеб буго гьез. Гурони республикаялда гIезегIан ругила гIилла-мурад гьечIого жидеда хадуб низам цIунулез халккурал хIужаби. Амма прокуратураялъ Амутиновасда гурони тIаса лъугьин гьаричIила.