18 августалда гьелъул кIалтIа хасаб кагъатги седон нахъе ун рукIана гьел. Амма итни къоялъул къалъуда суал тIубанин лъазабуна басмаханаялъул вакилзабаз.
Дагъистаналъул газетазулгун журналазул басмаханаялда бугеб 12 тIалаялъул щибаб ккун буго цо-цо газеталъул редакциялъ. Гьединго бищун тIаса буго музыкалияб каналалъул редакцияги, бищун гъорькегIан – Дагъистаналъул официалияб информагентлъиял
ЦIа свинабулез цебеккунго гьабураб лъазабиялъул санги гьабичIого, реакциязул нухмалъулез тIубан гьечIо гьез цере лъурал тIалабал. Масала, гьезул дагIба буго нагагьлъун цIа ккани, къватIире тIуризе бакI хутIун гьечIолъиялда. Жиде-жидер редакциязда ремонтал гьарулелъул редактораз жидедаго берцин бихьухъе къачIан руго жаниса тIалаби. Гьедин рацун руго гьеб мина балеб мехалдаго жанисан кIкIуй, яги цIа гьарун рукIарал бакIал. Гьезул бакIалда цо-цо редактораз жидеего чвердолел ва хIухь бахъулел бакIал гьарун ругин бицана ЭР-ялъе цIа свинабулез. Гьединго ремонтал гьарулеб мехалда хIалтIизарун руго пластикалъулги, гьединго хеккого цIа рекIунеб цогидаб материалги. Редакторазе гьеб учузго чIолеб буго.
ЦIа свинабулез дагIба бай гуребги, Дагъистаналъул газетазулгун журналазул басмаханаялда тIасан цойги хабарги буго. Цо-цо баяназда рекъон, басмаханаялъул директорасул хъулухъ къваригIун букIине бегьула хасал чагIазе. Амма живго басмаханаялъул директор МахIач МухIамадов гьелда божулев гьечIо.
МахIач МухIамадов: «Гуро, лъицаниги ургъараб жо гуро гьеб. ЦIа свинабулезул жидерго хIалтIи буго. Амма гьаб ахIвал-хIалалдас
Цо-цо баяназда рекъон, 19 августалда республикаялъул хIукуматалда тIобитIана гьеб суалалда тIасан хасаб данделъи. Амма щиб гьениб бицарабали жеги лъалеб гьечIо.