Дагьалъ цебе къватIибе биччан буго буго батIи-батIиял мацIазде (гьезда гъорлъ магIарул мацIалдеги) руссинарурал цIар арав бусурбабазул шагIир ва кIудияв гIалим Мавляна Жалалудин Румил тIаса рищарал рубайязул тIехьги CD-ги. Гьеб аудио хъвай-хъвагIай гьабун бугоан 2009 соналда Туркиялъул Конья шагьаралда тIобитIараб Жалалудин Руми ракIалде швезавиялъул тадбиралда. Гьелъулъ гIахьаллъизе рес швана «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасеги.
Тюрк, ингилиз, гIурус ва авар мацIазде руссинарурал Мавляна Жалалудин Румил рубайял гьесул хобалда аскIор лъабго сордоялда жанир цIалулел рукIана Ираналдаса профессор МахIмуд Ганаданица, Цолъарал Штатаздаса доктор Невит Огъуз Эргиницаги доктор Ишан Вестицаги ва цогидаз. Проекталъе продюссерлъун вукIана дунялалда машгьураб Грэмми абулеб премиялъе мустIахIикълъарав Кави Александр.
Панадунялалда къосараб сапар…
БукІун гьечІищ дуе цогидаб къадар?
Беццал гІасрабазда гъорлъан гвангъула
Лъоб зодил тІиналда ссунареб жавгьар!
Гьале гьадинаб багьа гьечIеб жавгьарлъун тIолго дунялалъ рикIкIунеб буго Мавляна Жалалудин Румица инсанияталъе абадиялъго тараб рухIияб ирс. Микьнусгоялдаса цIикIкIараб сон аниги, жакъа къоялда Жалалудин Румил асарал Магърибалда къватIире риччалел руго цогидал авторазул тIахьаздаса чанги нухалъ цIикIкIараб къадаралда. Конья шагьаралда бугеб Мавляна Жалалудин Румил Централъул бетIер доктор Эрдогъан Эролил рагIабазда рекъон щибаб соналъ гьениве зияраталъе вачIунев вуго миллион гIанасев чи. Нижеда рихьана гьенир Италиялдаса, Алманиялдаса, Франциялдаса рачIарал гурелги хIатта рикIкIадаб Япониялдасаги, Кореялдасаги рачIаралгицин.
ГIажаибаб хIужа, Ислам диналалъул гурелги - буддизмалъулги, ГIисал ва цогидал диназулги вакилзабаз Жалалудин Румил хобалда аскIор какал ралел рукIана жив-жив жиндирго къагIидаялда, Мавлянаца жидее кумек гьабунила жидерго дин бичIчIизе, – ян абулаго.
Мисалалъе босани гьиндуистал божулеб реинкарнациялда ай хварав инсанасул рухI цогидаб чорхолъ чIаголъизабиялда хурхараб гьадинаб рубай буго Жалалудин Румил мажмугIалда:
Дир гъира-шавкъалъе, йа Раби Аллагь,
Дида тIад бергьенлъи сайгъат гьабуге, –
Дудехун чорхолъа чвахун унеб рухI
Нахъеги гъанкъуге гьаб лахIтуялуб!
Гьелъ ракIалде швезарулер руго Къураналъул гьадинал аятал:
«Ва гьезги абуна: Ниж рукьбилъун ва гъура-чункарал жаллъун ругеб мехалъищ, хlакълъунго, ниж цlияб рижиялъ тlаде рахъинарулел? – абун.
Дуца абе: Нуж рукIа гамачIлъун, ялъуни маххлъун,
ялъуни цоги бижараб жолъун рукlа, чlаголъизе гьабиялдаса жиб кlодолъулеб, (ай жиб чlаголъулеблъи нужер рекlеца цlакъго къабул гьабиларилан кколеб жолъун рукlаниги, чlаголъила нуж). Гьез хадубги абулебила: Жинца ниж чlаго гьарулеб жо щиб? – ян дуца абе:Тlоцере жинца нуж рижарав (Аллагь) вуго! – ян. Гьез жидер бутlрул кlирикlизе гьарилелин дуда тамашалъун ва мун махсароде ккун. Гьезги абула: Гьеб кида букlинеб? – ан. Дуца абе:Гьеб букlине буго гlемерго гlагарда». (Суратул Исраъ, 49-51).
Цолъарал Штатазул Калифорниялда гIумру гьабулев тIадехун рехсараб проекталъул автор доктор Невит Огъуз Эргиница къватIибе биччан буго жинца ингилиз мацалде руссинарурал Жалалудин Румил асаразул къоло кIиго том. Кида гьеб хIалтIи байбихьарабин абураб нижер суалалъе гьес жаваб кьолеб буго:
Невит Огъуз Эргин: «Туркиялдаса Америкалде дун гочана I956 соналда. Дун вуго медицинаялъул гIелмабазул доктор. ГIемерал соназ хIалтIулаан азарханаялда. ВатIаналъухъ чIалгIун, гьенире рачIунел ватIанцоязда цо нухалъ дица гьарана, Туркиялъул хIакъалъулъ цо-цо тIахьал росун рачIа, ян абун. Бачун бугоан Мавляна Жалалудин Румил мажмугI. ЦIалана хехалан ва битIараб абуни, байбихьуда дида щибниги бичIчIичIо .
Цо бейт дида бихьана цIакъ гIажаибаблъун: "Дун хвезегIан дида Мун ватиларо", - ян хъвана Мавляна Жалалудин Румица. Цебе дида кколаан хварал гIадамазда шибниги бичIине кIоларебин, амма Мавлянаца дир кIвар цогидаб рахъалдехун буссинабуна... Гьес гьадин малълъулеб буго: чIагояв чиясда кIоларин ТIадегIанасул тIокIлъи бихьизе, хIатта гьеб тIокIлъи гьесда бичIулеб бугонигицин.
ПалхIасил, гьаб дица рехсараб Румил бейталъ, пири гIадин речIчIун, хисизабуна дир бербалагьи. Гьелдаса нахъе дица байбихьана дагьалъги цIодорго цIализе гьесул асарал ва дагь-дагь ккун байбихьана гьесул шигIраби руссинаризе. Руссинаруна рубайалги. Гьел къватIире риччан рукIана 1992 соналда Америкалда.
Дир хIисабалда Мавляна гьаб нилъер заманалъул шартIазда Исламалъул матIу кинигин, бакъ кинигин ккола. Гьесул асаразулъ кIудияб гIелму ва балъгояб лъай бахчун буго. Гьединлъидал дида ккола гьеб рахъалъан Мавляна аварагзабазул макъамалде гIагарлъарав гIакъил вугин.
ГIадамаз жидеде ризго кьолел суалал гьадинал руго – Щал нилъ кколел? Аллагь – Гьев щив? Щиб кколебали гIумруги хвелги? Нилъ гьанире, гьаб дунялалде щибизе рачIун ва кире унел ругелилан абурал. ЗахIматго буго гьезие жавабал ратизе. Мавлянаца абуна, гьаб дунял гьадинаб буго – цо квералъ кьолеб, цогидаб квералъ нахъе бахъулеб. Гьадин бугоха».
Конья ккола цIакъго тарихияб бакI. Иконийилан абулеб гьелъул некIсияб цIар рехсолеб буго Инжилалда. Гьениб жиндир заманалда динияб хIаракалъи гьабулаан ГIиса аварагасул рухIияв ирсилав апостол Павелица. XI гIасруялда гьеб шагьар бахъун, селжуказ гьениб тIад чIезабуна жиндирго СултIанаталъул тах. Гьелдаса нахъе хисун букIана шагьаралъул цIарги.
Амма аслияб къагIидаялда Конья ан абулеб гьеб шагьаралъул цIар дунялалда рагIана Мавляна Жалалудин Руми ва дарбиш Шамс Табризи нухтIа дандчIван хадуб. 1244 соналда букIараб гьеб тарихияб данделъиялъул гьадин бицунеб буго Цолъарал Штатаздаса доктор Ишан Вестица:
Ишан Вест: «Гьалеха, ниж рачIун руго гьенире анкьнусго сон ун хадур. Гьаб буго хIакъикъаталда тарихияб бакI. Шамс Табризигун Мавляна Жалалудин Румил лъай-хъвай ккараб. Ва гьеб лъай-хъвай инсанияталъе абадиялъго гвангъана цIва гIадин».
Доб тарихияб данделъиялъул бицунеб буго Конья шагьаралда бугеб Мавляна Жалалудин Румил музеялъул директор Эрдогъан Эролица:
Эрдогъан Эрол: «Дарбиш Шамсудин Табризица Румида гьикъанила, кин дуда кколеб лъил даража борхатаб бугебали – МухIаммад аварагасулилищ, Абу Язид Бастами шайихасулищ? ХъващтIан Румица жавабги кьун букIанила, щаклъи гьечIого МухIаммад аварагил даражаин абун. Щайха гьедин батани аварагас Аллагьасда гьарулеб букIараб, Йа Рабби, дир рекIее дурго канлъи кьун, дир нух гвангъизабе, ян абулаго? Абуязидицайин, гIаксалда, абулеб букIана жив вугила ТIадегIанасул нур бугев инсанин.
Лъиданиги лъаларев пуланав дарбишас кьураб гьедегIан захIматаб суал рагIарав Жалалудин Руми цо лахIзаталъ лъавудаса анилан. Хадуб гьадинаб жаваб кьун букIанилан – щай гурелъул жиндирго рухIияб даражаялде вахарав Абу Язидида кколаанин гьеб бищунго тIадегIанаб болъо бугин. Амма, гьесде данде ккун, МухIаммад Аварагасда бичIулаанила ахир гьечIеб рухIияб борхалъиялдехун унеб молол щибаб хIокIида тIад цогидаб бугеблъи. Гьединаб гара-чIвариялдаса нахъе байбихьана гьев кIиявго гIакъиласул щулияб гьудуллъи. Гьеб гьудуллъиялъ кIудияб асар гьабуна Мавляна Румил бербалагьиялъе».
Мавляна Жалалудин Румил гIага-божаразда ккун букIана Шамс Табризица ислам диналде данде кколареб асар гьабулеб бугин гьесие. Гьелъухъ Шамс Табризи чанги нухъалъ шагьаралдаса нахъе гъунги букIана. Ахир-къад шалали лъаларез гьев чIвазеги чIвана. Жалалудин Руми къварилъахъдизе лъугьана. Хадув пашманлъиялъукьа ворчIун, гьев вахъана тасаввуфалъул кIудияв шагIирлъун.
Амма живго Мавлянаца шагIирлъун вукIине, шагIирасул цIаралъе мустIахIихълъизе гIамал гьабичIо киданиги. Гьеб гуребги, жинца гьарурал гIемерал асаразда гъоркь гьес хъвалаан дарбиш Шамс Табризил цIар.
Мухьдахъ кечI ахIдолев шагIир дун гуро, –
Гьаб гьунаралдаса хайир ккеларо,
ГIищкъул цIураб суркIа – гьелеха нигIмат!
Дида чияр чедгун чагъир лъаларо.
Гьелдалъун Мавляна Жалалудин Румица къасд гьабун букIун батила Къураналъ какулел шагIирзабаздаса ватІа чІезе:
«Нужеда бицинищ (ле, Маккаялъул капурзаби), щайтIаби кинал чагIазтIе рещтIунелали?
Гьел рещтIуна мунагьал гIемерав кинавго гьересихъанастIе.
Гьел щайтIабаз реххула (бицуна) малаикзабаздасан жидеда рагIараб жо къагьанатзабазда, ва гьезул гIемерисел гьерсихъаби руго.
Ва кочIохъаби – шагIирлъи – жал къосаралщинал нахърилълъана гьезда.
Дудаго бихьуларебищ-лъараребищ гьел кочIохъаби рукIин каламалъул кинабго кIкIалахъе жал лъугьунеллъун (гьереси, гьибат, хьами ва цогиги кколарел, гьечIел реццал, къабихIал рагIаби).
Ва гьел рукIинги жидеца гьабулареб жо унго-унголъун абулел?» ( Сурату ЩугIараи. Аятал 22I-226).
Доб мехалдаго гIадин жакъа къоялдаги цо-цоязул гьадинабго бербалагьи буго Шамс Табризил ва Жалалудин Румил гьудуллъиялда, ян абулеб буго доктор Невит Эргиница. Цо-цояз хIатта абулеб буго Румил гIемерал рубайал Ислам диналде данде кколарин.
Ккелесеб семи цебеккунго рагIарабго гIадин Мавлянаца гьадинаб жаваб кьуна жив какулезе:
Хирияб Къураналъул гIумруялъго хъулухъчи
Аварагасул нухтIа дун вуго хIур кинигин.
Гьел гурел дир цогидал рагIаби рехсолезе
Дица гьадин абила: «Яре! Яре цереса!»
Диналъ мехтаразе данде ккун, Жалалудин Руми вукIун вуго Рокьиялъ мехтарав, ва гьеб буго ТIадегIанасе рокьи. Аллагьасулги Инсанасулги цоцахъ ккун бугеб Рокьи Къураналда рехсолеб буго кІиго нухалъ:
«Дуца абе: нуж ратании нужее Аллагь вокьулел чагlи, нуж дида нахъе рилълъа. Нуж Аллагьасе рокьила ва Гьес нужер мунагьал рахчила – Ва Аллагьги мунагьал цlакъго гурхlулев вуго…» (3:3I).
Ва: «Ле, гьал жидеца иман лъурал чагlи! Щив чи вугониги нилъедасан, жиндир диналдаса вуссун, Аллагьас бачlинабила эзул бакlалда цо къавм, жиндие элги рокьулел, эзие живги вокьулел, муъминазда тlаде гьетlарал, эзие жал гlодорегlанал гlадин чlарал, капуразда тlад жал бергьарал, къуватал, Аллагтьасул нухалъул жал ритlарал ва жал гlайиб чlвалесул гlайиб чlваялдасаги хlинкъуларел, гьеб рехсараб жо – жиндие вокьулесе Аллагьас жиб кьолеб Аллагьасул пазлу – хиралъи буго». (5:54)
Гьадинаб Рокьул тема дурусго цебетІезабулеб букІана Мавлянаца. «Рокьи» абулеб рагІи хасго гьадинаб магІнаялда гьес хIалтIизабулеб буго жиндирго киналго рубайязда.
Огь, духъ ккараб гIищкъул даруяб гIазаб
ДандчIвазе кIвечIого дица къулчIараб!..
Бидулъ дица хъварал рокьул алфазал*
ЦIалуларо дуца, кьоларо жаваб.
Гьеб рубайялда Мавлянаца бицен гьабулеб буго инсанас Аллагьгун цолъизе къасд гьабиялъулги ва гьелъие гІоло ралел каказул гуребги – зикру бачиналъулги, Мавлавийя тарикъаталъул муридзабазул кьурдиялъулги.
--------------
* «Рокьул алфазал» – диниял тlахьал.
Панадунялалда къосараб сапар…
БукІун гьечІищ дуе цогидаб къадар?
Беццал гІасрабазда гъорлъан гвангъула
Лъоб зодил тІиналда ссунареб жавгьар!
Гьале гьадинаб багьа гьечIеб жавгьарлъун тIолго дунялалъ рикIкIунеб буго Мавляна Жалалудин Румица инсанияталъе абадиялъго тараб рухIияб ирс. Микьнусгоялдаса цIикIкIараб сон аниги, жакъа къоялда Жалалудин Румил асарал Магърибалда къватIире риччалел руго цогидал авторазул тIахьаздаса чанги нухалъ цIикIкIараб къадаралда. Конья шагьаралда бугеб Мавляна Жалалудин Румил Централъул бетIер доктор Эрдогъан Эролил рагIабазда рекъон щибаб соналъ гьениве зияраталъе вачIунев вуго миллион гIанасев чи. Нижеда рихьана гьенир Италиялдаса, Алманиялдаса, Франциялдаса рачIарал гурелги хIатта рикIкIадаб Япониялдасаги, Кореялдасаги рачIаралгицин.
Мисалалъе босани гьиндуистал божулеб реинкарнациялда ай хварав инсанасул рухI цогидаб чорхолъ чIаголъизабиялда хурхараб гьадинаб рубай буго Жалалудин Румил мажмугIалда:
Дир гъира-шавкъалъе, йа Раби Аллагь,
Дида тIад бергьенлъи сайгъат гьабуге, –
Дудехун чорхолъа чвахун унеб рухI
Нахъеги гъанкъуге гьаб лахIтуялуб!
Гьелъ ракIалде швезарулер руго Къураналъул гьадинал аятал:
«Ва гьезги абуна: Ниж рукьбилъун ва гъура-чункарал жаллъун ругеб мехалъищ, хlакълъунго, ниж цlияб рижиялъ тlаде рахъинарулел? – абун.
Дуца абе: Нуж рукIа гамачIлъун, ялъуни маххлъун,
ялъуни цоги бижараб жолъун рукlа, чlаголъизе гьабиялдаса жиб кlодолъулеб, (ай жиб чlаголъулеблъи нужер рекlеца цlакъго къабул гьабиларилан кколеб жолъун рукlаниги, чlаголъила нуж). Гьез хадубги абулебила: Жинца ниж чlаго гьарулеб жо щиб? – ян дуца абе:Тlоцере жинца нуж рижарав (Аллагь) вуго! – ян. Гьез жидер бутlрул кlирикlизе гьарилелин дуда тамашалъун ва мун махсароде ккун. Гьезги абула: Гьеб кида букlинеб? – ан. Дуца абе:Гьеб букlине буго гlемерго гlагарда». (Суратул Исраъ, 49-51).
Цолъарал Штатазул Калифорниялда гIумру гьабулев тIадехун рехсараб проекталъул автор доктор Невит Огъуз Эргиница къватIибе биччан буго жинца ингилиз мацалде руссинарурал Жалалудин Румил асаразул къоло кIиго том. Кида гьеб хIалтIи байбихьарабин абураб нижер суалалъе гьес жаваб кьолеб буго:
Невит Огъуз Эргин: «Туркиялдаса Америкалде дун гочана I956 соналда. Дун вуго медицинаялъул гIелмабазул доктор. ГIемерал соназ хIалтIулаан азарханаялда. ВатIаналъухъ чIалгIун, гьенире рачIунел ватIанцоязда цо нухалъ дица гьарана, Туркиялъул хIакъалъулъ цо-цо тIахьал росун рачIа, ян абун. Бачун бугоан Мавляна Жалалудин Румил мажмугI. ЦIалана хехалан ва битIараб абуни, байбихьуда дида щибниги бичIчIичIо .
Цо бейт дида бихьана цIакъ гIажаибаблъун: "Дун хвезегIан дида Мун ватиларо", - ян хъвана Мавляна Жалалудин Румица. Цебе дида кколаан хварал гIадамазда шибниги бичIине кIоларебин, амма Мавлянаца дир кIвар цогидаб рахъалдехун буссинабуна... Гьес гьадин малълъулеб буго: чIагояв чиясда кIоларин ТIадегIанасул тIокIлъи бихьизе, хIатта гьеб тIокIлъи гьесда бичIулеб бугонигицин.
ПалхIасил, гьаб дица рехсараб Румил бейталъ, пири гIадин речIчIун, хисизабуна дир бербалагьи. Гьелдаса нахъе дица байбихьана дагьалъги цIодорго цIализе гьесул асарал ва дагь-дагь ккун байбихьана гьесул шигIраби руссинаризе. Руссинаруна рубайалги. Гьел къватIире риччан рукIана 1992 соналда Америкалда.
Дир хIисабалда Мавляна гьаб нилъер заманалъул шартIазда Исламалъул матIу кинигин, бакъ кинигин ккола. Гьесул асаразулъ кIудияб гIелму ва балъгояб лъай бахчун буго. Гьединлъидал дида ккола гьеб рахъалъан Мавляна аварагзабазул макъамалде гIагарлъарав гIакъил вугин.
Инсанияталда цере ругел суалазе Мавляна Румица жавабал кьолел гьечIо, гIаксалда, гьес жиндирго асаразда цIиял суалал кьолел руго.
Доктор Невит Огъуз Эргин.