Багьанаби ралагьулел цоял, чунтбузул ургъалида цогидал

Исана риидал Россиялда, хасго гьелъул жанубияб рахъалда ракъдаллъи букIиналда бан, батIи-батIиял нигIматазул багьаби рахине рес букIиналъул бицунеб буго цо-цо экспертазгун журналистаз. Масала, абулеб буго инсана чара гьечIого хIажатаб чед, гьан, рахь ва цогидалги гьединалго нигIматазул багьа жеги 20 проценталъ цIикIкIине рес бугилан.
Кванил нигIматал гьарулез абулеб буго багьаби рахинаризе кколел ругин коммуналиял магIишатаз тарифал цIикIкIинариялда ва Россиялда ракъдаллъи букIиналъул хIасилалда бан. Гьедин хъвалеб буго «Ведомости» газеталъ. Экспертазин абуни бихьизабулеб буго гьел гIиллабазда бан, росдал магIишаталъул нигIматазул багьаби жакъаялдего 20 проценталъ цIикIкIун рукIин. Амма Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерлъиялда бицухъе, захIмалъаби дандчIвалел ругониги, Россиялда ролъул гIураб нахърател рагIула ва цIакъго ургъел гьабизе ккараб хIал гьечIила.

Экономикаялъул хъвалев дагъистаналдаса журналист ГIабашилов ГIабашидайин абуни гьениб бихьулеб буго гьадинаб масъала: масала, гьаб гIагараб заманалда жаниб гьел нигIматазул рахъалъ абизегIанасеб къварилъи букIине гьечIониги, дагьаб хадуб гьелъ гIадатияв чиясул чвантида лъикIго кIутIизе бугила.

ГIабашилов ГIабаш: «Гьедин букIин нилъеда бихьула жакъа Дагъистаналъул, МахIачхъалаялъул тукабахъ ва базаразда бичулеб росдал магIишатазул нигIматазухъ балагьунги. ХIакъаб жо, дагьлъана пихъ. ЦIибил букIинаро цебе букIараб къадаралда. Ролъ бакIари дагьлъана Россиялда, Дагъистаналдаги буго гьебго хIал. Гьелъул хIасил нилъеда жакъа лъаларо, гьеб лъазе буго хасало».

ГIабашица бицухъе, гьабсагIаталда киса-кибего къварилъи рагIула харил, кIалцIидул. Бугебги хиралъун бугила 30-гIанасеб проценталъ. Гьелъул хIасилалда хаслихъе жеги хиралъизе рес бугила рахьдал нигIматал ва гьан.

ГIабашилов ГIабаш: «Цо гьоркьоб заманаялъ гьеб кинабго учузлъизе буго. Гьелъие гIиллалъунги букIина кIалцIи-хер къанагIалъиялда бан хважаинас боцIи тIаса инаби. ХIатта рахьдалал гIачигицин. Гьебго хIал букIина цогидал регионаздаги ва гьан учузлъила. Амма хадубго къанагIалъизе руго рахьдал нигIматал ва гьелда хадубго гьанги».

Гьелъул хIасилалдайин бицана ГIабашица, гIадатиял гIадамазул чунтбузда лъикIго кьабгIи щвезе букIин хIакъаб бугила.

Гьайгьай, гьоркьохъеб хIисабалда 10 азарго гъурущ гурони харжалъул щолареб республикаялда гIумру гьабун ругезе гьеб расги бигьаяб масъала гурин рикIкIунеб буго нижергун гара-чIвари ккарал цо-цо гIадатиял гIадамазги. Гьебгиха гьанжелъизегIанги харжазул рахъалъ ахада ва кванил нигIматазул хиралъиялъул рахъалъ цебесеб кьерда бугеб Дагъистаналда.

Гьанибго ракIалде щвезабун абуни, 1 июлалдаса нахъе республикаялда токалъухъ босулеб багьа цIикIкIана 6 проценталъ ва газалъухъ – 8 проценталъ. Гьелдаго рекъон цогидабщинабги.