Анкьил тIаса рищарал суратал. Февраль, 8-14
Коломна. Къадада бахъараб гIурусазул бахIарчи Дмитрий Донскоясул сурат. (epa/Sergei Ilnitsky)
Сириялъул тахшагьар Димишкъиялъул (Дамаскалъул) къватIалда лъимергун кодоб екерун уней чIужу-гIадан. (AFP/Amer Almohibany)
Донецкалда Украиналъул аскариязда ва Россиялдехун руссарал сепаратистазул рагъукъабазда гьоркьоб багъарараб кьалдаса нахъе жиндирго бихъараб гаражалда эхетун чIарав чи. (Reuters/Alexander Ermochenko)
Мигрантазул лъимер. Сид, Сербия. (Reuters/Marko Djurica)
Китаялъул Хубеи вилаяталда жиндирго МоцIрол календаралда рекъон цIияб сон кIодо гьабулеб гIадамал. 12-билеб февраль.(Reuters)
Турказул цо хъизам. Килис шагьар. (AFP/Bulent Kilic)
Исламияб инкъилаб гьабуралдаса 37 сон тIубаялъул байрам кIодо гьабулел школлъимал. Тегеран. 11-билеб февраль. (AFP/Atta Kenare)
Афгъанистаналъул Гъазни вилаяталда бугеб тIурун чIаразул мархьиялда хIалел лъимал. (AFP/Sayed Zakeria)
Хорватиялде рачIарал мигрантазул цояй. (Reuters/Darrin Zammit)
Афгъанистаналъул чIужу-гIадан. (epa/Hedayatullah Amid)
20 сон барав Сириялдаса мигрант Пелен ХIусен Туркиялъул ралъдал хвасарчагIаз хвасар гьавуна Эгей ралъдалъ. (Reuters)
Сириялъул бахIарал. Хомс. (AFP/Joseph Eid)
Грециялъулгун Македониялъул гIурхъида лъимергун кодоб эхетун чIарай мигрант-чIужу.
(AFP/Robert Atanasovski)
Афгъанистаналъул Мазари-Шариф шагьаралда букIараб суицидалияб гьужумалъул хIасилалда лъукъарав гьитIинав вас вачунев аскарияв. Февралалъул 8-билеб. (AFP/Farshad Usyan)