Жидер хIалтIул къо ругьунаб къагIидаялъ байбихьанин ва киналгIаги хIалтIухъабиги жидер бакIазда ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе, цIар бицине бокьичIей, Россиялъул Пенсионияб фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул хIалтIухъаналъ. Гьелъ кьурал баяназда рекъон 30 октябралъ радал I0 ялдаса къаси 7 тIубазегIан халат бахъун буго гьей хIалтIулеб бакIалда къуваталъул идарабаз бараб чIухь. Гьеб къоялъ бакъанида 5 тIубараб гIадаб мехалда хIалтIулел бакIазда хутIун вукIарал кинавго чи рокъоре риччан руго хасал идарабазул вакилзабаз. Гьел жидеего къваригIарал документалги росун нахъе ун руго, нахъисеб къоялъ нужерго хIалтIуде руссайилан гьездаги лъазабун буго.
Эбелалъул капиталалда свверун гIемераб хIилла-рекIкI гьабиялъул щаклъи букIун байбихьун бугин Пенсионияб фондалда чIухь байилан абураб информация тIибитIизабун букIана къуваталъул идарабаз. Журналист ва политолог Маркъо ШагIбановас кьурал баяназда рекъон Сайгид МуртазгIалиев хъулухъалдаса иналъе гIоло гьабулеб буго гьеб кинабго хIалтIи.
Маркъо ШагIбанов: «Гьениб хал-шал гьабизе бугин абурал баянал цереги щолел рукIана. Хасал хъулухъалъул хIалтIухъабаз эбелалъул капиталалъе федералияб бюджеталдасан биччараб гIарцул суалазе гIоло гьабулеб бугин гьеб ишин абураб баянги щун букIана нижехъе. Цо-цо гьеб кинабго хIалтIи Сайгид МуртазгIалиев хIалтIудаса хъущтIизавизеялъ
«Миллат» газеталъул редактор МухIамад БисавгIалиевасул пикруялда рекъон Сайгид МуртазгIалиевасу
МухIамад БисавгIалиев: «Гьагъал чIухьал дир пикруялда рекъон СагIид Амиров жанив тIамун хадуб федералияб централъ Дагъистаналда гьабулеб политикаялъул кIиабилеб свери бугилан. Гьелда нахъа Рамазан ГIабдулатIипов вугищалиги абун бажаруларо дида, щай гурелъул нилъеда лъаларо Рамазан ГIабдулатIипов гьанивеги вачIунищ гIадлу гьаибизе байбихьараб, яги гIадлу гьабизе бугин абун хIукмуги къотIун щиб-кинали гIадамазда бичIчIизабизейищ гьев гьаниве витIаравали. Гьаб сагIат гуро гьеб Сайгид МуртазгIалиевасд
Интернеталдаги цIакъ кIудиял бахIсал рижизаруна Пенсионнияб фондалда чIухь балеб бугин абураб информациялъ.. Амма бищунго гIемер гIадамазада гIадлъун бихьана Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер хисулев ХIажи МахIачевасул цIаралда гьабураб аккаунталдасан твиттералда хъваралъ. Гьениб хъван бугоан - жакъа цIакъ лъикIаб къо бугин, щай гурелъул радалго лъанила Пенсионнияб фондалла чIухь балеб букIин, гьелъ жив цIакъ воххизавунилан. ЦIогьор туснахъалъув вукIине кколилин.
МахIачевасул кумекчIужу ПатIимат МустIапаевалъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьеб гьадингояб хабар бугилан.
ПатIимат МустIапаева: «Гьев гьадингояб чIанда буго гьеб твиттералда хъванщинаб. Щалали лъаларел чагIаз хъвараб жо буго гьеб. ХIажи НухIиевичасул твиттералъулгун кинабниги гьоркьоблъи гьечIо. Гьес цониги социалияб сеталда регистрация гьабун гьечIо».
Гьеб гурониги Сайгид МуртазгIалиевасу