Щив чи кколев Павел Печенкин (видео)

Эбел-инсуе жаваб Павел Печенкиница кьуна интернеталдасан

Волгоградалда теракт гьабиялда бан жиндир цIар рехсолев вугев Павел Печенкин бащдаб лъагIалидасаниги цIикIкIун заманаялъ Дагъистаналъул Буйнакск шагьаралда вукIанин, гьединго гьев рокъове тIадвуссинавизе къваригIун исана Дагъистаналде Печенкинил эбел-эменги рачIун рукIана.

Дербенталдаса Оксана Аслановалъул рахъалъ баян ритIухълъичIеб мехалда Волгоградалъул теракталъе гIайибиявлъун низам цIунулез Павел Печенкин рехсезе лъугьана.

Гьелда бан жеги официалияб информация гьечIо, гIицIго интернеталда жал рехсезе бокьичIел низам цIунулезде мугъчIвай гьабун кьурал баянал гурони. 30 декабралда Павел Печенкинил инсухъа би босун рагIула ДНКялъул анализ гьабизе. Гьелъул жавабалдаса хадуб гурони гьабизе гьечIо чIванкъотIараб лъазаби.

ГьечIо гьединаб баян Россиялъул миллияб хIинкъи гьечIолъиялъул комитеталъул сайталдаги. Гьениб хъван буго Волгоградалда теракт гьабунин чIужугIаданалъ гуреб, славяназул куц-мухъалъул бихьинчияс. Гьесда цадахъ кумекчагIиги рукIун ратулин. Гьесул щаклъи ккун буго гранатаялдаса бахъараб чекаялда хутIарал бихьинчиясул расеназда.

Павел Печенкин ккола Марий Эл республикаялдаса. Абулеб буго бащдаб лъагIалидаса цIикIкIун мех бугин гьев Дагъистаналде изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазулъе аралдаса. Ансар Ар-Руси абун исламияб цIарги босун буго гьес.

Исана хаслихъе Дагъистаналде рачIун рукIана Печенкинил эбел-эменги. Жидеда гьанир Дагъистаналда тIокIалъ гьечIелгIан лъикIал гIадамал дандчIвалел ругин. Гьеда данде вагъизейищин мун гьаниве арав, вусса рокъовеян интернеталдасан хитIаб гьабуна гьез. Амма гьелъул хIасил ккечIо.

Фаназия Печенкина: «Дида лъаларо кин дуда бичIчIчизабилебали нуж киналго кIудияб хIакъикье ккун рукIин. Нуж руго тIалъиялда данде ун, нуж руго эбел-инсуда дандечIун. Нужеда гъорлъ ругел лъималазул умумуз щай жидерго лъимал рехун тун ругел? Эбел-эменги цадахъ гьечIого гьел гIезари бигьаяб жойищ кколеб? Дуца ниж жужахIалъуре рехун руго… Къуръаналдаги буго гурищ абулеб эбел-инсул разилъи гьечIого гьабураб жоялда баркат лъоларилан. Паша! Щай дуца нижеда гьаб къо чIезабун бугеб? Щай? Вусса рокъове!»


Эбел-инсуе Павел Печенкиница жаваб гьединго интернеталдасан кьуна. Эбел-инсудасаги цеве вукIине кколин чиясе Аллагь, гьедин жив Аллагьасул нухда вугин вагъулевин жаваб кьуна васас гьезие.

Ансар ар-Руси абураб цIаралда гъоркь гьес гьарурал вагIзаби ва малъа-хъваял руго интернеталда. Масала, президентлъун вукIаго МухIамад-салам МухIамадовасде гьабураб хитIабги буго гьениб.

Буйнакскиялде вачIиналде Печенкин щуго соналъ фельдшерлъун Казаналда хIалтIун вуго. Цинги гьудулгун цадахъ вахъун цо заманалда Москваялде ун вуго. Заманго иналде гьудул тIадвуссун вуго, амма Печенкин – гьечIо. Щиб кинали цIехезе сакIое арай Печенкинил эбелалда щибниги бицун гьечIо дов гьудулас, хIинкъун вукIанила гьев. Гьеб мехалда инсуца байбихьун буго васасул телефоналде ахIизе. Амма кавказиясул лъугъаталдалъун кIалъалев чияс абунила тIокIалъ кIалъагейин гьениве, гьаб жиндир телефон бугин, живги Ростов мухъалъул Шахты шагьаралда чIарав чи вугин.

Печенкин исламалде гIагарлъун вуго 2011 соналъул хасало. ТIубан гьес гьеб къабул гьабун буго тIасияб соналъул январалда.

Печенкинил эбел-эмен исана Дагъистаналде рачIиндал, Буйнакскиялъул полициялъ абун буго нужер васасда хадуб кинабгIаги би гьечIин, гIицIго изну гьечIого яргъид гIуцIарал къокъабазда вукIин гурони.

Бицен гьабулел видеохитIабаздаса хадуб Печенкинил цIар машгьурлъун букIана интернеталда. Гьедин Волгоградалда теракт гьабиялъулъ гьесул цIар рехсезе байбихьидал цо-цо дагъистанияз гIажаиблъизарулел руго гьедин хадуб халкквей бугев чи Буйнаскиялдаса Волгоградалде щвезегIан унаго низам цIунулез тIатине гьавичIолъиялда.