МухIамад аварагасул асарал дагъистаналде рачIин кIудияб лъугьа-бахъинлъун къабул гьабуна дагъистанияз. Августалъул къоло анлъабилеб къоялдаса байбихьун Капийск шагьаралда аскIоб бугеб гугарухъан ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялъуре къокъунел аза-азар бусурбабазул чвахи гьоркьоб къотIичIо сордоги къоялъги. Зияраталъ рачIунел гIадамазул тадбир гьабизе хасал гIадамаздасан гIуцIараб кIиго батIияб къукъа букIана гьениб хис-хисун хIалтIулеб. Амма гьезул хIаракатчилъиялда чIезабизе кIолеб къуват букIинчIо зияраталъ рачIунел гIадамазул цIияб чвахиялъул.
Зиярат рагьарал тIоцересел къояз тартибалда унеб букIараб низам кIалагъоркье буссинабурал хIужаби загьирлъана хамиз ва рузман къоялъ ахIвал-хIал циндаго хисиялъ.
Салат-салам аварагасул асарал Дагъистаналде рачIун хадуб щибаб шагьаралдаса ва мухъалдаса гьенире гIадамал щиб къоялъ рачIине ругелили чIезабун, анкьил цо-цо къо бихьизабуна гьезие рухIияб идаарялъ. Гьедин мисалалъе хас гьабун руччабазе чIезабуна рузманкъо.
Гьеле гьеб рузманкъоялъ ва гьелда цебесеб хамиз къоялъ букIана-бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал.
Эркенлъи радиоялъул мухбирас халлккун гьеб сордоялъ ва тIубараб къоялъ гьениб букIараб ахIвал хIалалда хадуб. МахIачахъалаялъул басрияб ва цIияб шагьранухдасан гьединго Каспийскалъул рахъалдасан лъабго батIияб мухъалдаса рукIана рачIунел унел гIадамазул тIелал.
Асаразухъ балагьизе рачIунел гIадамазе жанире рачIунеб нухалъул байбихьи лъун букIана гьениб аскIобго бугеб стадион Анжи-Аренаялдаса.
Амма кин киниги бигьаяб масъала букIинчIо гьеб цо ккураб низамалда берцинго гIадамал жанире тIоритIизе.
ЦохIо МахIачхъалаялдаса гурелги аскIор ругел шагьараздаса ва хIатта магIарухъацин рачIунел гIадмаз цIун букIана сверухълъи.
ГIагарлъиялъул чиясул кумек гьечIого рилълъун бажаруларелги, цIакъго цIикIкIарал саназде рахаралги, сакъатал, гъоркь гьакал рараб бакIги гиризабун рачунелги, лъимаде ругелги, гьарурал лъагIел ялъуни моцIал рараб лъимер кодоб ккурабги руччаби гIемер рукIана гьенир.
Цеебсеб къоялъ ралалго рачIарал, амма сордо-къо данде щолеб букIаниги жеги жанире нух щвечIел гIадамазул зигара ва ахIи-хIур жубарал гьаркьаз цIун букIана сверухълъи.
Амма гьездасаги цIакъ ахIдолел, гIемер ахIдеялъ гьаракь къун халкъ низамалде бачIинабизе кIоларого тату хун рукIана гIадлу низам чIезабизе тарал гIолохъабазул хасаб къукъа.
ЦохIо гьел гурелги гIадлу низамалда хадуб хал кколел аскариялъул чагIиги рукIана гьенир, амма гьездаги кквезе кIвечIого цоцазул квералги ккун гьабураб гIолохъабазул чIагояб сангарги биххизабун жанире рорчIун унаан руччаби.
ГIадамазул гуруда гьоркьор хIал дагьлъун лъугьун, лъавудаса чагIи аралги лахIзатал рукIана гьенир.
Гьезие дару-сабаб гьабизе хехаб ахIиялъул чанго автомобилги тохтурзабазул къукъаги букIана гьениб.
Нилъер гIадамал цIакъ захIматаб халкъ бугин гIадлу-низамалде ругьун гьабизеян гIарз бугоан гьезулги.
Тадбиралъул гIуцIарухъабаз кинабго хIадур бугин кинабго низамалда рекъон бачине, амма сабру гьечIел сабаблъун гIизагIан чиясе кколеб бугин зарал.
Лъавудаса ун, хIал дагьлъун лъугIарал чагIи малъичIого чиясул гIумруялъе зарал ккарал хIужаби рукIанищан гьикъидал тадбир байбихьаралдаса цониги ккечIин, гьеб ккечIого букIине гIололъидал жал сордо-къо батIа гьабичIого гьенир хъаравуллъуда ругелилан абуна хIехаб ахIиялъул автомобилалда вукIарав тохтурзабазул кIудияс.
Амма гьезул баян гьересилъана хадуб. Радалиде гьениб тIибитIана хабар тIаде гурун рачIарал гIадамаз чIинтIун цо гIолохъанчIужуги гьелъул гьитIинаб лъимерги къадаралде щун бугилан.
Бицарасул бицаралда рекъон гурони гьеб хIужа бералда бихьарав чи нижехъе щвечIо, амма гIадлу-низамалде хадуб хал кквезе тарал аскариязул чагIазги жеги щуго анлъго чиясги тасдикъ гьабуна гьеб баян.
Официалиял гурел баяназда рекъон цересел къоязги хун вугин гьенив чанго чиян букIана хадубги абулеб.
Жанире унеб бакIалда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда кинавниги лъабунсго чиясе тохтурзабазул кумек хIажалъун рагIулилан хъвалеб букIана хадуб интернеталда.
Аварагасул асарал Дагъистаналда рукIине ругин сентябралъул кIиабилеб къоялъ лъагIанилан бицун букIана Эркенлъи радиоялъе рухIияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица.
Амма Дагъистаналъул щибаб мухъаладса гьенире рачIунел гIадамазул къадар цIакъго гIемерлъулеб букIиналда бан хIукму гьабун буго зияраталъул къо жеги кIигоги къоялъ халат гьабизе.