Анкьил тΙаса рищарал суратал. Август, 18-24

Москва. КΙалбиччанкъоялъул как балеб мехалда низам цΙунун буго полициялъулаз.

КΙалбиччанкъоялъул как Киргизстаналъул тахшагьар Бишкекалъул централда.

Тегеран. КΙалбиччанкъоялъул байрамалъул тΙоцебесеб къо. Как балеб буго руччабаз.

Пакистан. Карачи. Хъизан вараниялда рекΙун унеб буго КΙалбиччанкъоялъул байрамалде.

Мароккоялъул къирал МахΙамад IV (централда) живго тахалде вачΙун Ι3 сон тубаялда бан тΙобитΙулеб байрамалда

Печораялъул ралъад. Гринписалъул ишал тΙуразарулев директор Куми Найдуца (гъоркь) кильщаз бихьизабулеб буго бергьенлъиялъул ишара Арктикаялда бугеб Газпромалъул «Приразломная» абураб нартил платформаялда протесталъул акция тΙобитΙулеб мехалда.

Каир. Тахрир майдан. 24 август. Демонстрация унеб мехалда Мисралъул президент МахΙамад Мурсил рахъ ккураздаги гьесде данде ругездаги гьоркьоб ккараб конфликт.

Пхеньяналдасан жанубиябгун магърибалъул рахъалда бугеб чΙинкΙиллъиялда солдатал ва бакΙалъулал гΙадамал гΙедегΙун руго гьениве щварав Шималияб Кореялъул лидер Ким Чен Ынгун данчΙвазе.

Иерусалималда хасидазул рухΙияв лидер раввин Авраам Хаим Рота вукъиялъул церемониялде унел ультраортодоксалиял жугьутΙазул къокъа.

Киев. 23 август. Украиналъул миллияб байрахъалъул байрамалда.

Огайо штаталъул Колумбус шагьаралда калам гьабулеб мехалда Цолъарал штатазул президент Барак Обамал гьумер телесуфлералъ къан бугеб заманалда бахъараб сурат.

Тель-Авив. 23 август. Ираналда кьабиял щвезабиялде данде букΙараб демонстарциялда хадуб.