МухIамад Аварагасул асарал рачIунел руго Дагъистаналде

Грозныялде аварагасул реликвиял рачlараб мехалда республикаялъул нухмалъи, Грозный, 26Янв2012

Дагъистаналда бачIунеб анкьалда кIудияб байрам букIине буго бусурбабазе. Гьезул бокьаразе рихьизе республикаялде рачIунел руго МухIамад аварагасул ва гьесул гIагардисеб сверухълъиялъул 23-ялдасаги цIикIкIун асар. Гьел рихьизаризе руго речIчIухъан ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул кIалгIаялда гIадамазе гьенире рачIине бихьизабураб низамалда рекъон.

25 августалда ГIарабазул Цолъарал Эмиратаздаса МахIачхъалаялде рачIине руго МухIамад аварагасул асарал.

Цереккун гьел жеги киданиги Дагъистаналде рачIун рукIинчIо. Дагъистаналъул бусурбабазул идараялдаса щварал баяназда рекъон, Эмиратазул вакиллъиялъ хIисабалде босун буго МахIачхъалаялда 23 асар бихьизабизе. Амма гьезул къадар жеги цIикIкIун букIине бугин бицана ЭР-ялъе бусурбабазул идараялъул пресс-секретарь МухIамарасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «ТIоцебесеб иргаялда, гъоба буго МухIамад Аварагасул рас, гъал гьабун лъураб халатаб рас буго гьеб. Магжил расал руго. 17 хъахIаб рас букIун буго гьесда. Авараг мигъражалде унеб сордоялъ гьесда тIад букIараб халгIаталъул цо кесек букIине буго гъоба. Гьединго руго ГIусман-асхIабасулги ГIали асхIабасулги халгIатал. Увайсул-къарани абун вукIана кIудияв вали. Гьесул расал руго. Руго асарал Аварагасул яс ПатIиматил, гьелъул лъимал ХIусенил, ХIасанил. Гьединго Аварагасул хIатIил роценалъул гьабураб асар буго».

Гьел асаразда гьоркьор ругин жеги лъиданиги рихьун рукIинчIел асаралгиян бицана МухIамадрасулица. Гьел МахIачхъалаялде росизе санагIалъи букIунарищин гьарун буго Эмираталъул вакилзабазда Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас. Гьедин доз разилъи кьун буго гьел асарал цIуна-къаялъе республикаялъул хIукуматалъ хIалтIи гьабулин рагIи кьедал. Гьединго Эмиратаздаса гьелги росун рачIунел вакилзабазе рорженалъул рахъалъ квербакъулеб буго олигарх Сулейман Керимовас. Гьезул 60 ниги чи вугин бицана ЭР-ялъе МухIамадрасул ГIумаровас. Гьелги ругила асхIабзабазулги Аварагасулги наслабазул чагIи.

МухIамадрасул ГIумаров: «Гьел асаралги росун Дагъистаналде вачIине вуго дунялалда тIад ругелщинал ансариязул бетIер – Авараг Маккаялдаса къватIиве унеб мехалда гьев къабул гьавураб кIиго къокъа букIана гIабсги хадражги абун. Бищун цIакъаб къокъа букIана хадражазул. Ансариялин абула гьезда. Гьезул наслуялъул чи вуго гьавги. Амирул Ансарин абула гьесда. Дунялалда ругелщинал ансаразул бищун цIикIкIарав чиха. Гьесие жиндиегоги бокьана Дагъистанале вачIине, баракатаб бакI бугин гьабилан. Гьанире рачIиндал гьезие бокьун буго Дербенталде асхIабзабазул зияраталде ине, ЧIикIаре СагIид-Афандиясул зияраталде ине. Гьединго нижецагоги рихьизарила гьезда Дербенталъул хъалаги, ЧIикIаб ГЭСги, Каспийскалда цIер гьабулеб заводги, Дагъогниялъул завод. Хасавюрталда бугеб консервазул заводги бокьана гьезие бихьизе. Дармил чагIиги ругелъулха гьел».

МухIамад Аварагасул асарал гъоркьиса Чачаналдеги рачIун рукIана. Амма Дагъистаналде гьабулеб сапаралъул программа агьалъ хисизабулеб бугин бицана ЭР-ялъе МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Рузман къоялъ КIудияб мажгиталда вагIзаги гьабизе буго гьез МахIачхъалаялда. Хадуб гьез Аварагасул рас чуризе буго Зам-Зам лъеца, цинги гьеб бикьизе буго гIадамазе».

МухIамад Аварагасул асарал Дагъистаналда анкьица рихьизаризе руго. Гьел лъезе руго машгьурав гугарухъан ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул КIалгIаялда. Дагъистаналдаса 2 млн чиясда гьел рихьуледухъ, щибаб шагьаралдаса ва мухъалдаса гIадамал рачIине чIезарурал къоял руго. Масала, МахIачхъалаялъулгун Каспийскалъул бихьиназе бихьизабун буго талат къо. Руччабазе – рузман къо. Гьединго гьезухъ балагьизе рачIине руго Москваялдаса, Волгоградалдаса, Украинаялдаса ва цогидал бакIаздаса бусурбаби.