Гьанже заман щолеб буго чачаназул тIоцебесеб ва хасго кIиабилеб рагъулъ гIахьаллъаралъухъ 12-15 сонги кьун жанир тIамун рукIарал къватIире риччазе. Жалго гьел жанир тIамураз бицуна жал къватIире риччачIого рукIинелъун туснахъалъул нухмалъиялъ бажарарабщинаб гьабулеб бугин.
Гьезулго рагIабазда рекъон, гьел республикаялде тIадруссине бокьун гьечIо жибго Чачан республикаялъул нухмалъиялъеги. Гьез бицухъе, республикаялъул нухмалъиялда буго гьел хIалтIудалъун хьезариялъул гуребги, гьел рецIел босизе жураялъулги ургъел. Гьал къоязда ЭР телефоналъ ахIун букIана туснахъалъуб кколеб болжалги бан къватIиве виччазе заман щолезул цояв чачаналдаса Садикъов Рамзаница.
Садикъов асир гьавун вукIана чачаназул кIиабилеб рагъул авалалда ва Грозныялъул диваналъ хIукму къотIун букIана гьев 12 соналъ туснахъалъув тIамизе.
Садикъов жанив вугелдаса гьанже гIун буго 10 ялдаса цIикIкIун сон. Гьанже гьев къватIиве виччазе заман щолеб букIиндал, гьесул рагIабазда рекъон, гьев къватIиве виччачIого вукIинелъун ва гьесие жанив тIамизе сонал таде журазелъун квешезе жал гьарулел руго туснахъалъул нухмалъиялъ.
Садикъов Рамзан: «Дида цIар буго Садикъов Рамзан. Дун вуго Сунжаялдаса. Гьаб сагIат дун вуго Архангельскаялда бугеб туснахъалъув жанив тIамун. Гьанив чачаназул кIиго чи вуго-дунги цоги васги. Гьев гьаб сагIаталда азарханаялда вуго дунин абуни, изоляторалъув тIамун вуго тамихI гьабун.
Дов цояв азарханаялде ккун вуго къижун вукIаго гьесул ботIрода иту къабидал. БетIер квешго бекун буго гьесул.
Дун изоляторалъув тIамун вуго гьев унтарасе кумек гьабиларедухъ.
Дун гьанив вугелдаса 20-ялдаса цIикIкIун къо буго. Гьаниб гьечIо кинабгIаги хинлъи, гордоялда цIер чIван буго, киса-кибего чороклъи буго.
Гьанив нижер кинабниги лъабго чи вуго-дунги, цо магIарулавги, цо гIурусавги. Ниж лъабацаго прокуратураялде гIарза хъван букIана гьанир ругел квешал шартIазул бицун».
Туснахъалда ругел квешал шартIазде дандечIей гьабун жидерго чорхое ва сахлъиялъе заралцин гьабулеб бугин жанир тIамуразин бицана Садикъовас.
Гьесул рагIабазда рекъон, туснахъалъул нухмалъиялъ ва цоги хIукуматалъул идарабаз щибго гьабулеб гьечIо жанир тIамуразул шартIал лъикIлъизаризе.
Садикъов Рамзан: «Семьев абулев прокурор вачIун вукIана сон гьаниве. Нижеца гьесда абуна нужеца нижее зулму рухун гуреб квачазарун гьабулеб бугин,нижер гьаниб жаниб регьаялъул гучалъ хIор чIун бугин гьеб дуда бихьулеб гьечIищан. Бихьулеб бугин абуна гьес.
-Щибха гьелда гьабизе кколеб?
-КъачIазе ккелаха, гьеб суалалда тIад ургъулел руго ниж,-ян абуна прокурорас.
-Гьеб суалалда тIад нуж лъагIалица руго ургъулел,-ян абуна дица.
Дагьаб цебегIан нижеда аскIоб бугеб камералъув цояв живго жинцаго гъанкъана, цоги камералъув кIиабилевги жинцаго гъанкъун вукIана. Гьел кIиялго гIурусал рукIана. Цогияс бидулрихьал къотIана.
Дун изоляторалъув тIамилалде цебе нижер гьалмагъ магIарулас магIалъ жиндирго чехь борлъун букIана, гьанже гьев азарханаялда вуго».
Эркенлъи Радиоялде Садикъовас ахIун букIана чанго нухалда ва гьес журналистазда ва инсанасул ихтиярал цIунулезда гьарулеб буго жиндир ва живгIадазул къисматалда хадуб хал кквезе.
Садикъов Рамзан: «Нижеца Эркенлъи Радиоялда гьарулеб буго кумек. Цеве дун жанив тIамун вукIараб Ельциналда бугеб туснахъалда нужеда бажарун букIана нижее кумек гьабизе ва нижер шартIал лъикIлъизаризе. Нижер кванилъе болъонил гьан жубай чIезе тун букIана ва рес щун букIана как базе. Гьанже дун Архангельскаялъул туснахъалде вачун вуго. Гьанибги нижеца тIалаб гьабулеб буго ниж бусурбаби рукIин чIезабизе ва нижее шартIал чIезаризе.
Гьединго кванилъе болъонил гьанги жубачIого как базе рес кьезе. Гьанир шартIал цо бусурбабазе гуребги цогиязеги квешал руго. Къануналда рекъон нижее рукIине кколел шартIал гьанир гьечIо».