Анкьил суратал

Санкт-Петербург, 27 март (Reuters/Alexander Demianchuk)

Тбилисиялда 27 марталда букlараб Россиялъул рахъ ккуразул ва гьелде данде ругезул митингазул активистазул тунка-гlуси. (Reuters/David Mdzinarishvili)

Крымалъул Керчалдаса 23 марталда лъутизе ккарав Украиналъул офицерасул лъади 21 сон барай Мария Лац жиндирго ункъго моцl барай ясгун Мариуполалда заманаялъ гьезие бихьизабураб бакlалда. (Reuters/Yannis Behrakis)

Мариуполалъул ралъдал рагlалда ччугlа кколел. (Reuters/Yannis Behrakis)

Афгъаназул яс. (Reuters/Zohra Bensemra)

Иерусалималда ультраортодоксалиял жугьутlаз хlадурулеб буго маца. (epa/Abir Sultan)

24 марталда Франкфурталда ракlалде щвезарулел рукlана Кацбах концлагералъул къурбанал   (Reuters/Kai Pfaffenbach)

Белорусиялдаса оппозициониял активистаз рорхун руго жидерго хъахlаб-багlараб-хъахlаб ва Украиналъул байрахъал Минскалда Украналъул рахъ ккун тlобитlулеб акциялда.  (AFP/Sergei Gapon)

Приштинаялда гlагараз рукъизе рослел руго 1998-99 соназда Сербазул аскарияз чlварал албаназул 46-ясул рукьби жанир лъурал табутал.  (epa/Valdrin Xhemaj)

Malaysia Airlines компаниялъул билараб "Боинг 777" лайнералда тlад рукlаразул гlагарай. Пекиналъул петер. (Reuters/Kim Kyung-hoon)

Афгъанистаналда президентасул хъулухалде кандидат Гlабдул Расул Сайяфил рахъ ккурал Гьераталда.  (epa/Jalil Rezayee)

 Вехь. Афгъанистан. Джалалабад. (Reuters/Parwiz)